МагъчIваялъе рес

Чан сон бугеб МахIачхъалаялъул?


Дагъистаналъул тахшагьаралъул гIел мекъи рикIкIун бугин рикIкIунеб буго цо-цо тарихчагIаз ва археологаз.

Дагъистаналъул тахшагьар МахIачахъалаялъул ригь гьанже бугелдаса жеги цIикIкIараб букIиналъул халгьабизе буго кватIичIого. Гьединаб тIадкъай кьун буго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Археологазгун, тарихчагIазги гьеб пикру ритIухъ гьабулеб буго.

МахIачхъалаялъул хIакъикъияб ригь кинаб бугебали халгьабиялъе гIиллалъун ккун буго «Русское Географическое общество», абураб ТIолгороссиялъул жамгIияб гIуцIиялда ратарал тарихиял документал. Гьел документазда рекъон гьабсагIат МахIачхъала букIараб бакIалда микьабилеб гIасруялдаги Тарки абураб шагьар букIун буго. 966 соналъ гIурусазул князь Святослав Игоревичасул рагъулаб сапаралъул хIасилалда гьеб биххизабун букIун буго.

Гьел тарихиял хIужабазде мугъчIайги гьабун рес бугин МахIачхъалаялъул ригь гьабсагIат бугелдаса гIемерго кIудияб бугилан абизе ва гьелда бан республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас тIадкъай кьун буго шагьаралъул нухмалъулев Муса Мусаевасе архивалда ругел документалги цIидасан хъирщун, Дагъистаналъул тахшагьаралъул хIакъикъияб ригь чIезабизе.

ХIакъикъаталдаги гьабсагIат МахIачхъала букIараб бакIалде батIи-батIиял гIасрабазда чанго батIияб шагьар букIанилан абулеб буго Дагъистаналъул гIелмияб централдаса археолог Рабадан МухIамадовас. ХIакъикъияб МахIачхъалаялъул тарих байбихьанин гьаниб Хазар абураб пачалихъалъул тахшагьар Самандаралдасанилан абулеб буго гьес. Гьелдаса хадуб бижанин Тарки, хадуб Анжихъала, ва дагьабги хадуб Шамилхъала ва Порт-Петровск абун шагьарал

Рабадан МухIамадов: «АнцIила микьабилеб гIасруялда пача Петр ТIоцевесесул Таркиялъулаб сапаралъул заманалда гьанже МахIачхъала бугеб бакI чIобогояб бакI букIинчIо, гьенир гIадамал рукIана. Гьоркьохъел гIасрабазул заманалдаго Тарки шагьарлъун букIана. Гьанже гIадамал релъанхъаниги, тарихиял тIанчазда рекъон гьеб шагьар буго. Петр ТIоцевесес гьениб къед лъурабго байбихьула гьениб гIурусазул эпоха. Гьенире рачIуна эрменал, хадур персал.

Гьаниб рагьула цин ралъдал порт, хадуб маххул нух. Инкъилаб бергьун хадуб 1921 соналъ гьелъие цIар кьуна МахIачхъала абун ва гьеб лъугьуна Дагъистаналъул тахшагьралъун. Гьеб буго ахирисеб эпоха. Гьединлъидал цохIо гIурусазул тарихалдаса цебе гьениб щибниги букIинчIилан рикIкIине бегьуларо, МахIачхъалаялъул гъваридал кьалбалги ругеб, нилъ чIухIизе бегьулеб тарих буго».

ЧIванкъотIун чан сон гьелъие бугебали абизе дида кIоларо, гьеб буго гIемер гъорлъе раккун, гIемерал документалги хъирщун тIубазе кколеб суал. Амма 1000 соналдасаги цIикIкIун сон МахIачхъалаялъул букIин ракIчIараб жо буго».

Амма гIадамаз гIумру гьабизе байбихьараб мехалдаса байбихьун рикIкIине бегьуларин шагьаралъул тарихиланги бицана Рамабадан МухIамадовас хадубго.

Рабадан МухIамадов: «Дербенталъулги 5000 сон бугила чIезабизе лъугьун рукIана гIадамал, гьединго МахIачхъалаялълулги гьедигIанабго ригь бугилан лъугьинеги бегьула цо-цоял. 5000 соналъ гIадамаз гIумру гьабулеб букIараб, Тарнаир абураб археологиялъул памятник батана нижеда ГIахъушиясул къватI бугеб бакIалда.

Амма гIадамал рукIараб бакI цо, шагьаралъул даража щвараб заманги батIи-батIияб жо ккола. Таркиялъулги, Шамилхъалаялъулги, Анжиялъулги, Семендералъулги, Порт-Петровскиялъулги, МахIачхъалаялъулги цо гIаммаб тарих гьабизе ккола. Гьелъул цо бутIа букIина Таркиялъул тарих, цогидаб тарих букIина Семендер шагьаралъул».

Журналист Светлана Анохиналъ гIад-хочI гьабулеб буго МахIачхъалаялъул ригь кинаб бугебали цIех рех гьабизе байбихьулеб букIиналъул. Гьей гьединго ккола «БукIана гьединаб шагьар абун МахIачхъалялъул хIакъалъулъ тIехьалъул авторги. Муса Мусаев тарихчи, ялъуни археологищин вугев гьес гьединал гIелмиял цIех-рехал гьаризе кканиян абулеб буго гьелъ. Гьединалго суалал раккулел руго гIадатиял гIадамазулги. ГьанжелъизегIан МахIачхъалаялъул нусидаса цIикIкIараб соналъул юбилейги кIодо гьабун, гьанже рахъун гьелъул ригь кIодо гьабизе лъугьиналъул магIна щибилан абулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG