МагъчIваялъе рес

Шайих чIваялъул гIайиб гIунтIизабуразе бихьизабуна тIолабго гIумруялъул туснахъ


Диваналъ гIумруялъ туснахъ гьаризе хIукму къотIана ЧIикIаса СагIид – Апанди чIваялъул гIайиб гIунтIизабулеб букIаразул лъабгов, цоясе 12 сон кьуна диваналъ.

Гьезул цохIонигияв гьеб такъсир гьабиялъе мукIурлъичIо ва диваналъул хIукмуялда рази гьечIо гьел. Адвокатазги лъазабулеб буго жидеца гьеб хIукмуялда тIасан гIарз хъвазе бугилан.

СагIид–Апанди чIваялъул гIайиб гIунтIизабулел рукIарал Лабазанов Шихмирзаги, ХIажиев МухIамадги, ГIамирханов МухIамадгIалиги гIумруялъ туснахъ гьавизе хIукму къотIана Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ. Гьеб такъсир хIадуриялъулъ гIахьаллъи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулев вукIарав Исрапилов АхIмад 12 соналъ туснахъ гьавизе хIукму къотIана диваналъ. Диваналда ахирисеб рагIи абизе рес кьураб мехалда гьезул цохIонигияв СагIид-Афанди чIваялъе мукIурлъичIо. Жал гьеб ишалда аскIорецин къарал чагIиги гурин, устарасул рокъоб кьвагьи бахъинабурай Аминат Сапрыкиналда щиб ракIалда бугебали лъалебги букIинчIилан лъазабуна гьез.

РакIалде щвезабилин 2012 соналъул 28 августалда СагIид Афандил рокъой Аминат Сапрыкиналъ жийго жинцаго кьвагьизаюн хадув 8 чи хвана. ТIарикъаталъул устарасда цадахъ хвана гьединго гьесде зияраталъ рачIун рукIарал гIадамалги, гьезда гьоркьоб цо лъимерги букIана. ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон Сапрыкина гьесул рокъое зияраталъ ячIарай гIадан хIисабалда лъугьун йиго, гордида гъоркь борчун букIун буго гьелда кьвагьулеб алатги.

2012 соналъул декабралда хасал тадбиралги тIоритIун ккун руго гьел лъабалго. ЦIех-рехалъ лъазабуна гьел церехун рехсарал ункъалго кколила гендерил Сулейманов МухIамадица нухмалъи гьабулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи ва гьез хIадуранила СагIид Афанди чIваялъе кьвагьулеб алат ва гьез щвезаюнила Сапрыкина гьесул рокъоейилан. Гьебго такъсирияб къокъаялъул гIахьалчи вугин рикIкIунев Исрапилов АхIмад 15 соналъ туснахъ гьавейилан абулеб букIана прокурорас. Гьесде гIарцухъ гIадамал рикъиялъул ва изну гьечIого ярагъ цIуниялъул гIайибал гIунтIизарулел рукIана.

8 апрелалда гьа баразул диваналда прокурорас Лабазанов, ГIамирханов ва ХIажиев гIумруялъ туснахъ гьарейилан тIалаб гьабун хадуб ва гьеб хIукмуялда диван разилъараб мехалда гьезул рахъккураз цIакъ кIудияб ахIи-хIур бахъинабун букIана. Гьез лъазабулеб букIана гьеб хIукму кутакалда кьварараб бугин, гьел гIолохъабазда тIад гIайиб чIезабунги гьечIила, жамгIияталъ ва тIалъиялъ тIадецуйги гьабулеб бугин диваналдейилан.

Гьединабго пикру буго Лабазанов Шихмирзал адвокат ХIамидов Ринатилги.

ХIамидов Ринат: «Гьезул цонигияв рази гьечIо диваналъ къотIараб хIукмуялда, дица гьелда тIасан гIарзаги хъвазе буго. Диван кутакалда тIаса-масаго ана гьединабго цIех-рехги букIана. ГIайиб гIунтIизабулеб рахъалъул цониги кьучIаб далил букIинчIо гьел чагIаз гьеб такъсир гьабураблъи бихьизабулеб ва гьезда тIад гIайиб чIезабулел. БукIинего букIараб Аминат Сапрыкиналъул телефонги гьез тIагIинабуна. Гьеб телефоналда смсал ругила Лабазановасулги Сапрыкиналъулги бухьен букIараблъи бихьизабулебилан абулеб букIана цIех-рехалъ, гьелда релъарал цойгидал лъазабиялги гьарун рукIана гьез. Амма дица рихьизарейин гьелин абураб мехалда бихьизабичIо гьез щибниги, хадуб тIубан тIагIана гьеб телефонги. Гьеб гурониги диваналъ хIисабалде босичIо гьел гIолохъабаз цойгидал такъсирал рагьизе кумек гьабураблъи. Масала Лабазанов Шихмирзаца чанги ярагъ, кьвагьулел жал рахчарал бакIал рихьизаруна. Гьес цIех-рехалъе гьабураб кумекги хIисабалдего босичIо диваналъ».

Гьединго Ринатица бицана диваналъ кьварараб хIукму къотIичIого толареблъи лъалеб букIанила киназдаго. Жалго устар чIваялъул гIайиб гIунтIизабулелги гьеб хIукмуялде хIадурун рукIанин абизе бегьулила, щай гурелъул киназдаго лъалеб букIанила диваналде тIаде цIакъ кIудияб тIадецуй гьабулеб букIин тIалъиялъги, жамгIияталъги. ЦIех-рехалъул чагIазе щал жанир тIамуниги батIалъи букIинчIила, гьеб такъсир рагьанин жидецайин абун хIисаб кьезе рес щвезе къваригIун букIанилан.

XS
SM
MD
LG