МагъчIваялъе рес

Музеялда цIогь гьабиялда щаклъи бугел ккуна


​Гьал къоязда жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабазда батун буго кIиго соналъ цебе Дербенталъул музеялдаса бикъараб IXX гIасруялъул ярагъ.

Гьеб такъсир гьабурал ккун ругин гьеб ишалда хурхун цIех-рех унеб бугин лъазабулеб буго низам цIунулез. Музеялъул нухмалъиялъ лъазабухъе гьеб цIогь ккеялъе гIиллалъун букIун буго музеялда букIине кколеб цIуна-къаялъул система букIинчIолъи. Гьелъ гьениса жо бикъизе щибниги захIмалъи букIинчIин лъазабулеб буго гьез.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ такъсиргьабиялъул иш рагьун буго Дербенталъул музеялдаса ярагъ бикъиялда щаклъи бугев кIиго гIолохъанчиясда. Шамат къоялъул къад Дербент мухъалъул полициялъул хIалтIухъаби тIаде ккун руго гьеб музеялдаса кIиго соналъ цебе бикъун букIараб I9 гIасруялъул ярагъ бахчараб бакIалде. Гьебго къоялъ хасал тадбиралги тIоритIун гьеб цIогь гьабиялда щаклъи бугев кIигоявги ккун вуго гьез. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда ратун руго рикъун рукIарал хунжрулги, хвалчабиги, гьезда цадахъго ун букIараб кIиго таманчаги, лъабго туманкIги тIагIун буго.

Гьеб ишалда хурхун «Эркенлъи» радиоялъе баян кьуна Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул Дербенталда бугеб бутIаялъул хIалтIухъанас. Гьесул гьариялда рекъон цIех-рехчиясул цIар рехсолеб гьечIо.

ЦIех-рехчи:«Гьел рикъарал тункIалги, тунчулги гIарцуца къачIан рукIана. ЦIогь гьабураз гьездаса гIарацги нахъе бикIун жибго ярагъ нахъе реххун буго. Гьезда гьелъул тариххияб къимат бичIчIулебго букIун гьечIо. Гьединлъидал гьаб сагIат жеги гьел ратун гьечIо. Гьел ратилинги кколаро дида. Щай гурелъул гьеб такъсир гьабуралдаса кIиго сон ана, гьез гьел тунчулги ралъдалъе рехханин абулеб буго. КIиго соналдасан, цIамIгалаб лъелъ рукIарал гьел ратизе кутакалда захIматаб жо буго. ЦIех-рех лъугIизегIан нижеца гьел гIолилазул цIарал рицунел гьечIо, гьезул цояв вуго спортсмен цойгияв вуго наркоман. Гьезда цадахъ цойги чи вукIун ватизеги бегьула. Гьаб сагIат цIех-рех унеб буго. Гьеб бикъараб ярагъ батана гьел чагIаз гьеб бичун босизе гIадамал ралагьулел рукIиналъ. Полиэтиленалъулъги лъун ракьулъ бахчун букIун буго гьез гьеб. ГIезегIан заман бан буго гьез гьеб босун бажарулел гIадал чагIи ралагьулел. Гьел баянал нижехъе щваралго хадуб халги ккун тIатинарунаха гьел чагIи».

Гьединго цIех-рехчияс баян гьабуна гьеб такъсир гьабунхадуб жидер щаклъи букIанила гьелда гъорлъ музеялъул хIалтIухъаби рукIиналда. Гьез кумекги малъа-хъвайги гьабун бикъун батилин гьебилан. Амма хасал тадбирал тIоритIун хадуб бичIчIанила музеялъул хIалтIухъабаз гьелъулъ гIахьалъи гьабун гьечIолъи, гьез кумек гьабичIониги бокьараб цIогь гьабун бажарулеб хIал букIанила цебе гьеб музеялдаги Нарын-хъалаялдаги. Гьениб букIине кколеб цIуна-къаялъул система букIинчIила, жиндирго рокъов кьижун вукIунев хъаравуласги гьениб гьабулеб хIалтIиго букIун гьечIилан.

Дербенталъул цолъизабураб музей-заповедникалъул нухмалъулев Ибрагьимов ГIалица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб ярагъалъул тарихияб къиматалъул хIакъалъулъ ва жакъа музеяда цIуна-къаялъул иш щиб хIалалда бугебалиги.

ГIали Ибрагьимов: « Гьеб буго Шамилил заманалда букIараб ярагъ. Гьеб ккола нилъер пачалихъалъулъеги, республикаялъулъеги Дербенталъулъеги кутакаб тарихияб къимат бугеб ярагъ. Нижер музеялда гIемер руго къиматал экспонатал, амма гьеб ярагъалъги цIакъго хIурматияб бакI ккола. ГIарац-месед тIад бекьарал, магьидул гIоркьал ругел тункIалги хунжрулгун, хвалчабиги рукIана гьел. Амма тIубан меседил гьарурал гьел рукIаниги, гьелдасаги тарихияб кIварги багьаги цIикIкIараб буго гьезул. Гьаб сагIат нахъе щун буго 4 ханжарги, 6 хвалченги. Цебе гьеб музеялда кинабгIаги цIуна-къаялъул системаго букIинчIин абизе кIола дида. Цеве вукIарав нухмалъулес гьелде букIине кколеб кIварги кьолеб букIун гьечIо. Гьеб такъсир ккун хадубги щибго хисизабичIо гьеб рахъалъ музеялда. Гьеб ккун хадуб 9 моцIалдасан вачIана дун гьелъул нухмалъиялда. КIиабилеб къоялъго дица байбихьана гьениб хасаб цIуна-къаялъул система лъезеги, гьоркьоса къотIичIого гьеб мухъалда хадуб халкколел видео камераби лъезеги, гордал щула гьаризеги. Гьединаб иш такраралъулареб хIал гьабун буго жакъа музеялда».

Ахираб анцIго соналда жаниб Дагъистаналда музеязда цIогь гьабиялъул чанго хIужа ккана. 3 соналъ цебе Хунзахъ музеялдаса бикъун букIана XVII-XVIII гIасрабазул ярагъ, цIех-рехчагIаз хехал тадбиралги гьарун гьеб такъсир тIатинабуна, ва ярагъ нахъбуссинабуна. Гьединго 2005 соналъ Хунзахъ Абулмуслим Шайхасул хабадаса гьесулин абулеб VI-VII гIасрабаз гьабураб хвалченги бикъана, амма гьелъул хIакъикъат жеги лъалеб гьечIо. Гьединго жеги ратун гьечIо 2012 соналъ Гъуниб музеядаса бикъун араб ярагъги, некIсиял гIарцул тIагIалабиги.

XS
SM
MD
LG