МагъчIваялъе рес

Наркотиказе гIоло Дербенталъул мэрасул гIакълучи ккун вуго


Милрад Фатулаев: "Дербенталда ХIайдар ГIалиевасул цIаралда бугеб къватI къачIазелъун Азербайджаналъ биччараб 30 миллион евро тIагIиналъул хIакъалъулъ баянал киназдаго рагIун ратила".
Милрад Фатулаев: "Дербенталда ХIайдар ГIалиевасул цIаралда бугеб къватI къачIазелъун Азербайджаналъ биччараб 30 миллион евро тIагIиналъул хIакъалъулъ баянал киназдаго рагIун ратила".

30 июналда наркотикал рича-хисиялда щаклъи букIун ккун вуго Дербенталъул мэр Имам Яралиевасул гIакълучи Эльхан Казимов. Цеве къуваталъул идарабазул системаялда батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIулев вукIарав гьев Казимовасда гьабичIеб такъсир тIад къотIулеб бугин абулеб буго экспертаз. Шагьаралъул лъайкьеялъул идараялъул бетIерлъун вугев гьесул вацасда хъулухъ тезабизе букIине, гьесде тIадецуй гьабизелъун, ургъунго ккун вуго гьев мэрасул гIакълъучи.

Талат къоялъ наркотиказул кIудияб къадар кодоб батун ккун вугин Дербенталъул мэрасул гIакълучи Эльхан Казимовилан абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъабаздасан.

Гьезул рагIабазда рекъон Казимов Дербенталъул 8 школалъул минаялъув ккун вуго Федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъул хIалтIухъабаз. ТIубараб гьеб школаги сверун ккун, сверухъ ругел къватIалги къан хасаб операция гьабунин гьев кквезейилан абураб баян буго.

Казимовас наркотикал рича-хисиялъул тIубараб къокъа гIуцIун букIун бугин, гьелъул гIахьалчIужулъун йикIарай гьеб 8 школалъул мугIалималъухъе, наркотикал кьезеги, цере кьун рукIаразухъ гIарац босизеги араб бакIалда ккун вугин гьевилан, абурал официалиял гурел баянал тIиритIизарулел руго дербенталъул къуваталъул идарабазги.

ГьедигIан кутакаб операцияги гьабун ФСБялъул хIалтIухъабаз щайин гьев ккурав, полициялда божун течIогойин абураб суал кьураб мехалда мэриялъул хIалтIухъабаз бицана дербенталъул ФСБялда тIасан хъвадарун, гIарзал гьарун гьев Эльхан Казимовас гьезул ццин бахъинабун букIанилан.

Гьезда тIасан хъвадариялъеги гIиллалъунги ккун буго, дагьаб цебегIан гьев Эльхан Казимовасул вац Дербенталъул лъайкьеялъул идараялъул бетIер Надир Казимовас бюджеталдаса 40 млн гъурущ бикъиялъул щаклъи бугинги абун, гьесул рокъоб ва хIалтIулеб бакIалда ФСБялъ чIухь бан букIин.

ГьечIеб бакIалда такъсирги ургъун бахъун, жиндир вацасда хъулухъ тезабизе къваригIун бугин гьезиейиланги абун ццидалъ вукIанин гьевилан абулеб буго дербенталъулаз. Жиндица гьеб иш гьабулезеги гьелда нахъа ругезеги тамихI гьабизабичIого тезе гьечIин цIакъ лъугьун вукIун вуго гьев Эльхан Казимов.

Гьедин гьев гIодове виччазавизе ва Надир Казимовасде дагьабги цIакъ тIадецуй гьабизе рес щвезелъун ккун вугин гьев Имам Яралиевасул гIакълучийилан рикIкIунеб буго Дербенталъул администрациялъул вакилзабаз.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун жеги кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Гьезул пресс-хъулухъалъ баян гьабуна жидеда гьеб ишалъул щибго лъалеб жо гьечIила, Эльхан Казимовги гьанжелъагIан цохIо лъикIаб рахъалъ гурони лъалароанилан.

Эльхан Казимов ккола полициялъул подполковник, жиндир заманалда цIакъ лъикIав цIех-рехчилъун рикIкIунев вукIун вуго гьев. Дербенталъул уголовияб полициялъул бетIерлъунги хIалтIун вуго гьев чанги саназ, гьелдаса хадуб гьебго Дербенталъул наркотиказде данде рагъбалеб идараялъул, ай Наркоконтролалъул бетIерлъунги хIалтIун вуго 10 гIан соналъ.

Дербент гIемерал наркотикал гьарулеб, азербайджаналдасан гьел рачIунеб, Дагъистаналда бищун цIакъ гьезул даран-базар тIибитIараб бакI букIиналъ, Казимовас хIаракаталдалъун гIуцIун букIун буго Дербенталда гьеб Наркоконтрольги.

Гьев Эльхан Казимов кквеялда тIасан баян кьолаго «Настоящее время» газеталъул ва «Дербент» информагентлъиялъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевас абуна гьеб бугила Дербенталда кIудиял хъулухъазде Азербайджаналъ абурал чагIи тIамизе рукIине, гIадамазда хIалтIи тезабиялъе гьабулел ишалилан.

Милрад Фатулаев: «Дербенталда ХIайдар ГIалиевасул цIаралда бугеб къватI къачIазелъун Азербайджаналъ биччараб 30 миллион евро тIагIиналъул хIакъалъулъ баянал киназдаго рагIун ратила. Эльхан Казимов кквейги, гьесул вацасул цIогьор вахъинавизе лъугьинги гьеб кинабго буго гьеб гIарац тIагIиналда хурхараб иш.

Ай гьеб гIарац гьоркьоб инабуралъухъ Дагъистаналъул нухмалъиялъ Азербайджаналъе кьолеб бугеб рецIелалъул цо бутIа ккола гьеб. Гьез лъазабун буго нилъер республикаялъул нухмалъиялда гьеб 30 миллион евро букIине кколелъубе хIалтIизабичIелъухъ нужеца жидеца абурал чагIи тейин Дербенталда лъикIал-лъикIал хъулухъаздайилан.

Аслияб къагIидаялъ гьеб сиясат билълъинабулев чи вуго Азербайджаналъул армиялъул централияб штабалъул кIудияв генерал Нажмедин Садикъов.

Гьев вуго Дербенталдаса азербайджаналъулав. Гьесул хIаракаталдалъун биччан букIун буго гьеб 30 млн евроги. Садикъовасе къваригIун буго гьанже жиндирго тухум – кьибил дербенталда рекъа-решон ккезабизе.

Дихъе щварал баяназда рекъон Надир Казимовасул бакIалда лъайкьеялъул идараялъул бетIерлъуде Садикъовасда, гьаб сагIат Дербенталъул 7 школалъул нухмалъулейлъун йигей, яц тезе ракIалда рагIула.

Гьединго батIи-батIиял такъсирал гьариялъ гьаниса тIуризе ккун вукIарав, 10 соналъ азербайджаналда вахчун вукIарав гьев генераласул цойги гIагарав чи МустIафаев ГIусман вачIине вуго Дербенталъул прокурорлъун. Дербент мухъалъул бетIерлъунги жидерго чи тезе къваригIун вуго гьезие.

Гьединан Дагъистаналъул нухмалъиялъ гьеб 30 миллион евроялъухъ тIаса рихьизаризехъин руго азербайджаналъул рахъ».

Гьединго журналистас тIаде жубана гIагараб заманалда полициялъул , мэриялъул финансазул бутIаялъул нухмалъулезул бакIазе гIоло букIине бугила аслияб къеркьейилан.

Гьединго Дербент мухъалъул бетIерлъудаги гьелъул цеве вукIарав нухмалъулев Къурбанов Къурбанил чи течIого Азербайджаналъул рахъ гIодоре риччаларилан.

Гъоркьисала хасалихъе хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъул гIайибги гIунтIизабун къуваталъул идарабаз ккун вукIарав ва хъулухъалдаса вахъарав гьев Къурбан Къурбановги Азербайджаналъул рахъ ккурав чи хIисабалда лъалаан.

Дагъистаналда дагъистаниязе данде кколеб сиясат гьабизе кколила, азербайджаналъе рекъезабизе кколарин абун бадийчIвайги гьабун букIана гьесие Рамазан ГIабдулатIиповас.

ЦIех-рех лъугIизегIан диваналъ рокъов туснахъ гьавун тун вукIарав Къурбанов тIагIун ватун, Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъ цIех-рехалде лъазавун вуго гьев. МухIканал гурел баяназда рекъон гьевги азербайджаналда вахчун рагIула.

XS
SM
MD
LG