МагъчIваялъе рес

Нахъеги Эльтавалъул рохь къотIулеб буго


Рохьор ралел минаби
Рохьор ралел минаби

МахIачхъалаялъул «Эльтав» заводалда нахъа бугеб рохь нахъеги къотIулеб бугин щалали лъаларез, гьенир изну гьечIого бакIал рай халатбахъунеб бугин лъазабулеб буго МахIачхъалаялдаса хIаракатчагIаз.

please wait

No media source currently available

0:00 0:03:52 0:00
Интернет-мухъ

Цебеккун, гьебго рохь къотIун тIагIинабулеб букIиналда бан хитIаб гьабун букIана гIадамаз Дагъистаналъул бетIерасухъе ва Россиялъул президентасухъе. Амма жакъа къоялдеги щибго хисараб жо гьечIин абулеб буго гIадамаз. Лъие хIажат бугеб рохь тIагIинаби.

Эльтавалъул рохь нахъеги къотIулеб бугин, къасиса радалиде щалали лъаларез къотIун ратулел ругин цIиял гъутIбийин лъазабулеб буго гьенир гIагар гIумру гьабун ругел гIадамаз.

Араб соналъул июль моцIалда, чанго изну гьечIого ралел бакIал тIатинарун, гьенир хIалтIби чIезаризе хIукму къотIун букIана МахIачхъалаялъул прокуратураялъ, амма жакъа къоялдаги гьенир хIалтIаби халатрахъунел ругин, гьелда тIадеги, гъутIби къотIун, цIиял ракьул бутIаби эркен гьарулел ругин бицана Керимова къватIалда гIумру гьабун вугев НургIали МухIумаевас.

НургIали МухIумаев: «Нижеца гIарзаби хъвана полициялдеги прокуратураялдеги, амма гьезул рахъалъ кинаб букIаниги кверагъари букIинчIо. Эльтавалъул рохьалъе хасаб тIабигIияб объекталъул даража кьезе бугилан букIана бицунеб, амма бихьухъе, цIиял кьучIал тIолел руго, гъутIби къотIуле руго.

Амировасул заманалда гьаб рохьобе нухцин букIинчIо автомашина хьвадизе, хасаб,гъваридаб рахъ букIана, гьеби бацана, гьале чанго соналда жаниб гьанир нухалги гьарун къотIун ралел руго гъутIби. Чанги рагъалги ккана гIадамазда гьоркьор гьанир. Гьаб рохь хвасар гьабизе ккола, гурого цо-кIиго соналдаса рохь букIанилан гIицIго ракIалдещвей хутIизе буго».

Араб соналда Дагъистаналъул ТIабигIаталъулгун экологиялъул министерлъиялъ лъазабун букIана, гьеб рохьалъе тIабигIияб паркалъул статус кьезе бугин, амма жакъа къоялдеги гьеб гIицIго хабарлъун хутIун бугин абулеб буго НургIалица.

2013 соналдаса байбихьун къотIун гъутIбигун къануналда рекъечIогон рарал лъабго гIемертIалаяб мина эхетун буго рохьоб, араб соналъ гьеб бакIалда шагьаралъул администрациялъ риххун инел минабазухъа гIадамал рахъинаризе рохьил рагIалда ракьул бутIа бихьизабунила минаби раялъе, амма гьез рихьизарурал гIорхъабалъа унги къотIулел ругин гъутьби ва рухъулел ругила кьучIалин абулеб буго гьеб мухъалда гIумру гьабулев Шамсудин ГъазимухIамадовас.

Шамсудин ГъазимухIамадов: «Ниж свакан руго гьел къануналда рекъечIогон минаби ралел, рохьал къотIулел чагIигун къеркьон, нижерго къуваталдалъун щиб гьабун бажарилеб. 2013 соналдаса бахъун къотIулеб буго гьеб рохь. Гьелдаса нахъе чанго балеб бакI цин диваназдасан чIезабун, нахъеги бан халат бахъунеб буго.

Я диваназде, я жамгIияб палатаялде, я Дагъистаналъул бетIерасухъе кагътал хъвана, амма гьабилин, чIезарилин абун гурого хIасил ккечIо. ВачIун вукIана ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министрги, амма гьесги гьеб рохьил гIорхъаби чIезарилин цинги цIунилин абуна, пал хIасил цебего гIадин къотIулел руго гъутIби».

Шагьаралъул администрациялъ рахъинарулел гIадамазе минаби разе бихьизабураб бутIаялъул гIорхъаби тун, рохьор чанго бакIалда ругин рухъарал бакIал, гьелда бан гьеб рохьалъе хасаб цIакъго цIунулеб территориялъул даража кьезе кагътал хIадурулел ругин баян гьабуна ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр хисулев Артур Шариповас.

Шагьаралда лъикIаб гьава букIине кканани гьениб 65 процент букIине кколила гIурччинлъи бугел бакIал, МахIачхъалаялъул жакъа къоялде гIурччинлъи бугеб кколеб бугила гIицIго 40 процент бакIазул.

4 соналъ цебеги «Эльтав» заводалда нахъа ругел рохьазул къазар букIанила 75 га ракьазул, жакъаялде гьел рохьал 20 гаялъ дагьлъун ругин абулеб буго эколог Нурсултан ГIалиевас.

Ахирал соназда жанир, бакIал раялъул мурадалда шагьаралда бугеб гIурччинлъиялъул 30 процент тIагIинабун бугила. Ахираб 20 соналда жаниб босани, МахIачхъалаялъул гIурчччинлъиялъул 60 процент тIагIнабун бугила жакъа къоялде.

XS
SM
MD
LG