МагъчIваялъе рес

Рищни бакIаричел хIакимзаби телевидениялдаса рихьизаризе руго


МахIачхъалаялда рищни-къул бакIариялъул суал нахъойги борхулеб буго. Гьаб нухалда республикаялъул бетIерасул кумекчи ГIалиев ГIалибегица рищни-къул бакIариялъухъ гIарац кьоларел хIакимзабазул цIарал прессаялдаса рехсезе ругилан хIинкъи кьуна. Щай Дагъистаналъул тахшагьаралда гьебгощинаб рищни-къулалъул бицунеб кинал ругел проблемаби ва кин гьел роцIцIине кколел абурал суалазе жаваб балагьулеб буго «Эркенлъи» радиоялъул мухбирас.

Гьаб анкьалъ нахъойги МахIачхъалаялда унеб буго шагьаралда рищни-къул бакIариялда сверухъ ахIи-хIур. Шагьаралъул администрациялдагун рищни бакIарулеб «ЭКО-М» абураб идараялда гьоркьоб рагIи дандеккунгутIи буго. Компаниялъ бицунеб буго, жидее шагьаралъ рищни бакIариялъухъ кьезе кколеб гIарац кьолеб гьечIилан, жибго администрациялъ бицунеб буго, жидеца кинабго кьун бугин, компаниялъ хутIараб гIарац бакIаризе кколин хасал чагIазухъа.

Араб анкьалъ ЭКО-М компаниялъул хIалтIухъаби хIалтIуде рахъинчIогоцин чIун рукIана, ункъо моцIалъ харж кьун гьечIилан. ГьабсагIаталда гьеб кьун буго цо моцIил харж хутIун, амма тIубанго шагьаралъ гIарац жеги биччан гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе «ЭКО-М» идараялъул юрист АхIмадова Мадинаца.

«Нижеца документаздалъун чIезабизе буго нижее шагьаралъул администрациялъ гIарац кьечIин. Дида лъала, гьез кьунилан лъазабулеблъи киса-кибего.

Шагьаралъул администрациялъ гьединал гьерсалги рицун гIадамал гуккулел ругеб мехалъ нижер хIалтIухъабазда ракIалде кколеб буго гьеб унго-унгоги гьедин бугилан. Гьезда кколеб буго нижеца гIарацги нижеего тун жал чIорого хIалтIизарулел ругилан. Гьединлъидал, хIалтIуде рахъинеги гьез инкар гьабураб араб анкьалъ.

Щаялиего гьел божулел руго хIакимзабаз ва журналистаз бицунеб жоялда. Чанго нухалъ нижер идараялъ хIалтIухъабазе харжал кьезе рес букIинчIогон банкалдаса кредиталцин росун рукIана. ГьасагIаталда МахIачхъалаялъул администрациялъ нижее жеги 20 млн гъуруш гIарац кьезе ккола».

Тахшагьаралъул администрациялъ абуни гIайиб гIунтIизабулеб буго рищни-къул бакIарулеб идараялде. Мэрасул кумекчи Бабасиев Мизинферица абуна «Эркенлъи» радиоялъе, щибаб соналъ шагьаралъ кьолин рищни-къул бакIариялъухъ 209 млн гъуруш гIарац.

ТIолабго гьеб идараялъе кьезе кколеб гIарцул 28% гурони жидеца кьезе кколарин, хутIараб гьез гIадамазухъа бакIаризе кколин. «ЭКО-М» компаниялъ къотIи-къай гьабизе кколин рукъзабазулгун, гьезухъа гIарацги гьез жидецаго бакIаризе кколин. Гьеб гIарацин абуни гьез, 20% гурони бакIаризе кIолеб гьечIин.

ХIакъикъаталдаги, гIемерисеб халкъалъ рищни-къул бакIариялъухъ гIарац кьолеб гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиялъе Дагъистаналъул бетIерасул кумекчи ГIалиев ГIалибегица. Гьеб гIарац кьоларел чагIазда гьоркьор руго батIи-батIиял хIакимзаби, кIудиял пачалихъиял идарабазул нухмалъулел. КIиго анкьида жаниб гьез кьезе кколеб гIарац кьечIони киназулго цIаралги, гьезул налъиги прессаялдаса къватIибе кьезе бугилан хIинкъи кьуна ГIалиевас.

ГIарац бакIарулел чагIи «ЭКО-М» компания бугониги, шагьаралъул гIадамазе гьеб рищни-къулалдаса кIудияб квал-квал букIиналда бан, республикаялъул нухмалъулесул кумекчияс хIукму гьабун буго гьеб ишалде гъорлъе жувазе. ГьабсагIаталда рищни-къул бакIараулеб идараялда хIалтIулел руго 453 хIалтIухъан.

Гьез лъухьулеб буго 302 къватI. ГьедигIанго къадар тротуаралги. 73 хIалтIухъанас къотIносан рищни машинабазде реххулеб буго. Щибаб къоялъ шагьаралъухъ хьвадулеб буго кIи-кIи чиясдаса гIуцIараб I3 бригада. 63 машина буго хIалтIулеб, гьезулги 20яб ремонталда буго. ХIасил, щивав хIалтIухъанас бацIад гьабулеб буго 6660 квадраталъул метр къватIалъул, ва гьелъухъ щолеб буго цIакъго дагьаб гIарац. Гьебги моцIаз кьечIого толеб буго.

ГIалибег ГIалиевасул баяназда рекъон, цохIо «Махачкалаводоканал» абураб идараялъул буго рищни бакIариялъухъ кьезе кколеб I0 миллион гъуруш налъи. Руго рукъзал жеги шагьаралъ балансалде росичIел ва гьезул рищни бакIариялъухъ лъицаниги гIарац кьолеб гьечIо.

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG