МагъчIваялъе рес

БукIинесеб: гъутIбузул бакIалда - рукъзал, гьаваялъул бакIалда - газал...


23 марталда Дагъистаналъул ЖамгIияб Палатаялъ МахIачхъалаялда «Эльтав» заводалда аскIоб бугеб рохь къотIулеб букIиналдаса разигьечIел дандегьарун рукIана.

Экологазул тIалабалда рекъон щибаб шагьаралъул 40 проценталда гъветI-ххер букIине кколеб буго, МахIачхъалаялъул 6 проценталда гурони хутIун гьечIин гьеб гIурччинлъи, бугебниги гьеб цIуниялде кIвар кьезе кколин лъазабуна жамагIатчгIаз. МахIачхъалаялъул экологиялъул комитеталъул нухмалъулев Сайпудинов Арсланица лъазабуна гьеб рохьги къотIизе тани шагьаралда гIурччинлъиялъул 3 процентгицин хутIуларилан.

Шималияб Кавказалъул шагьаразда гьоркьоб бищун дагь гIурччинлъи бугеб бакI кколеб буго МахIачхъала. Гьеб суалалъул жаваб кьезе кколеб шагьаралъул администрацияги, тIабигIат цIунулеб прокуратураги, экологиялъул министерлъиги гьеб тIубаялде букIине кколедухъ тIаделъулел гьечIин абун разигьечIолъи бугоан жамгIиял хIаракатчагIазул.

Гьел идарабазул цохIониги вакилги вачIинчIо гьеб данделъиялде. Администрациялъул вакилзаби гьенир гьечIолъиялдаса бищун кIудияб разигьечIолъи загьир гьабулеб букIана гьез. Бищун цебе гьезул кIваргьечIолъиялъул хIасилалда гIадада холеб бугин гьеб рохьилан мэриялде гIайиб гьабуна гьез.

Гьеб рохь цIунизе тIубараб шагьарго бахъине кколин, хIатта гьеб кинабго бакI сверун маххул хьури ккун, яги къедги гьабун рахан-къан жанибе техника унареб хIалалъ щула гьабун тезе кколила. Къаси-къад гьоркьоб къотIичIого гьеб мухъ цIунизе хасал чагIиги тезе кколин гьенирилан лъазабуна данделъиялда гьеб суалалда тIад ракIунтараз.

Гьеб данделъи гIуцIарав жамагIатчи Хадулаев Шамилица лъазабуна «эльтавалъул» рохь цIунизейилан лъугьарал гьеб мухъалда гIумру гьабун ругел гIадамазе хIинкъаби кьолел ругила, къаси-къаси рачIун хъухъан къотIун ратулел ругила гъутIбийилан. Гьеб бакIалда минаби разе рес кьун бугин жидеейилан лъазабулеб бугила гьел «сардил гьалбазилан».

Гьеб киналдаго хурхун къуваталъул идарабазде хъварал гIарзазулги хIасилго бихьулеб гьечIилан. Рохьги къотIун минаби разе бакI кьолеб мехалда кирейила тIалъиялъул вакилзаби ралагьун рукIаралилан абун ццин бахъун вуго Хадулаев.

Хадулаев Шамиль:«Сардилъ гьениб рохь къотIулеб букIаразда тIад протоколал гьарун рукIана Кировский мухъалъул полициялъул хIалтIухъабаз.

Гьел документал жидеца шагьаралъул администрацилде ритIанилан абуна гьез. ТIокIаб кир гьел протоколал ругел, щиб гьел гъутIби къотIулел рукIарал, гьел къотIизе теларин лъугьаралгун рагъилел рукIарал гIадамазул ккарабалиги лъалеб гьечIо.

Бищун цебе тахшагьаралъул бетIерлъиялъ жаваб кьезе ккола гьеб рохьалъул. ЖамагIатчIаз ахIи бахъинабун хадуб мэриялъ чанцIулго баянал тIиритIизаруна гьеб рохьор рукъзал гьаризе бакIал цебе шагьаралъул букIараб нухмалъиялъ кьун бугин, жидеца цониги документ кьечIин гьанже гьелъийилан.

Гьедин батани гьел документал мекъи кьун рукIинги, гьезул бащадал гьересиял рукIинги лъала гури мэриялда, щай ха гьеб суал тIубалареб кьун диваналдегун. Полициялъ администрациялде реххун, гьез прокуратураялде реххун лъихъ гьел протоколал ругелалицин лъалеб гьечIо, гьелъул жаваб кьолев чиги ватулев гьечIо».

Данделъиялда гьеб рохьалъул ва экологиялъул жаваб кьезе кколел идарабазул цохIо МахIачхъалаялъул экологиялъул комитеталъул нухмалъулев Сайпудинов Арслан гIахьаллъана. Гьесулги цIакъ разигьечIолъи бугоан гьеб рохьалда сверун мэриялъ гьарулел ругел хIаяздаса.

Гьес бицана гьеб рохь цIунейилан тIалаб гьабун лъабнусго чияс гъоркь гъулбасараб кагъат бачIанила гьал къояздаги жидехъе ва Шималияб кавказалъул федералияб округалъул бетIер Сергей Меликовасухъеги битIун бугила гьеб.

Амма чанцIул гьел кагъталги росун, шагьаралда хутIунниги бугеб гIурччинлъи цIунизе хIаракат бахъизе кколин абун МахIачхъалаялъул мэриялде жал аниги жидехъ гIинтIамулев чи ватичIилан.

Сайпудинов Арслан: «МахIачхъалаялъул администрациялъ жакъа къоялде 86 мина базе бакI кьун буго гьеб рохьоб. Нужецаго пикру гьабеха щиб гьеб рохьалъул хутIулебали, чанго соналдаса гьенир гъутIбияли кир гурин хергицин хутIиларо. Гьенир къануналде дандекколаредухъ рукъзал ралел ругин абун 67 мина балеб бакI биххизабейилан хIукму къотIун букIана диваналъ, амма кIиго пакъирасул мина гурони тIокIазулалда кверцин хъвачIо.

Гьелда тIадеги анкьтIалаяб ункътIалаяб кIиго мина балеб буго гьениб. Полициялъулалги рачун чIезарейин гьенир гьарулел хIалтIабийилан лъазабун букIана. Цо къоялъ чIун гьечIо гьел, ран рахъунел руго минаби. ГIадамаз абулеб жо битIараб батиялда божичIого кин ха рукIинел.

Гьез абулеб буго гьел минаби къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул ва шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъабазул бакIал ругилан. Гьедин гьез жидеего бокьараб гьабулеб бугин. Гьел ва цойгидал суалазе жаваб кьезе къваригIун рукIана жакъа гьанир администрациялъул вакилзаби».

Данделъиялъул гIахьалчагIаз гьединго бицана гьеб цебехун бицен гьабураб рохь цебе 72 гектаралда букIун батани, гьанже гьелъул 40 гектар гурони хутIун гьечIила. Киналго лъугьун гIагараб заманалда гьеб суал тIубачIони цо лъагIалида жанибгицин гьеб рохь букIараб бакI лъачIого тIагIине рес бугилан. Гьединго МахIачхъалаялъул жанубияб рахъалда бугеб накIкIил рохьги къотIун лъугIулеб бугин, гьелдеги кIвар буссинабизе кколин лъазабуна гьез.

Гьеб рохьцIуниялде кIвар кьейилан тIалаб гьабун республикаялъул тIалъиялде хитIабги гьабуна ахиралда жамагIатчагIаз.

XS
SM
MD
LG