МагъчIваялъе рес

Дойго кIодо йиго кIутIбиги релъун…


(МахIачхъалаялъул гIузрабазул ва юбилеязул хIакъалъулъ) Жакъа МахIачхъала шагьаралъ тIобитIулеб буго жибго гьабуралдаса 158 сон тIубаялъул байрам.

Аслиял тадбирал унел руго Авар театралда цебехун бугеб Родопалъул бульваралда. КъачIанги бугоан, берцинал рищни-къулалъул урнаби, цIиял ва санагIатал гъоркь чIолел бакIал, хъахIгьарурал бордюрал ва гъутIби, сверухълъиялда байрмалъулаб ахIвал-хIал.

Шагьаралъул къо гьабулеб тадбиралда аслияб къагIидаялда рукIине руго тахшагьаралъул тахбакI кодосел гIадамал ва администрациязул актив ва гьезул гIага-божарал. Кинабго халкъ шагьаралъул байрмалъе къватIибе бахъи щакаб жо буго. Гьелъие руго гIиллабиги.

ГIемераб цебехун хъвараб ва нахъойги такрар гьабулеб тема буго, шагьар шагьарлъунги, шагьаралъулал жидер бакIалъул жавабияллъунги лъугьизе ккани чара гьечIого хIажат бугин халкъалъ бищараб нухмалъи. Халкъгун власть цолъичIого киданиги шагьаралда гIадлу лъугьине гьечIо.

Пуланаб политикияб къуваталъул чи вукIун, данде кколеб миллит букIун, диплом экономистасул яги юристасул букIун, ялъуни лъикIав вас вукIун хъулухъалда тарав чияс гьаниб гIадлу гьабизе рес гьечIо. Гьев лъугьуна жакъа лъалареб, метер лъалареб жо буго хъулухъ, диеги букIине ккеларищан щвараб жо кIутIизе, ракьал ричизе, бакIазул приватизациял гьаризе.

ТIаде жоялъе ГIабдулатIиповас гьел бокьараб къоялъ рахъун реххулел руго, халкъалда цебе гьев мэрасулги кинабгIаги жавабчилъиги гьечIо. Гьеб бичIчIарав мэрас жиндир рукъалда цебе заправкаялъе ракь бичун бихьарав гражданинас инеги ун рукъалда нахъа жиндиего бакIги ккун гараж, тукен, склад, пивбар ва бокьараб сурараб бакI эхетула. Хадуб кьун ришватгун документалги гьарула. Гьелъул хIасилалда хвараб шагьар буго МахIачхъала. Коррупциялъ, ришватаз ва власталъулгун халкъалъул цоцадехун бухьен ва гIаммал масъалаби ва мурадал гьечIолъиялъ.

Жакъа МахIачхъалаялда тIобитIулеб байрамалъе берцинго къачIан буго Родопалъул бульвар. Щай къачIараб лъалищ нужеда гьеб? Гьеб къачIана сон гьениве киндай хIадурлъи унеб бугищали балагьизе Рамазан ГIабдулатIипов вачIуневлъи лъан. Мэрасул халкъалда бараб жого гьечIо, гьев тана хъулухъалда республикаялъул бетIерас.

Гьес хъулухъ гьабизе буго гьесул бералдаги бихьулеб, гIиналдаги рагIулеб бакIалда, хутIараб бакI хутIизе буго халкъалъ абухъе Кишлакмахиялъул даражаялда. Кисакибего республикаялъул бетIерасул бер ва гIин щвезе рес гьечIо, гьес жинцаго абухъе, ГIалибег ГIалиевги цохIо гурони гьечIо.

Родопалъул бульваралда мазгарул рищникъулалъул къалалги, къачIарал гъоркьчIолел бакIалги, «гIакъилал рагIаби рицунеб» беседкаги гьаз гьабулеб мехалда, шагьаралъул рагIалда ва бецIал, бер, гIин щоларел къватIазда унел руго анцI-анцI мекъал, законалда данде кколарел минабиги, тукабиги, ашбазалги рай.

Участковый инспекторасе пиво босун роцIцIунел суалал руго гьел бакI-бакIазда. Аслияб майдан ва республикаялъул бетIер тохлъукьего ваккун вачIине рес бугел бакIазда аз лажбарал рахъулеб лахIзаталъ балъго гъурулеб буго Эльтав заводалда сверухъ бугеб рохь. Гьенир цо-цо бечедаз котеджал ран рагIула, гьездаса къураб бакI жидер щиб бугебан мискиназги ракьал ккун рагIула. Гьеб вакханалиялъул хIасилалда гьадингоги хIалуцараб тахшагьаралъул цохIо хутIараб гIурччинлъиялда ва шагьаралъул «гьуърузде» гIащтIи борхун буго хъантIиялъ ва ахIмакълъиялъ.

Гьаб макъала цIаларал цо-цояз абила дица кинабго чIегIералъ белъулеб бугин, байрам къоялъ лъикIалъухъ ралагьизе кколин, иш гьедигIан квеш гьечIин абун. РитIаралги ратила гьел, амма хроникияб туберкулезалъ чIвалей кIодол кIутIби релъизе ва кьунсрул къачIазе лъугьаразда релълъун бихьулеб буго гIурччирнал сквералгун паркалги къотIизе риччан бульваралда мазгарул рищни-къулалъул ящикал лъолеб мэрия.

Цее кIодо хвалдаса хвасар гьайизе ккеларищ? КIвар бугелдаса байбихьараб лъикIаб гьечIищ хIалтIи? ТIад вугес ришваталъухъ бичани, гъоркь вугес дозие квешезе жинцаго ккуни, щиб хутIилеб гьадингоги мукъсанаб нилъер тахшагьаралъул?

Байрамалги юбилеялги лъикIал жал ругоан, пайда щибха, гIурусаз абухъе гьеб кколеб буго хварасде хинаб хIухьел гьухьараб гIадаб жо. Хабар лъикIаб рагIайги.

--------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG