МагъчIваялъе рес

ТIабигIаталде данде "рагъ" халат бахъунеб буго


МахIачхъалаялъул къватIазда ругел гъутIби реклама базе хIалтIизарун яги нахъе къотIун, шагьаралда квешаб экологияб хIал лъугьун бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул экологаз.

Гьелда хурхун тIадегIанаб лъайкьеялъул хIалтIухъабаз гIарза хъван буго Дагъистаналъул ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерлъиялде, шагьаралъул гIурччинаб гьумер цIуни тIалаб гьабун.

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ва Педагогикияб университеталъул лъабнусидаса цIикIкIун хIалтIухъабаз гъулбас гьабураб гьеб гIарзаялда абулеб буго, чIагоял гъутIбузда магIаз ва цогидал маххул тIагIелаз рекIинабулеб бугин реклама ва цогидаб хъвараб игIланал. Берда цере ракъвален ругин аза-азар гъутIби гьедин инжит гьарурал. КъватIахъ гуребги, гIемертIалаял минабазул рагьабаздаги бугин гьединаб хIал. Гьелда тIадеги, ракьул кесек изну гьечIого ккун, паркалъул зона бугеб бакIалда ралел ругин минаби гьениса нахъе гъутIбиги къотIун, диваналъ гьеб хIалтIи чIезабизе хIукму гьабун бугониги гьелъулги кIвар гьабулеб гьечIин. Гьединаб пасалъиялъе мисаллъун бачун буго Керимова къватIалда, «Эльтав» заводалда гIагар бугеб паркалъулаб зоналъун кколеб бакIалда къотIун ран гъутIбигун балеб бугеб гIемертIалаяб мина. КинабгIаги экологияб экспертиза гьабичIого, цере ратаралщинал гъутIби къотIун, шагьаралдаса тIубан гIурччинлъи тIагIине рес бугин хъвалеб буго гIарзаялда.

«Горзеленхоз» гIуцIиялъул хIалтIухъабаз щибаб санайил къватIазда нус-нус гъутIби чIолин, амма гьезул гIицIго 10 процент гурого нахъисеб соналде рекIунарин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерлъиялъул вакил МухIамадов Юсупица. Гьелъие гIилла бугила гIадамаз гьел рекун, сверун рищни барал къучIби ран хвезарулел рукIин.

​Рекламаялъул цIурал гъутIби гIицIго Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб проспекталда ратиларин, хутIанщинал къватIазда тукабаз ва цогидал гIуцIабаз рекламаялъул игIланал чIван ругин гъутIбуздайин бицана «Экенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул хIалтIухъан, ЖамгIияб палатаялъул вакил Къурбанов МухIамадица.

Къурбанов МухIамад: « Гьеб гIарза хъварал мугIалимзаби ккола аслияб куцалъ гIумруялъго шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамал. 20 соналъ цебеги МахIачхъала гIурччинаб паркалда релълъун букIараб батани, гьезул берда цебе шагьаралъул гьумер хисун, гъутIбузул бакIалда цере кковухъе рарал бакIал раккулел руго. БагIарараб мехалъ хIохьел цIан бажаруларо шагьаралда, щай- щай гурелъул гьава кколеб даражаялда букIунгутIиялъ. ХутIун ругел гъутIбузул хIал кIолеб гьечIо гьеб бацIад гьабизе газаздаса. Бокьараб къотIносан унаго бихьула, киса-кирего гъутIби хIалтIизарулел руго реклама базе, яги цогидал хIажалъалабазе. Ахирал соназ гIемерлъулеб транспортги, цадахъго дагьлъулеб гъветI-херги буго МахIачхъалаялда».

Гьеб хIалалда иш цебе унеб бугони мугIалимзабаз пикет гьабизеги рес бугила, гьезда цадахъ гIемерисел гIадамалги рахъинила, гьединабго пикру жидер бугебилан бицана МухIамад Къурбановас.

ГъутIби реклама базе хIалтIизариялда данде рагъ бан бажарулеб гьечIин абулеб буго шагьаралъул администрациялъул рекламаялъул ишал кодосев МухIамадрасул Къурбановас. Щибаб къойилгIадин шагьаралъул батIи-батIиял къватIахъ хал гьабун нахъе рахъулила гьединал игIланал, амма гьеб букIухъе бан батулила гIадамаз. ЦогIаги гьедин гъутIбузда рарал рекламаялъул хъарщал яги цогидал игIланал тIадал идарабаз изну кьурал кколарила. Гьел киналго къануналда рекъечIого рарал ругила. ГьабсагIат гьединаб хъарщи яги игIлан гъотIода чIваралъухъ кинабгIаги тамихI яги гIакIа гьечIила гьезухъа бахъизе бихьизабураб, амма гIагараб заманалда жаниб, гьединаб къануналъул проект хIадур гьабизе бугила.

МахIачхъалаялъул администрациялъ лъазабухъе, ракьул бетIергьанлъи бихьизабулел кагътазул 30 проценталдаса цIикIкIун хIакъикъиял гурел кагътал кколила, амма гьелъул щибго хал гьабичIого бетIегьабаз гъутIби къотIун, гьениб мина балеб бугила, гIицIго заманалдаса, гIадамал рукъзабахъе рахъун хадуб гурого гьебги тIатунарила.

Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталда цебе бугеб Экологияб халкквеялъул хъулухъалъул баяназда рекъон, МахIачхъалаялда гъветI-хералъул къадар 38 проценталъ дагьлъун буго, ахираб 20 -25 соналда жаниб.

XS
SM
MD
LG