МагъчIваялъе рес

Тахшагьаралъе 158 сонги гIун гьечIо ришни-къулалъул проблемаялда нахъа танкI лъеялъе


Рищни-къул балеб къали лъезецин бакI гьечIеб МахIачхъала Дагъистаналъул прокуратураялъ тIалаб гьабулеб буго МахIачхъалаялъул администрациялдаса тахшагьаралъул Киров мухъаллда кьишни-къул бакIарулел къалал лъезе бакIал хIадуреян. Гьединаб гIунгутIи букIин тасдикъ гьабулеб буго МахIачхъалаялъул мэриялъги, щайгурелъул чанго соналъ тIатIала хасал бетIергьанлъиялъул рукъзал ран, рищни-къул бакIарулел къали лъезе санагIатаб бакI тун гьечIин МахIачхъалаялда, жидеца дагь-дагьккун гьеб иш роцIцIинабизе бугин.

МахIачхъалаялъул Киров мухъалда гъорлъе унел къватIазул хал гьабулаго, гьениб санитариябгун-эпидемиологияб рахъалъул къанун хвезабун батун буго Дагъистаналъул прокуратураялда. Гьединго чанго къотIноб гьечIин ришни-къул бакIаризе къалал лъезе санагIатаб цониги бакIилан абулеб буго гьез. Гьелда бан прокуратураялъ тIалаб гьабулеб буго МахIачхъалаялъул администрациялдаса бицен гьабулел къватIазда ришни-къул бакIарулел къалал лъезе бакIал хIадуреян. «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна МахIачхъалаялъул администрациялъул нухмалъулев хисулев Камиль Изиевгун. Гьев гьединго ккола коммуналияб магIишаталъул рахъалъ жавабиявлъунги. Прокуратураялъ битIараб гьеб лъазаби жеги жиндихъе щвечIилан абуна гьес, амма гьез абулеб жо битIараб бугин, хIакъикъаталдаги гьел рищни-къул бакIарулел къалал лъезе санагIатаб бакIал тун гьечIилан тахшагьаралда, батIи-батIиял хасал бетIергьанлъиялъулал объектал ран къварид гьабун бугин сверухълъи.

Камиль Изиев: «ГIемерисел бакIал руго церего лъиеялиго ричун рукIарал ва гьез гьенир дармил рукъазал ялъуни гьелда релъарал бакIал ран руго. Гьеб гIунгутIиги гьанже гуреб, чанго соналъ цебе бижараб гIунгутIи ккола. Гьединлъидал цоцада тIа-тIалаго гIадин рарал гьел бакIаз къварил гьарун тахшагьаралда хутIун гьечIо гIадатиял рищни-къул бакIарулел къалал лъезецин санагIатаб бакI. Прокуратураялъ абулеб жо битIун буго. Гьеб гIунгутIиги цохIо Киров мухъалда гуреб тIубараб тахшагьаралдаго бугеб гIунгутIи ккола. Бичизе бегьулебщинаб бакI бичун буго гьанжеялдаса анцIго ва анцIила щуго соналъ цебе. Гьанже гьеб бакIалда раращинал объектал риххизаризеги гьезул бетIергьабазда гьеб мекъи букIин бичIчIизабизеги гIемераб заман къваригIуна. Къануналда рекъон хIалтIизе руго ниж. Амма циндаго гьеб суал тIубаларалелъул, гьелъие гIемераб замана къваригIуна. Администрациялъ бажарараб хIалтIи гьабизе буго гьеб иш роцIцIинабизе. Амма кин гьеб гьабилебали захIматаб суал буго. Гьанже кIанцIун вахъун, гьел рищни-къул бакIарулел къалал лъезе хIажалъулеб бакIалда ранщинал объектал риххизаризе дун лъугьинаро, щибаб жоялъул тартиб буго, гьеб тартибалда рекъон гьабизе буго хIалтIиги».

Январалъул тIоцересел къоязда киса-кирего рощнол гохIазул цIун рукIана МахIачхъалаялъул къватIал. Гьеб бакIаризе кколел «Эко М» абураб идараялъул хIалтIухъабазе чанго моцIалъ харж кьолеб букIун гьечIо ва гьеб кьечIого жидеца рищни-къулги бакIаризе гьечIилан лъазабун букIана гьез. Гьеб къагIидаялда чанго къоялъ шагьар букIана рищни-къулги нахъе бакIаричIого. Гьанже гьеб суалги дагь-дагьккун роцIцIинабунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Камиль Изиевас.

Гьединго 2015 соналъул август моцIалъул авалалда МахIахъалаялъул Киров мухъалда Адольф Гитлерил, Петр Порошенкол, долларалъул ва «Дом 2» абураб телепроекталъул суратал рахъарал рищни балел къалиял рукIана лъун. Мухъалъул нухмалъулев СалихI СагIидовас суратал рахъи бичIчIизабуна, гIадамал сверухълъи бацIад гьабиялде гьесизаризе ругин гьез ва тахшагьарги эстетикияб сипат бугеб лъугьинилан. Амма МахIачхъалаялда гIумру гьабун ругезул гIемерисез гьеб пикруялъул рахъккун букIинчIо.

XS
SM
MD
LG