МагъчIваялъе рес

Къадаралде щун вуго шайих МухIаммад Мухтар Бабатов


Дагъистаналда бищун рикIкIунел гIалимзабазул цояв, МухIаммад Мухтар Бабатов къадаралде щун вуго. Гьесул муридзабазул къадар анцIазариде бахун букIнин абулеб буго гьесул цIалдохъабилъун рукIарал имамзабаз. МухIаммад Мухтар цIакъго машгьурав вукIун вуго лъарагIазда гъорлъ.

МухIаммад Мухтар Бабатов халкъалда гъорлъ машгьурав вукIана Кяхулаялдаса МухIаммад Мухтар шайих абун, гьес гIумру гьабураб бакI МахIачхъалаялдаса рикIкIад гьечIеб Кяхулай росу букIиналъ.

БатIи-батIиял баяназда рекъон гьесул муридзабазул къадарги лъабазаридаса анцIазар чиясде бахунеб буго.

Шайихас жиндирго вагIзаби ва тIолго насихIатчилъи гьабулеб букIун буго аслияб куцалда лъарагI мацIалда. ЛъарагIазул жамгIияталда гъорлъ гьесул кIудияб цIайиги букIанин абулеб буго МахIачхъалаялъул Венгеразул рагъухъабазул къватIалда бугеб мажгиталъул имам хисулев МухIамад МухIамадовас.

Кяхулаялдаса МухIаммад Мухтар рикIкIад вукIанин Дагъистаналъул РухIияб идараялдаса, щай гурелъул гьесие къабулал рукIинчIин шаргIалде данде кколарел жал ва динги цогидабги жубазабийин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе имам хисулев МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Гьес гIелмияб хIалтIи гьабулаан, динияб лъай кьей, вагIза-насихIатал гьариялда тIадчIолаан, цадахъго гьев вукIана цIакъго машгьурав маслигIатчи хIисабалда. Рагъ-кьал ккарал, ричIчIунутIиял ккарал чагIи рачIунаан гьесухъе маслигIаталда хадур, Цо киб бугониги ккараб жо букIун маслигIаталъе ахIаравгоги вачIунаан гьев, киданиги инкар гьабулароан. ГIемерал мажгитазул имамал ккола гьесул цIалдохъаби. Цо кинаб букIанги хIукмуялда бан гьеб мекъи гьабун бугин абунани лъицаниги, гьес бичIчIизабулаан, гьеб хIукму гьабиялъе гIиллаби ва гьеб щай гьедин гьабурабали. Гьев халкъгун цадахъ вугев чи вукIана, халкъги гьесул пикрудахъ гIенеккулаан. Цадахъго, гьанже цо-цо цо рухIиял церехъабазулъ бугеб, жалго гIадамаздаса ратIа гьари, гьесулъ букIинчIо. РукIинчIо гьев цIунелел чагIи ва цогидаб».

ЖамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаровасул пикруялда МухIаммад Мухтар шайихасул аслияб хIаракатчилъи букIун буго бусурбабазул уммат бикьизе тунгутIиялъе гьабулеб хIалтIулъ. Накъшубандияб тIаикъаталъул Дагъистаналда рукIарал лъабго гIалимчи ЧIикIаса СагIид афандида, ХIурикIалдаса Сиражудидаса хадув цо хутIарав вукIанила гьев

Абакар Абакаров: «Дида гьесул хIакъалъулъ цебегоялдаса гIемер бицунеб рагIун, гьесухъе ана дун, ва гьев лъикI лъалаан. Гьев вукIана гIемер рахъал ругев чи. Киналго Дагъистаналъул рухIиял мадрасабаз къабул гьавулаан гьев ва гьесул кIудияб цIайиги букIана. ГIемераб хIалIтIи гьабулеб букIана гьес халкъалда гъорлъ цолъи цIуниялъе ва жиндирго мутагIилзабаздаги гьебго малъулеб букIана. Гъваридаб лъай бугев чи вукIана гьев».

МухIаммад Мухтар гьавун вуго 1954 соналъ, Гъарабудахкент мухъалъул Параул росулъ. Совет хIукумат биххизегIан гьев вукIун вуго Тарки росдал имамлъун. 1989 соналдаса бахъун гьес бетIерлъи гьабун буго Шималияб Кавказалъул бусурбабазул рухIияб идараялъе, хIукумат биххигун, гьеб хадубккун щибаб республикаялъул идарабазде биххизегIан. Совет хIукумат биххун хадусеб заманалда гьев вукIун вуго хIежалде ине гIадамазе рес щвеялъул рахъ ккун гIемер хIалтIи гьабурав чилъун.

МухIаммад Мухтар шайих унтун вукIун вуго ахираб заманалда , 11 ноябралъул сардилъ гьев къадаралде щун вуго. 12 ноябралда шайих вукъун вуго Кяхулай росулъ.

XS
SM
MD
LG