МагъчIваялъе рес

ЦIидаса чIвана тIелкьадерил бегавул


Щалали лъаларез 21 ноябралда чIварав Шамиль мухъалъул ТIелекь росдал администрациялъул бетIер Мухтар Къурбанов чIварал ралагьизелъун, республикаялъул къуваталъул идарабаз, гьеб мухъалда хасаб терроралде данде чIараб низам лъазабун буго.

БакIалъул гIадамаз баян гьабулеб буго тIелкьадерил росдада сверухъ гуребги тIолабго мухъалда жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабаз цIех-рехалъулал тадбирал тIоритIулел ругилан.

Амма, республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул баяналда рекъон гьеб такъсир гьабиялда щаклъи бугев цониги чи ккун гьечIо жеги. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ гьев Къурбанов Мухтар чIваялда бан Россиялъул къануналъул чанго бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго.

Гьезго лъазабулеб буго тIелкьадерил бегавул Шамиль мухъалъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIаз чIван вугилан. Гьеб такъсир кIиго чияс гьабун бугин аби гурони, гьезул хIакъалъулъ кинал рукIаниги баянал кьолел гьечIо цIех-рехчагIаз. Цебехун бицен гьабураб гьеб Шамиль мухъалъул экстремистазул къокъа 4-5 чиясдасан гIуцIун бугин, гьебги чанго къокъаялъул нахъе хутIараздасан данде гьабун бугин абурал баяналги кьолел руго хасал идарабаз.

Жалго тIелкьадерил ракIчIун буго Мухтар жидер росуги, гьеб мухъги цIакъго-цIакъ лъикI лъалев чияс чIван вукIин. Гьедин букIинчIебани гьел такъсирчаги додин хехго тIурун рорчIулароанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьев Мухтар чIвараб бакIалде бищун цеве тIадеккаразул цояв ТIелекьа ГIумаров МухIамадица.

ГIумаров МухIамад: «Додинаб жо жеги бихьичIел чагIи риххун ккеларищха, ккола. Дун тIаде щваравго гIодов ккараб хIалалда ватана дида гьев, дица бералги тIупана, нилъуги бухьана гьесул. Гьав гьадин тезе бегьуларин нахъе восизе кколин абун нахъеги вачана. Гьеб такъсир гьабулеб мехалда рокъой гьесул лъадиги лъималги рукIун руго. Лъималазул руруялъ лъана чи чIван вукIин.

Дун гьениве векерун щвана, бищун араб батани 10-15 минут ун батила. Гьел чагIи (такъсирчагIи) нухдасан гьенире рачIинчIеблъи лъараб мехалда дун хадув вортана гьезда, амма гьезул лъалкIцин хутIун букIинчIо. Гьел тIурун араб къваридаб нух гьеб бакIалда букIинцин лъалеб букIинчIо дида. Гьединлъидал нижер росулъи гьеб мухъги цIакъго лъикI лъалев чияс гурони, батIияв чияс гьабураб иш гуро гьеб».

Гьединго МухIамадица бицана чIварав жидер бегавуласе цере-цереги хIинкъалаби кьолел рукIараблъи лъалаанила жидеда, амма гьелдабан гьес къуваталъул идарабазде гIарза хъван букIанин абун рагIун букIинчIилан.

ГIумаров МухIамад: «Гьев (чIварав бегавул) цеве полициялъул цIех-рехалъул бутIаялда (уголовный розыскалда) хIалтIулев вукIарав чи вуго. Гьелдаса нахъего рукIун руго гьесие «рохьилаз» хIинкъаби кьолел.

«ЭР»: «Гьеб полициялда хIалтIиги тунищха гьев бегавуллъуде вачIун вукIарав?»

ГIумаров МухIамад: «У, жамагIаталъ гьарун вачIун вукIана гьев. Гьев вищаралдаса исана июлалъ лъагIел бан букIана».

«ЭР»: «Нужеца гьел вагьабиялин абулел чагIазда росу тезабун букIана гури, росулъ чи хутIун вугищ гьезул?»

ГIумаров МухIамад: «ХутIун гьечIо гьел росулъ, гьезда росу тезабун букIиналълъидал гьез рецIел босун гьел ишал гьарулел ругел».

Гьединго ГIумаров МухIамадица абулеб буго бищунго квеш ккараб жо бугила гьаб сагIат цереги росулъ чIвай-хъвеял ккараб мехалда росдал гIолохъабаз ТIелекье бачIунеб щибаб нухдаги сверухълъиялдаги гьарун рукIарал хасал постал нахъе рахъизарун рукIин. Росулъе рачIунезул-унезул гIадлу –низам букIинелъун гьарун рукIун руго гьел постал тIелкьадерица, амма кодоб ярагъги гьечIого нуж гьенир чIеялъул пайда букIине гьечIила, жидее нужеда гьоркьор дагьалги къурбанал рукIине бокьун гьечIинги абун бакIалъулаб полициялъ нахъе рахъизарун рукIун руго гьел. Жалго низам цIунулелги цо-цо хал-шал гьабизе гьенирехун рачIин гурони, кидаго росу цIунун чIолел гьечIо ТIелекь. Гьединлъидал бокьарав чи бокьараб мехалда эркенго вачIинеги инеги рес бугин абулеб буго росдал жамагIаталъ. ЧIварав бегавул Къурбанов Мухтарил букIун буго 36 сон, гьесул нахъе хутIун руго лъадиги лъабго гIисинал лъималги.

Гьесда цеве ТIелкьадерил бегавуллъун вукIарав Къебедов Халидги 2013 соналъул 6 декабралда гьединго экстремистаз чIван вукIана. Имарат Кавказалъул кIудиявлъун вукIарав тIелекьа Кебеков ГIалиасхIабил гIагарлъиялъ чIванила гьев Къебедовилан лъазабулеб букIана цIех-рехчагIаз. ТIелкьадерица росдал жамагIаталда дандги бан гьел вагьабиязул киналго хъизанал росулъа нахъе гочиниризе хIукму къотIун букIана.

Гьел гIемерисел Кебековасул гIарагал чагIи рукIун руго. ГьабсагIат гьесул гIагарлъиялъул росасда йигей чанго чIужугIадан гурони росулъ чи хутIун гьечIин, амма гьезие тIад руссине къваригIун бугила, гьединлъидал жидедаго дандечIарав дагьавниги рагIи билълъарав чи толев гьечIила гьезилан абулеб буго тIелкьадерица.

XS
SM
MD
LG