МагъчIваялъе рес

8 январь: тахшагьар рищни-къулалъул асирлъиялда хутIулеб буго


 ЦУМалда аскIоб бугеб Белинскиясул къватI
ЦУМалда аскIоб бугеб Белинскиясул къватI

МахIачхъала шагьаралда рищни бакIариялъухъ жавабияб «Эко-М» гIуцIцIиялъ цебеккун, 5 январалда,  лъазабун букIана  7 январалде щун шагьар тIубан  рищниялдаса бацIцIад гьабизе бугилан.

Амма 8 январалдаги гьеб рагIи ишалде сверун гьечIо. Чанго къоялъ бакIаричIеб рищниялъул къалиял цIун сверун гохIал гIун руго, цо –цо бакIазда рищни бакIарулел хIалтIухъабаз гIицIго къалиял чIехьон рищнидул гохIал гьединго тун руго. Сверун гIурал рищнидул гохIаз къалиязде нух бахъулеб хIал гьечIин гIарз буго гIадамазул, гьелда тIадеги, биунеб гIаздал иххаз цадахъ бачун унебги бугила гьеб.

Заманова къватIалда
Заманова къватIалда

Толстовасул къватI
Толстовасул къватI

Толстовасул къватI
Толстовасул къватI

УФСИНалда гIагар рищни гьединго буго.
УФСИНалда гIагар рищни гьединго буго.

Комминтерналъул къватI.
Комминтерналъул къватI.

Цебеккун, «Эко-М» гIуцIиялъ лъазабулеб букIана жидер гIуцIиялда цебе тахшагьаралъул администрациялъул налъи бугилан. Амма МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ лъазабухъе, шагьаралъ рищни бакIарулеб хъулухъалъе кьезе кколеб буго гIаммаб гIарцIул къадаралдаса 27 процент, гьебги, 84 миллион гъурущ гьезие кьун буго.

ХутIараб, 73 процент гIарцул «Эко-М» гIуцIиялъ бакIаризе кколеб букIун буго шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамазухъа, администрациялъул гьеб гIарцудехун шибго хурхен гьечIин баян гьабуна пресс-хъулухъалъул хIалтIухъаналъ. ГIадатиял гIадамазухъа ва предпринимателазухъа рищни бакIариялъухъ мухь босиялъул гIадлу-низам гьаби тIадаб бугила жибго «Эко-М» гIуцIиялда.

Гьебни гьедин батила, амма ришнидул гохIал шагьаралъул къватазда хутIулел руго...

XS
SM
MD
LG