МагъчIваялъе рес

Муса Мусаевас хIалтIи шагьаралда гIадлу гьабиялдасан байбихьана


Гьал къоязда МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралевлъун тарав Муса Мусаевасе Дагъистаналъул тIалъиялъе санагIалъи бугев, малъа-малъараб гьабулев чи вукIиналъ кьунин гьеб хъулухъилан рикIкIунеб буго гIемерисел экспертаз. Хас гьабун тахшагьарлда бугеб бакIал раялъул системаялъе гIадлу гьабизелъун тарав чи ватизеги бегьулин гьевилан абураб пикруги буго гьезул. МахIачхъалаялъул нухмалъуде вачIинегIан Мусаев вукIана Дагъистаналъул бакIал раялъул, архитектураялъул ва коммуналиял хъулухъазул министрлъун.

МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралевлъун тарав Муса Мусаевас хIалтIи шагьаралъул ахал свериялдасан ва кьищни-къулалъулгун ралел бакIазул гIадлу букIинабизе ккеллин лъазабияздасан байбихьана. ЦIияв шагьаралъул бетIерас абуна МахIачхъала гIадамазе санагIалъи бугеб шагьар лъугьинабизе бугин жиндицайилан.

10 июлалъ тIамуна Муса Мусаев гьеб хъулухъалде. МухIамад Сулейманов гьеб хъулухъалдаса вахъун хадуб гьесул бакIалде цин гьев хисулев Абусупьян ХIасанов вачIун вукIана. Амма кIиго къоялъ гурони мэрасул ишал тIуразарулевлъун вукIинчIо гьев. Гьев хисун вачIана Мусаев шагьаралъул нухмалъуде. ЦIияб хIалтIуде тIамизегIан, гьев вукIана Дагъистаналъул бакIал раялъул, архитектураялъул ва коммуналиял хъулухъазул министрлъун.

Аслияб къагIидаялъ Мусаевас кIвар буссинабуна МахIачхъалаялда къанунги хвезабун рарал бакIазде. Тахшагьаралъул администрациялъул бакIал раялъул ва архитектураялъул бутIаялъул хIалтIудаса жив кутакалда разигьечIин лъазабуна гьес.

Анкьида жаниб шагьаралда ругел киналго ралел бакIазул хIакъалъулъ баян щвезабейин жиндихъейилан абураб амру кьуна гьес МахIачхъалаялъул бетIерав архитекторасеги. Гьанжеялдаса нахъе республикялъул тIалъиялъ бихьизабуралдаса батIияб къагIидаялъ хIалтIизе гьечIин нужилан тIадежубана шагьаралъул нухмалъулес. Гьел бакIал раялда хурхарал киналго суалалги хасаб комиссиялъ тIуразе руго МахIачхъалаялда.

Муса Мусаевас бицана цIигIуцIулеб бугеб гьеб комиссиялъ разилъи кьун гурони тахшагьаралда цониги бакI базе рес щвезе гьечIилан. Цойги мэрасул ишал тIуралес рорхарал аслиязда гьоркьоб букIана шагьаралъул цIадал лъим чвахулел рогIрал, ай ливневкаби рукIалиде рачине ккеялъул суалги.

Хасго гьес кIвар буссинабуна шагьар бакьулъан редукторный мухъалде унеб кьода гъоркь цIад банщинахъе чIолеб кIудияб хIор тIагIинабизе ккеялде. Гьеб лъим иналъе квалквал гьабулеб бугила гьеб чвахизе кколеб бакIалда тIад рарал бакIал рукIиналъ, гIадамазе санагIалъиялъе ккани гьел бакIалги риххизаризе ругин, шагьаралда гIумру гьабун вугев 800 азарго чиги цо бизнесчиги жиндица данде рачунарин абуна гьес.

ЦIияв шагьаралъул бетIерас бачIинахъего жигаралда хIалтIи бачиналъе гIиллалъун бугила, Дагъистаналъул тIалъиялъ, гьесие дагьаб гурони заман кьун гьечIолъи. МахIачхъалаялъул бетIерлъуда хутIизе бокьун батани гьес исана сентябралда рукIине ругел тахшагьарасул мэрасул рищиял байбихьилелде хIалтIул лъикIал хIасилал рихьизаризе кколин бицана «Эркенлъи» радиолъе «Новое Дело» газеталъул журналист МухIамад ГIабдурашидовас.

МухIамад ГIабдурашидов: «Гьес бачIинахъего гьеб цIияб хъулухъалда лъикIаб хIалалъ живго вихьизавуни ва гьеб бакI кквезе лъани гьесда, Дагъистаналдаго Мусаевасда бараб гIемер жо букIине рес буго. Кин букIаниги МахIачхъалаялъул бетIер гьев республикаялда кIиабилев чи ккола. Мусаевасул рахъкколеб буго республикаялъул тIалъиялъги.

Рамазан ГIабдулатIиповасеги данде кколев вуго гьев, вукIинчIевани мэрасул рищиял тIоритIизе кIиго моцI хутIараб мехалда гьеб хъулухъ кьелароан гьесие. Халатккун мэралъун хутIизе гIемер ресал руго гьесул. Цин босани гьев вуго даргияв, хъулухъазде тIамулелъул миллияб суалги борхулелъул Дагъистаналда, гьеб рахъалъги данде ккола гьев.

Гьев вуго ГIабдусамад ХIамидовасул чи, гIемерал саназ финансазул министерлъиялда хIалтIилевги вукIана гьев. Гьединлъидал финансазул рахъалъги кверчIваай букIине буго гьесие. Гьединго бакIал раялъул ва коммуналиял хъулухъазул министрлъун вукIиналъ МахIачхъалаги лъикI лъала гьесда.

Гьев рикIкIинчIого тезе бегьулев сиясатчи гуро, хасго гьаб сагIат. Республикаялъул тIалъиялъе къваригIун буго мэрасул рищиязда гьеб хъулухъалда хадур лъугьарал СагIид Амировасул ва Сайгид МуртазгIалиевасул чагIазде дандечIей гьабун бажарулев чи. Гьединаб бажариги къуватги бугев чи вукIинчIевани Мусаев толароан гьеб бакIалда.

ХIамидовасул чиги вугони, тIаде шагьарги кодобе щвани гьесухъ цIикIкIараб къуватги ресалги рукIине руго. Заманалдасан даргиязул интересал цIунулев чилъун вахъинеги бегьула гьев».

Амма журналист Милрад Фатулаевас рикIкIунеб буго Муса Мусаев кIвар кьезе кколев чи гурин, санагIалъи бугев чи вукIиналъ тIалъиялъ заманалъ тун вугин гьев мэрасул хъулухъалдайилан.

Милрад Фатулаев: «Дида ккола гьев 15 сентябралъ рищиял байбихьизегIан заманалъ ишал тIуразе тарав чи вугилан. Гьев кьучIав сиясатчилъун яги бажари бугев нухмалъулевлъун рикIкIине бегьуларо. ГьанжелъагIанги бакIал раялъул министрлъун вугев мехалдаги гьес цохIо министерлъиялъул мина къачIай гурони тIокIаб кинабгIаги хIалтIи гьабичIин абизе бегьула.

Гьев вуго ГIабдусамад ХIамидовас лъугьинавурав чи, гьединдлъидал абураб жоялда тIад кIалъай гьечIев, республикаялъул нухмалъиялъе данде кколев чи вукIиналъ тун вуго гьев мэрлъиялда. Гьединго гьесие хъулухъ кьеялъе гIиллалъун батизе бегьула гьаб сагIат республикаялъул нухмалъиялдаги жанисел ишазул идарабаздаги МахIачхъалаялда къануналде дандекколаредухъ рарал бакIазе гIоло бугеб дандеккунгутIиги.

Гьеб суал роцIцIинабизелъун тун ватизе бегьула Мусаев, щай гурелъул гьел ралел бакIазул гIемерисел проектазул нухмалъулевлъун вукIана гьев. Гьеб рахъалъ цIакъ ургъун тIамун вуго гьев мэлъиялде».

ЦIияв тахшагьаралъул бетIерас гьарурал лъазабиязда гьоркьоб бищун гIадамазул рахIатхвезабураблъун ккана гьес гIодоркъояз Ленинил къватI къазе бугин аби. МахIачхъалаялъул аслияб майдналдаса бахъараб Ленина Ярагъиясул къватIгун цолъулеб бакIалде щвезегIан цохIо гIадамал хьвадулеб хIал гьабизе бугин, халкъалъ хIухьбахъи гьабулеб бакIлъун лъугьинабизе бугин гьебилан лъазабуна Муса Мусаевас.

МахIачхъалаялъул транспорт унеб аслияб гьеб къватI къани, автомобилал хьвадиялъе гIемерал квекIенал рукIине ругин абун разигьечIого руго гIадамал.

XS
SM
MD
LG