МагъчIваялъе рес

МахIачхъала: тIабигIаталде данде рагъ халат бахъунеб буго


МахIачхъалаялъул Эльтав» заводалда нахъа бугеб рохь къотIун, гьенир изну гьечIого ралел бакIал цIикIкIунел рукIиналда бан, рохь цIунизе кумек гьарун, Россиялъул президентаcде хитIаб гьабун буго МахIачхъалаялдаса хIаракатчагIаз. Я низам цIунулез, я шагьаралъул тIалъиялъ рохь къотIун лъугIизабулеб бугониги кинабгIаги хIалтIи гьабулеб гьечIин такъсирчагIи чIезаризе, жеги кIиго лъабго соналдаса гьеб рохь тIубан тIагIинеги хIинкъи бугин абулеб буго хитIабалда.

«Эльтав» заводалда нахъа бугеб рохь цIуниялде ахIун лъабнусидаса цIикIкIун гъулбас гъоркь гьабураб хитIаб битIанин Россиялъул президентасул цIаралда «Махачкала 1» микрорайоналлда гIумру гьабулез, гьеб бугин жидер ахирисеб хьулин абулеб буго гIадамаз. 2013 соналдаса байбихьун лъабго гIемертIалаяб мина эхетанила гьениб, къотIун гъутIбигун къануналда рекъечIогон рарал, араб соналъ гьеб бакIалда шагьаралъул администрациялъ риххун инел минабазухъа гIадамал рахъинаризе рохьил рагIалда ракьул бутIа бихьизабунила минаби раялъе, амма гьез рихьизарурал гIорхъабалъа унги къотIулел ругин гъутьби ва рухъуле ругила кьучIалин абулеб буго гьеб мухъалда гIумру гьабулев Шамсудин ГъазимухIамадовас.

Шамсудин ГъазимухIамадов: «Ниж свакан руго гьел къануналда рекъечIогон минаби ралел, рохьал къотIулел чагIигун къеркьон, нижерго къуваталдалъун щиб гьабун бажарилеб. 2013 соналдаса бахъун къотIулеб буго гьеб рохь. Гьелдаса нахъе чанго балеб бакI цин диваназдасан чIезабун, нахъеги бан халат бахъунеб буго. Я диваназде, я жамгIияб палатаялде, я Дагъистаналъул бетIерасухъе кагътал хъвана, амма гьабилин, чIезарилин абун гурого хIасил ккечIо. Гьал къояз вачIун вукIана ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр, амма гьесги гьеб рохьил гIорхъаби чIезарилин цинги цIунилин абуна, пал хIасил цебего гIадин къотIулел руго гъутIби. Россиялъул президентасде хитIаб гьабиялъе гIилла буго, бакIалъул хIакимчагIазда божи гьечIолъи».

Аслияб куцалъ гъутIби къотIулел ругила рукIкIараб мехалъ, рохьил инспектор вихьигун гьел тIурулила, амма полициялъулал цадахъ гьечIогон инспекторасул ресги букIунарила такъсирчи кквезе. Гьелда тIадеги, рохь къотIиялда данде рахъарал гIадамазе хIинкъаби кьеялъул хIужабиги камулел гьечIила. Жидер рукъ, хъизам лъалила гьезда, данде рахъани, лъималазе, рукъалъе зарал гьабилин абун хIинкъаби кьолел ругин гьел бакIал ралел чагIазул гIадамазилан абулеб буго цогидай жамагIатчIужу Меседо Ибрагьимовалъ. ГIадамазда тIад хIал гьабун руцIун чIезаризе къваригIун ругила жал.

Шагьаралъул администрациялъ рахъинарулел гIадамазе минаби разе бихьизабураб бутIаялъул гIорхъаби тун, рохьор чанго бакIалда ругин рухъарал бакIал, гьелда бан гьеб рохьалъе хасаб цIакъго цIунулеб территориялъул даража кьезе кагътал хIадурулел ругин баян гьабуна ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр хисулев Артут Шариповас. Шагьаралда лъикIаб гьава букIине кканани гьениб 65 процент букIине кколила гIурччинлъи бугел бакIал, МахIачхъалаялъул жакъа къоялде гIурччинлъи бугеб кколеб бугила гIицIго 40 процент бакIазул.

Артур Шарипов: « ЦIакъго дагьаб гIурччинлъи хутIараб бакI ккола жакъа МахIачхъала, гьениб кIваркьей гьабизе ккола хутIарабниги гIурччинлъи цIуниялъе, гьединлъидал нижеца гьабсагIат хIадурулеб буго проект, гьеб рохьалъе хасаб территориялъул даража кьезе. Гьеб суалалда тIад хIалтIулел руго ниж гьабсагIаталда министрасул тIадкъаялда рекъон».

4 соналъ цебеги «Эльтав» заводалда нахъа ругел рохьазул къазар букIанила 75 га ракьазул, жакъаялде гьел рохьал 20 гаялъ дагьлъун ругин абулеб буго эколог Нурсултан ГIалиевас.

МахIачхъалаялдаса жигарчагIаз лъазабухъе, жакъа къоялде къотIулеб буго Тарки-Тау магIарда бугеб рохьги. Гьебги къотIулеб бугила бакIал раялъул мурадалда. Тарки-Тауялда рохьал къотIиялда данде бакIалъул гIадамаз щибго гьабулеб гьечIин, гIадамаз квер хьвагIун тун бугин гьеб тIалъиялдаса ва ртIухълъиялдаса ракI буссунилан абулеб буго Кяхулай росдал жамагIатчи Мурадхан Велиевас. Гьенир чано соналъ рохьал къотIи лъугIизаризе рачIарал комиссияз рагIи кьун букIанила кинабго тартибалде бачине, амма рагIаби ишалде сверичIила.

XS
SM
MD
LG