МагъчIваялъе рес

Рощнол дагIба


1 февралалда МахIачхъалаялда митингалде рахъун рукIана чамалиго моцIаз харжал щвечIел «ЭКО-М» компаниялъул лъухьарухъаби.

1 февралалда МахIачхъалаялда митингалде рахъун рукIана рищни-къулалдаса тахшагьар бацIцIад гьабулеб ЭКО-М компаниялъул хIалтIухъаби. Гьез абулеб буго жидее кьолел гьечIин харжал, премиял, гьединго цIикIкIинабун бугин бакIаризе кколеб бакI, тIалъиялъул рахъалдасан жидедехун бербалагьиги цIакъго ццидалаб бугилан. Амма гьеб компаниялъул нухмалъулес гьеб кинабго гьереси гьабулеб буго.

Рищни-къулалдаса шагьар бацIцIад гьабулеб «ЭКО-М» компаниялъе кьезе тIадаб 25 млн 600 азарго гъурущ жидеца январь моцIрол байбихьудаго битIанин жаваб кьуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялъул мэриялдасан. Шагьаралъ гьезие гIарац кьолеб буго гIицIго къватIал лъухьаралъухъ. Рощнол гохIал ракIараралъухъ гIарацин абуни шагьаралъул гIадамаз бецIулеб буго гьезие.

1 февралалдайин абуни МахIачхъалаялда митингалде рахъун рукIана чамалиго моцIаз харжал щвечIел «ЭКО-М» компаниялъул лъухьарухъаби.

ЭР-ялъе гьез бицана жидее харжал кватIизарулел ругин компаниялъул нухмалъиялъ, хIалтIиги цIикIкIинабун бугин, тIадежоялъе хъачIаб бербалагьиги бугин гьезул рахъалдасан. Масала, митингалде рахъаразул цояй, ПатIимат МухIамадовалъ гьадинаб баян кьолеб буго.

ПатIимат МухIамадова: «Ниж гIарцуе гIоло ракIарун рукIана майданалде. Ниж гIад-хоч гьарулел руго, харжалги кьечIого. Гьединго гьел кватIизарурал гIечIого, бугебги тIаса къотIулеб буго харж. Масала, 8 азаргоялъул бакIалда 7 азарго кьолеб буго. Бербалагьиги буго нижедехун хъачIаб – цIакъ рокьукъго кIалъалел руго нижедехун компаниялъул нухмалъулел. Хасго гIолохъанал нухмалъулез буго тату хвезабун. Цо даргиялде цояс абураб жо рагIун, тIубан ракIбуссана дир гьеб контораялдаса. КIудиял чагIазда гъодин кIалъазе бегьуларо».

ЭР: «Щай гьезул ццим бахъун бугеб нужеда?»

ПатIимат МухIамадова: «Нижеда ццим бахъине жо гьечIо гьениб. Гъозие нижер гIарац «кваназе» къваригIун буго. Масала, нижеда абулеб буго радакье сагIат 3-4 –ялда рахъайин хIалтIизе. Гьеб мехалда нижее кьезе ккола къаси хIалтIулезе гIадал харжал. Дида лъала гьеб кинабго – сундухъ кигIан кьезе кколебали. Гьелъ дун рихунги йиго дозда. Гьелда тIадеги хIалтIул заралалъухъ кьезе бихьизабураб гIарацги букIуна нижее, амма гьеб бихьулароха нижеда. Я кьолел премиялги гуро нижее. Нижеца бацIцIад гьбаизе кколеб бакIги цIикIкIинабун буго – 3 азарго квадратияб метралдаса 4 азаргоялде щвезегIан. Гьединлъидал мекъаб гурони жо гьабулеб гьечIо».

ЭР-ялъ цIехана «ЭКО-М» компаниялъул пикру. Гьелъул нухмалъулев Расул ГIабдурахIмановас тIубан гьереси гьаруна митингачагIазул тIалабал. Масала, лъицаниги цIикIкIинабун гьечIила рищни бацIцIад гьабулезе бихьизабураб хIалтIул къадар. Шагьаралъулгун къотIи хъвараб контракталда бихьизабун бугила щивав хIалтIухъанас 3 азаргогун нусго квадратияб метра бацIцIад гьабизе кколилан. ГIицIго гьелъухъ кьолеб гIарац бугилаха цIакъго мукъсанаб жо. Гьедин бихьизабун бугила контракталда. Гьединго «ЭКО-Малъул» нухмалъиялъ 8 азаридаса 7 азариде щвезегIан харж тIаса къотIун бугин абиги кколила лахIчIегIераб гьереси. Щайин абуни унголъунги микьазарго щолила гьезие, амма харжидаса тIаса кколеб 13 проценталъул магъалоги малъун гьезухъе 7 азаралда хадуб щолила. Гьединлъидал гьебги жидер гIайиб гурила.

Цебехун ЭР-ялъе ПатIимат абурай гIаданалъ бицун букIана радакье сагIат 3-4 –ялда рахъинарун хIалтIулин жал. Гьебги гьереси гьабулеб буго Расул ГIабдурахIмановас. Радал сагIат 6-ялда рахунила гьел.

Расул ГIабдурахIманов: «Чан сагIаталъ гьел хIалтIуда рукIунелин щай гьикъулареб? Риидал рахъуна гьел радал щугоялда, амма анкьго тIубалалдехун гьел ралагьизе ккола кир ругелали. ТIагIун ратула. Нужее гIахьучIалги рицун, жидедаго ракI гурхIизабулеб буго гьез. Цинги нуж, журналистал, рукIуна гьез бицанщинал жалги хъван нижеде гIайибал гIунтIизарулел. Гьезие харжал кватIизарулел рукIиналъе нижги мукIурал руго. Жеги ноябрь-декабаралъулгицин кьун гьечIо гьел. Жакъа-метер гъулбас лъелин абулеб бугоха гьеб документалда. Гьединлъидал «ЭКО-Малъул» тIири гIайиб гьечIо гьеб бакIалда. Гьеб буго МахIачхъалаялъул администрациялъул гIайиб. Гьенисан кьурабго къоялъ нижецаги бикьила хIалтIухъабазе гьеб. Гурони дие гьезул магIаби къваригIун гьчеIо. Нужеца гъозда щай гьикъулареб хIалтIуда рукIиналъул хъвай-хъвагIай бугел документал, яги сакъатлъиялъул документал ругелищин гьезул. ТIокIалъ хIалтIуде восизе чи гьечIолъиялъ росизе кколел руго нижеца гьел. Гьеле гьелъул буго нижее бищунго бетIерунти. Гурони рагIи абуни, магIаби риччалел руччаби щал рукIунелали».

ПалхIасил, цебехун бицухъе, шагьаралъ ЭКО-Малде битIараб гIарац жеги щун батиларин банкалдасан квекIенал ккунилан абуна мэриялъул хIалтIухъабаз. Амма гьелдаго цадахъ гьел кIиязулго дагIба лъугIулеб гьечIо. Жидеца цIикIкIун хIалтIи гьабунилан, мэриялъ кьолеб гIарац дагьлъун бихьулеб буго рищнидул компаниялда. Гьеб мехалда мэриялъ гьелда ракIалде щвезабулеб буго цIияб соналъул къояз гьеб компаниялъ ракIаричIого тарал рощногохIал.

Цо-цо баяназда рекъон, гIицIго гьеб компаниялъулгун гурони къотIи-къай гьабизе ихтияр кьолеб гьечIо МахIачхъалаялъул мэриялъе. Гьелъул бетIергьабазул цо-цоял Москваялда рагIула гIумру гьабун.

XS
SM
MD
LG