МагъчIваялъе рес

Вищун тарас гурони рищни-къул бакIариларо


ЦIияб сон Дагъистаналъул тахшагьаралъе бачIана цересел соназда батIияб, хасаб. КъанагIат гурони нилъеда бихьизе щолареб гIазугун, анцIгониги градусалдаса тIаде араб квачгун ва гали бахъизе кIолареб хIалалъ рищни-къулалъ цIурал къватIалгун.

ТIабигIаталъ квач кьун букIинчIебани гордухъа бетIер баккизе кIолареб хIалалъ махIцинаан шагьар. Цебехун, кодор телефоналгун ругел гIунгутIаби рихьизарулел ресал гьечIеб мехалъ гьаб халлъичIого борчIилаан, жакъайин абуни МахIачхъалаялъул рищни-къулаз цIун буго кинабго интернет-пространство. Варламовас рихьизарурал суратал битIахъе тIогьол цIураб ах бугин абизе бегьула жакъасезда данде ккун.

Рищни-къулалъул чороклъи къватIибе чвалхулареб къватIги, суратал лъечIеб рукъги хутIун батиларин абизе бегьула. Щалха гьаб ахIвал-хIалалъулъ гIайибиял? Нилъеда лъалеб бакIалдаса шагьаралъул бетIер Муса Мусаев дагьав цевегIан республикаялъул бетIерас веццана бюджеталъул кризис буониги лъикI хIалтIулев вугин. Муса веццун анкь сверилелде цIуна шагьар рищни-къулалъ.

Сунулъха бугеб балъголъи? Щай сон вецццарав бетIерас къватIал рацIцIинчIого тарал? Нижехъе щварал баяназда рекъон араб соналъ МахIачхъалаялъул рищни-къул бацIцIад гьабулеб букIана "Капитал - инвест" абураб фиримаялъ. Гьезул къватIал рацIцIизе гIураб техника ва сурсат гьечIолъиялда бан гьезулгун мэриялъ къотIи хвезабун букIана. Гьезул бакIалда бачIана "ЭКО-М" абураб цойги фирма. Гьеб фирмаялъе лъагIалил байбихьудаса нахъе кьун буго мэриялъ рищни-къулалдаса шагьар бацIцIаралъухъ I64 милионгун 700 азарго гъурущ гIарцул. Гьеб гIемерищ дагьищали абизе дида кIоларо, цояз гIемерин абула, цогидаз дагьин абула, хIакъикъат чIезабизе бегьалъуларо. Нилъеда лъалеб жо буго гIураб гIарац кьун батаниги батичIониги гьеб фирмаялъул хIалтIи гIей гьечIеб букIин.

Гьез жидецаго гIайиб реххулеб рагIула шагьаралъул администрациялде гьез лъабго моцIалъ кьезе кколеб 45 миллион гIарцул кьун гьечIин. Гьелъул хIасилалда тунги рагIула къватIал ракIаричIого. Мэриялъул гIарац рагIуларо кьезе, республикаялъул бетIерас абухъе "хIалтIулел руго дефициталъул бюджеталда". ХIасил калам, лъугьун буго классическияб ахIвал-хIал - "тIад ругезда кIолеб гьечIо (гIарац кьезе), гъоркь ругезе бокьун гьечIо (чIорого хIалтIизе). Сунцаха шагьар гьаб ахIвал-хIалалде бачараб?

Халкъалъ вищичIого тIасан тIамурав мэрги, тIасан амруял кьун гьабулеб нухмалъиги, жамгIияталда цебе жаваб гьечIеб тIалъиги, рагьарал аукционазда конкуренциялъул кьучIалда гьарулел торгалги гьечIолъиялъ тахшагьар хутIана налъиязул ва рищни-къулалъул гъоркьлъаликь.

Бокьараб цойги хъулухъалда бегьила чи тIамизеги, халкъалъул пикру гIадахъ босичIого тезеги, амма шагьаралъул бетIер вукIине ккола гIицIго вищулев ва жамгIияталъул божилъиялъ тIалъиялде вачарав чи. Гьеб къагIида гьечIебгIан мехалъ киданиги букIунаро шагьаралда я комуналиял, я рищни-къулалъул, я канлъигун хинлъиялъул суалазулъ гIадлу.

Гьеб нилъеда бихьулеб буго цебе тIураб дунялалъул рищиязул ва нухмалъиялъул хIасилазулъ. Жакъа Россиялда киналго проблемаби руго коррупциялъул вертикалалъ тIасан гъоркье жидерго интересал ругIиялъ рижарал. 200 милионалде МахIачхъалаялъул къватIал рацIцIун гурел шампуналъ чурилин жидецаян абулел фирмабиги камиларо. Пайда щиб, гьеле гьеб чехьатIаде регун тендерал кваназе рокьараб халкъалъ махIцинабуна тахшагьар.

Жакъа гьеб чороклъи чуризе тIубанго Дагъистан тIаде бахъаниги, сапнаца къватIал чураниги нилъерго рахъалъ дунялалъул бижараб пикру хисизабизе чамалиго анцI-анцI сон къварегIуна. Нилъ машгьурал рукIана кьвагьа-гIанхъиязда, жаназабазда ва тIолел бияздалъун, пайда щиб, гьеб хисун туристалгун этнокультура, тарих ва этнография бачIине кколеб бакIалда рищни - къул ва чороклъи бачIана.

Нухмалъиялдаса ва тIалъи бищиялдаса халкъ махIрум гьабиялъул хIасил буго гьеб. Киданиги тахшагьаралда гIадлу лъугьунаро ва рищни-къул тIагIунаро рацIцIадал рищиялги, халкъалъ бищараб тIалъиги бачIинчIого. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG