МагъчIваялъе рес

«Сарир» пачалихъалъул цIар даим гьабиялда дандечIарал тарихчагIи


Т.Айтберов: "ГIарабазцин Сарир кIодо гьабун, нилъеца щай бихьизабизе бегьулареб?
Т.Айтберов: "ГIарабазцин Сарир кIодо гьабун, нилъеца щай бихьизабизе бегьулареб?

МахIачхъалаялда бугеб ТIоцебесеб Туралиялъул абураб къватIалъе Сарир абураб, некIсияб Дагъистаналда букIараб пачалихъалъул цIар кьезе хIукму гьабун буго тахшагьаралъул нухмалъиялъ. Амма цо-цо тарихчагIи дандечIун руго гьеб хIукмуялда. Щай хас гьабун Сарир абураб пачалихъалъул цIар гьеб къватIалъе кьезе кколебилан абулеб буго тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ. Кинаб бугеб гьелда тIасан цогидал тарихчагIазул пикруяли цIех-рех гьабуна нижеца.

ТIоцебесеб Туралиялъул абураб къватI ккола МахIачхъалаялъул Ленин мухъалда гьоркьобе унеб къватI. Амма гIемерисезда лъалеб машгьураб къватI гуро гьеб.

Сарир ккола 12 гIасруялде щвезегIан Дагъистаналда букIараб некIсияб пачалихъалда цIар. Бищунго гучалда бугеб мехалъ гьелъ жиндаго гъорлъе бачун букIанин тIолабго мугIрузулаб Дагъистанги, гьединго мадугьалихъ ругел ракьалгиян хъвалеб буго тарихчагIаз кьураб баяналда.

Гьединаб некIсияб ва Дагъистаналда рукIарал пачалихъазда гьоркьоб бищунго некIсиябги, бищунго машгьурабги букIиналъ хIукму гьабунин гьелъул цIар МахIачахъалялда бугеб къватIалъе кьезеян хъвалеб буго шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ кьураб баяналда.

Амма щайин хас гьабун Сарир абураб пачалихъалъул цIар гьеб къватIалъе кьезе кколебали жинда бичIчIуларин абулеб буго тарихчIужу ПатиIмат ТахIнаевалъ.

ГIарабазул тарихчагIаз нахъе тарал хъвай-хъвагIаязда рекъон анкьабилеб гIасруялдаса, 11-абилеб гIасруялде щвезегIан Дагъистаналда рукIана гурийин цогидалги политикиял гIуцIабиян абулеб буго гьелъ Гьел кколин Дербенд, Лакз, Табасаран, Зиризгеран, Хайдакъ, Гъумик ва жеги чанго гьединал гIуцIабазул цIарал рехсолел руго гьелъ. РакIалде щвезарулел ратани киналго цадахъ гьарейинха гурого цохIо гьезда гьоркьоса Сарир тIасабищи мекъаб бугин абулеб буго тарихчIужуялъ.

Гьелдаго тIад рекъон Манышев Сергей абураб чиясги абулеб буго, Сарир абураб пачалихъалъул цIар тIасабищи аваразул миллатчилъи кIодо гьаби гIадаб жо кколеб бугин гьебилан.

Гьелда тIасан «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго пикру загьир гьабуна машгьурав тарихчи Тимур Айтберовас. Гьев рази гьечIо ТахIанаева ПатIиматил пикруялда.

Тимур Айтберов: «Москваялда Кремлялда аскIоб бугеб Тарихалъулаб музеялда буго хасаб рукъ, Кавказалъул рукъ абун. Гьениб бокьарав чияс килиш тункун бихьизабизе бегьулеб санагIатаб бакIалда лъун буго киналго пачалихъал тIад ругеб карта. Гьеб картаялда тIадги Сарир буго. Гьез рикIкIунел ругел гьел пачалихъал гьеб картаялда гьечIо, Сарир буго. ВахI! Москваялда арав чиясда бихьизе бегьулеб Сарир, гьаниб МахIачхъалаялда бихьизе бегьунгутIиялъул гIилла щиб? Гьеб гуребги жакъа нилъехъе кодоре щун руго гIарабаз азарго соналъ цере хъварал картаби.

Гьеб картаялда тIадги Сарир бихьизабун буго Дагъистаналдасаги кIудияб некIсияб пачалихълъун. ГIарабазцин Сарир кIодо гьабун, гучаб пачалихълъун бихьизабун буго, нилъеца щай бихьизабизе бегьулареб?».

Тахнаева ПатIимат тарихалда жаниб этнографиялъулаб бутIа лъазабулей гIадан кколин, гьединлъидал гьелда лъикIго лъалареб бутIаялда жаниеги яккун гаргадизе лъугьун йигин гьей. ГIалимзабаз гьелъ бицунеб бугеб жоялде гIинтIамизе букIинчIин, гьединлъидал гьей инофрмалатазул кумекалдалъун лъугьун йигин жиндирго пикру гIадамазда рагIизабизеян абуна Тимур Айтберовас хадубги

Цогидав тарихчи, МагIарулазул Миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев хисулев Маркъо ШагIбановасги рахъкколеб гьечIо ТахIнаева ПатIиматицаги, Манышев Сергейицаги загьир гьабураб пикруялъул.

Маркъо ШагIабнов: «Гьел киналго пачалихъал рехсезе кколилан абураб гIантаб пикру буго гьезул. Гъоб къотIнор гIумру гьабун ругел киналго гIадамалги разилъун гьабураб хIукму ккола гьеб Сарир пачалихъалъул цIар гьелъие кьезе.

Гьез бицунеб къагIидаялда Аваразул ханлъи абураб пачалихъги букIинчIо, букIана Хундерил нуцаллъи абураб политикияб гIуцIи, 11-12 гIасруялда гьеб биххунги букIинчIо. Тарих лъаларел чагIаца рицунел гIахьучIал руго гьел. Жидедаго лъаларел тарихиял хIужабазе къимат кьезе, чияда гьеб малъизе щай гьел лъугьунелали дида бичIчIуларо».

Гьевго Манышев Сергейица гьединго рикIкIунеб буго нагагь Гьеб Сарир абураб цIар тIоцебесеб Туралиялъул къватIалъе кьунани гьеб букIине бугин магIарулазда лъарагIаздаги гьоркьоб ахIвал-хIал хIалуциналъе сабаблъун гьабураб хIукму.

Щайгурелъул ТIоцебесеб тарихалъул къватIалда гIумру гьабун гIемерисел лъарагIал рукIиналъ. Амма гьеб жо лахIчIегIераб гьереси бугин, ургъунго гIадамазда гьоркьоб питна бекьизе гаргадулев чи вугин гьевилан абуна гьелда тIасанги Маркъо ШагIбановас.

XS
SM
MD
LG