МагъчIваялъе рес

Дербент: некIсияб къедалъе гьабураб зарал 10 сонидаса гурони ракIалде щун гьечIо


КIиго базар цолъизабиялъул мурадалда Дербенталда каву лъун руго 2000 соналъ цебе бараб къедалда.
КIиго базар цолъизабиялъул мурадалда Дербенталда каву лъун руго 2000 соналъ цебе бараб къедалда.

Гьал къоязда Дербенталдаса жамагIатчагIаз Россиялъул тIалъиялдеги ЮНЕСКоялдеги гIарзал хъван руго, хасал чагIаз жидерго санагIалъабазе гIоло, шагьар бакьулъ букIараб некIсияб къед биххизабун бугин абун. Гьел гIадамал тIамихIалде цIайилан тIалаб гьабулеб буго гьез. Гьеб гурониги Дербенталда некIсиял, тарихиял бакIазде букIине кколеб кIвар кьолеб гьечIин, шагьаралъул 2000 сон тIубаялде къачIалелин абун чанги гьединал бакIал хвезарун ругинги лъазабулеб буго дербенталъулаз.

Дербенталъул некIсияб рахъалъул бакьулъан бугеб микьабилеб гIасруялда бараб къед биххизабун бугин абун ахIи базе лъугьун руго гьал къоязда дербенталдаса жамагIатчагIи. Гьез лъазабулеб буго Пачалихъияб Думаялъул депутат Мурад ХIажиевасул амруялда рекъон, биххизабун бугин гьеб къадал кесекилан. Гьев бетIергьанаб кIиго базар бугила гьениб, гьеб къадаца гьоркьоб къотIун ругел гьел цоцаде риччазелъун бахъун бугила, гьелул цо бутIаги биххизабун, нухилан абулеб буго гьез. Гьеб букIун буго цебе заманалъ Дербент тIадекIанцIияздаса цIунизе букIине шагьар сверун бараб къед.

Цо-цо бакIалъалъ гьелъул биццалъи метргун бащадалдеги бахунеб буго. Гьеб къед биххизабурал чагIи тамихIалде цIайин тIалаб гьабун дербенталъулаз гIарз хъван буго Россиялъул президентасухъеги, Дагъистаналъул бетIерасухъеги. Дербенталъул некIсияб рахъ микьго соналъ цебе ЮНЕСКОялъ дунялалъего тарихияб кIвар бугеб бакI бугилан рикIкIун букIана ва гьез цIуна-къай гьабизеги тIаде босун букIана гьелъул. Гьединлъидал шагьаралъул некIсиял бакIал риххизарулел ругин абун жамагIатчагIаз кагътал хъван руго ЮНЕСКОялдеги.

Гьеб гIарз хъваразда гьоркьов вугев «Дербент» информсайталъул бетIер Милрад Фатулаевас «Экренлъи» радиоялъе бицана, гьеб къед биххизабулеб букIиналда бан жидеца хъвараб цониги гIарзалъе жеги жаваб бачIинчIилан. Гьанже Мурад ХIажиевасул рахъкколел лъугьун ругила гьел базарал гьесул гурилан, гьеб къед биххизабиялъулъги гьесул щибго гIахьаллъи букIинчIин чIезабизе.

Милрад Фатулаев: «Гьел базаразул хъвай-хъвагIай лъида тIад гьабун бугебали дида лъаларо, амма гьезул бетIергьан Мурад ХIажиев вукIин ракIчIараб жо буго. Гьесул гурел ратани гьел базаралги гьеб ракьги жинде гьелъул щибниги хурхен гьечIин абун щайха гьес жинцаго лъазабулареб. Щалали лъаларел чагIи интернеталдасан живго цIунун хъвадаризе тIамичIого, официалияб къагIидаялъ лъазабеха жиндир бакI гурин гьебилан. Гьесде гIезегIан кIудияб гIайиблъидал гIунтIизабулеб бугеб нижеца, гьеб ккола федералияб, хIатта дунялалъего кIвар бугеб буголъи хвезаби. Бищун интересаб жо буго гьеб къед биххизабизе разилъи кьун букIин бакIалъул нухмалъиялъ.

Нижехъе баянал щун руго Мурад ХIажиев Дербенталъул депутатазул мажлисалъул бетIерлъун вугеб мехалда, гьезухъе халгьабизе бачIун букIанин гьеб къед биххун нух бахъизе разилъи кьейилан абураб гIарза. Лъица гьеб хъван букIарабали жеги чIезабун гьечIо, цониги гьеб базар тIад хъварав ХIажиевасул чи вукIун ватилаха гьев. Гьеб букIана 2005-2006 санал. Шагьар гьесул кверщаликь букIанин абизе бегьула гьеб мехалда. Гьеб гIарзалъул халги гьабун депутатазул мажлисалъги бакIалъул нухмалъиялъги официалияб къагIидаялъ разилъи кьун букIун буго гьеб тарихияб бакI биххизабизе».

Гьеб къед биххизабиялъе гIайиб Мурад ХIажиевасда бугин абиялда рази гьечIо цо-цо дербенталъулал. ЖамагIатчи ва блогер Эмиль Сеферовас «Экренлъи» радиоялъе бицана шагьаралда сиясатияб ахIвал-хIал хIалуцараб мехалда, Дербенталъул бетIерасул хъулухъалда рагъилел ругел къокъабаз цоцада гIайиб чIвазе бокьараб багьана балагьулеб бугилан. ГьедигIан цIакъ гьеб некIсияб къадал ургъел букIараб батани, гьеб биххизабун анцIго сон инегIан щайилаха киналго чIун рукIарал, гьанжейищила гьелъул ахIи бахъинабулебин лъазабулеб буго блогерас.

Эмиль Сеферов:«Мурад ХIажиевасулгIаги щиб хурхен бугеб гьеб къадалгун, гьел руго гьадингоял харбал. Гьеб бакIалда цебе букIара «Арзуйилан» ва «Эдельвейсилан» абураб кIиго базар. БатIи-батIиял бетIергьабиги рукIана гьезул, хадуб цояс цойгидасухъа базар бичун босана. ЦIияв бетIергьанас кIигоялъул бакIалда цо кIудияб базар гьабуна, гьеб мехалад цIакъ кIудия свери бахъун гурони базаралъул цояб рахъалдаса цойгидалде ун бажарулеб букинчIолъиялъ гIадамазе санагIалъиялъе бахъун букIана гьеб нухги.

Гьанже гьеб базар хIалтIулеб гьечIо, цохIо гьеб къед гурони щибниги хутIун гьечIин абизе бегьула. ГьедигIан цIакъ шагьаралъулдаги, гьелъул тарихиял бакIаздаги ракI унтун букIрааб батани щайха гьалщинал саназ руцIцIун чIун рукIарал. Дербенталъул тIалъиялда хиса-басиял ккараб мехалда рагъаричIого гьелъул бицине. Гьединал чагIи рагъаризе кколаанха ахIи бахъинабизе нижер гьаниб бокьараб бакIалда бокьараб жо балеб мехалда. Нарын-хъалаялда ресторан балелъулги, гIадамал хьвадизе тараб нухлул рагIалда бакIал ралелъулги щайха лъицаниги щибниги абичIеб».

Гьединго блогерас абуна цебехун рехсараб гьеб къед гурониги чанги тарихиял бакIал риххизарун ругила гIадамаз жидеего санагIалъаби гьаризе. Дербенталъул 2000 сон тIубаялде къачIалелин абунги чанги некIсиял тарихиял бакIазе кIудияб къварилъи гьабун, хIатта цо-цоял риххизарунцин ругилан

Дербенталъул администрациялъул рахъалдасан гьеб некIсияб къед биххизабизе щай рес кьурабалиян абураб суалалъе жаваб щвечIо. Гьеб ишалда хурхун гьаб сагIат шагьаралъул тIалъиялъ кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIин лъазабуна гьезул пресс-хъулухъалъ.

XS
SM
MD
LG