МагъчIваялъе рес

Дербенталъ 2000 сон тIубаялде хIадурлъи хашго унеб буго


Dagestan / Derbent Peter I museum opening
Dagestan / Derbent Peter I museum opening

Исана 19 сентябралда кIодо гьабизе буго Дербенталъул 2000 сон тIубай. Гьеб къо гIагарлъанагIан Дербенталде хьвадулел хIакимзабазул къокъабиги гIемерлъулел ругин абизе бегьула. Къо гьоркьоб бахъун гIадин гьенире щолел руго республикаялъул тIалъиялъул вакилзабиги, Дагъистаналъул бетIерасги Дербенталъул байрамалде хIадурлъи кин ине бугебали щибаб къойил лъазабейин жиндидайилан абун лъазабун буго.

БакIалъул хIакимзабазде тIадеги Дербенталда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьизе ва гьабураб хIалтIуе къимат кьезе гьал къоязда гьенире рачIун рукIана Россиялъул хIукуматалъул вице-премьер Александр Хлопонинги, Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетIер Сергей Меликовги.

Шагьаралъул къачIалел ругел бакIазда свериги бахъун, бухIун букIун къачIараб 15 школа рагьиялъул байрамалде ине кколаан гьел хIакимзаби. Амма гьеб школалде щун хадуб кинаб букIаниги байрамалъулаб тадбир тIобитIун гьечIо гьениб, кинабго нахъбахъун буго. Щай бахъарабали мухIканго лъалеб гьечIо, щай гурелъул Дагъистаналъул президентасул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Тамара Чиненаялъ гьенире гьезда гъоркь ругел пачалихъалъул журналистал гурел, батIиял риччан гьечIо.

Гьеб 100-ялдаса цIикIкIун миллион тIад хвезабураб школа жеги тIубан къачIан бахъун гьечIеблъи лъана журналистазда, гьелда ццин бахъиналъ тIобитIун батилара гьениб байрамилан абураб пикру букIана гьезул.

Гьел хIалтIаби лъугIизарун гьечIолъиялда ццин бахъун цеве-цевеги цIакъ хъачIго кIалъан, семун вукIана Меликов Дербенталъул нухмалъиялдеги, гьел хIалтIаби гьариялъул жаваб кьолездеги. Гьединго гьев семилин ва гьелъул хIакъалъулъ къватIиб лъалебин абун риччачIин жал гьесда цадахъ школалдейилан рикIкIунеб буго журналистазги.

Гьел халгьабияздаса хадуб букIараб данделъиялда Александр Хлопонин лъидениги семичIо, амма гьарун ругел хIалтIабаздаса гIемер кутакаб разилъиги загьир гьабичIо. Жакъа къоялде ругелдаса лъикIал хIасилал рукIине бокьилаанилан лъазабун буго гьес.

Амма Сергей Меликовас лъазабуна байрамалде хIадурлъи хашго унеб бугилан, шагьар чорокго бугила, къватI-къватIазда дарам гьабулел бакIазул гIадлу гьабун гьечIила, Нарын-хъалаялдаги, некIого къачIан рахъанин хIисаб кьурал къватIазда жеги хIалтIаби лъугIун гьечIилан.

Сергей Меликов: «ЛъугIизе кколел рукIарал хIалтIаби лъугIун гьечIолъи ва гьел хашго гьарун рукIиналъе гIилла буго шагьаралда гIадлу гьечIолъи ва гьел хIалтIаби унел куцалъеги гIадлу гьабун гьечIолъи. Дербенталъул нухмалъиялъ кколеб кIвар кьун гьечIо гьеб иш букIине кколедухъ гIуцIиялъе. 19 сентябралде щвезегIан шагьаркъачIаялъул хIалтIаби лъугIулареблъи бичIчIизе ккола.

60-абилел саназдаса нахъе цохIо стадион гурони гьаб шагьаралда цониги социалияб бакI бан гьечIо. Гьединлъидал гьабизе жо гIемер буго, жеги дагьалдасан лъабго соналъгIаги гьаризе ккола гьанир хIалтIаби. Гьединлъидал, байрамалде лъугIизейилан абун къачIалел ругел объектал тIаса-масаго гьарун, яги пасатго гIемер бюджеталъул гIарацги биччан къачIан лъугIизаризейилан лъугьунге».

Гьаниб абизе ккола Дербенталъ 2000 сон тIубаялде шагьар къачIаялъул жаваб кьолеб хасаб гIуцIиялъ кьураб хIисабалда рекъон августалъул ахиралда гьениб 11 къватI тIубан къачIан бахъун буго ва лъабгоялда жеги хIалтIаби инел руго.

Амма «Эркенлъи» радиоялъ тIобитIараб халгьабиялдаса хадуб гьал гIагарал къоязда, къачIазе кколел рукIарал къватIазул 3 къватI гурони тIубан лъугIун гьечIо. ХутIаразда жеги хIалтIаби гьарулел руго, цо-цо бакIазда гIиси-бикъинаб хIалтIи хутIун буго цойгидазда жеги хъилцин тIун гьечIо. ХIалтIаби гьарун рахъараб бакIалдаги бара-баралъуб буго нахъе хутIараб материалги, кьищни къулги.

БукIаралде данде дагьаб мадар лъугьанила шагьаралъулин руго дербенталъулал, беркIал чурараб гIадаб жо гьабунила гьаб сагIат гьаниб, амма бищун аслиял жидер масъалабиги захIмалъабиги тIуран гьечIилан.

ГIадамаз абухъе бищун Дербенталда захIматаб суаллъун буго шагьаралда лъим гьечIолъи. Цо-цо бакIазда лъел рогIрал хисун руго, шагьаралдего бачIунеб лъел система хисизабизе бугин абулеб букIана Дербенталъул нухмалъиялъ, амма гьеб суал жеги рагIалде бахъун гьечIо.

Цебего гIадин анкьицагицин лъим гьечIого хутIарал къоял чанги рукIунел руго гьенир, гIемерисеб нухалда 3-4 къоялдасан бачIунеб буго лъим. Гьединго гIадамазул разигьечIолъи буго аслиябин рикIкIунеб 10-15 къватI гурони, хутIараб бакIалде тIалъиялъ кIварго кьолеб гьечIин абун.

Аслияб къаватIаздаса чанго анцIго метралъ доре-анирехун сверанигицин хIарщул цIурал, гвендаххарал, берцинго хьвадун бажаруларел нухал ругин, гьелгIаги къачIазе бегьуларищин абураб суал буго гьезул.

Гьединго гIадамазул цIакъ ццин бахъун буго шагьаралъул 2000 сон тIубай кIодо гьабулеб мехалда гьелъул бищун аслияблъун кколеб, Дербенталъул ракIилан абизе бегьулеб некIсияб рахъ къачIалеб гьечIолъиялдаса.

Туристалги цойгидал гьалбалги къачIарал къватIахъ тIураб хъилихъги къотIнор чIарал хъар-хъархъазухъаги балагьизе унарила, гьел некIсияб рахъалде рачIунила, гьезда бихьилалдегIаги дагьабниги къачIа-кIатIай гьабизе бегьулеб букIинчIищила жидер басрияб рахъалдайилан абулеб буго «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда магалалдаса Алекберов Вадимица.

Вадим Алекберов: «Магалалда цохIо къватI къачIалеб буго, Джума мажгиталда сверухъбакI рукIалиде бачине хIалтIабиги гьарулел руго гьанже. Гьебгицин дагьал церегIан къояз байбихьана, байрамалде я лъугIила гьезул хIалтIаби я лъугIиларо.

ТIокIаб цониги магалалда бугеб къватIалда кинаб букIаниги хIалтIи гьабулеб гьечIо, рацIа-ракъалъигицин гьабулеб гьечIо. Туристазда щиб бихьизабизе нижер тIалъиялда ракIалда бугебали дида лъаларо.

Гьанир ругел махIцарал къватIалги, къотIносан чвахулеб канализацияги, чанго анцI-анцI саназ къачIачIел нухалги рихьизе риччан теха гьезда. Бищун цебе къачIазе кколеб букIараб нижер рахъ, бищун цIакъ кверхьвагIун тун буго. ТIокIаб жо гьабулареб батани,басралъун, турун хьвагIелел ругел токалъул хIубалгIаги хисейин нижейилан тIалаб гьабун ун рукIана ниж шагьаралъул нухмалъиялъухъе. Жеги гьелгицин хисун гьечIо».

Ахирисел баяназда рекъон Дербент байрамалде къачIаялъе хвезабун рагIула цо миллиард гъурущ, жеги гьебгощинаб гIарац биччазеги рагIула федералияб бюджеталдасан.

XS
SM
MD
LG