МагъчIваялъе рес

ТIелкьадерица вагьабиязда росу тезабулеб буго


Шамиль мухъалъул ТIелекь росулъ ахIал-хIал хIалуцун буго ахирал къоязда. Росулъ бакIалъул гIолилаздасан гIуцIулел руго низам цIунизе хасал къукъаби ва жамагIаталъ росу теян лъазабун буго гьенир гIумру гьабун ругел вагьабиял абулел чагIазда. Гьеб киналъего гIиллалъун ккун буго араб анкьалда росдал бегавул чIвай.

Шамиль мухъалъул ТIелекь росдал бегавул чIваялъе аслияб гIиллалъун гьес изнугьечIого яргъидгIуцIаразде дандечIей гьабулеб букIин бугилан рикIкIунеб буго гьеб росулъа гIадамаз ва цIех-рехалъалъул идарабаз. Гьеб такъсир гьабун хадуб тIелкьадерил жамагIаталъ гьезул росулъ ругел киналго вагьабиязда росу тезабулеб буго.

6 декабралъул сардилъ щалали лъаларел чагIаз жиндирго рокъов чIван ватун вуго ТIелекь росдал бегавул Къебедов Халид. ЦIех-рехчагIаз изнугьечIого яргъидгIуцIараз рецIел босиязе гIоло чIван вугин Къебедовилан рикIкIунеб буго. ТIелкьадерил жамагIаталъул вакилзабаз бицухъе Халид Къебедовас гьенир росулъ ругел вагьабиязул гIаркьелалалъул гIадамазде дандечIей гьабулеб букIун буго, росдал гIолохъаби жидерго кьерулъе цIагеян лъазабулеб букIун буго гьезда.

МухIканал гурел баяназда рекъон Халид Къебедов гьебго росулъа вацал ГIамироваз чIван вуго. Гьел ккола изнугьечIогояргъид гIуцIаразул кьерулъ рукIиналда щаклъи бугел чагIи, гьелде тIадеги 21 ноябралъ ТIелекь хасаб операция тIобитIулеб мехалда гьезул цояс лъукъун вуго Шамиль мухъалъул жанисел ишазул идараялъул бетIер ХIажи ГIалимухIамадовги, амма къуваталъул идарабазухъе кквезе щвечIо гьел вацал, жеги -жеги гьел ралагьулел руго низамцIунулел.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-службаялъул нухмалъулев Темирбеков Расулица «Эркенлъи» радиоялъе бицухъе ТIелкьадерил росдал бетIер лъица чIван вугевали жеги чIезабун гьечIо. РакIчIун гьеб такъсир вацал ГIамироваз гьабун батилин абунги жеги бажаруларин лъазабулеб буго Темирбековас. Гьесул рагIабазда рекъон хасал идарабазул хIалтIухъабазул цIех-рех лъугIун хадуб гурони гьеб такъсиралда сверун кинаб букIаниги мухIканаб баян кьун бажарулеб гьечIо.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ТIелекьа Таймасханов ИсмагIилица бицана гьеб чIвай-хъвей ккун хадуб росулъ ахIвал-хIал цIакъго хIалуцун бугин, гьениб гIумру гьабун ругел вагьабияздаги Халид Къебедовасул кверкьей биххилалде росу теян лъабун бугилан.

ЭР: Кинаб ахIвал-хIал бугеб жакъа росулъ ?

Гъаирбег Халилов: Гьел вагьабиязда Халидил вукъа-вухьи лъугIилалде росу теян лъазабун буго росдал жамагIаталъ.

ЭР: Гьезда церего росулъа айин лъазабун букIана гури ?

Гъаирбег Халилов: Цебе гьезда абун букIана нужеего ине санагIатаб бакI балагьун тейилан. Гьанже гьезда чIван-къотIун лъазабуна къокъаб заманалда росулъа къватIире лъугьайилан, берцинго инчIони хIалицаги росу тезабизе бугин лъазабуна гьезда гIолохъабаз.

ЭР: Росулъ гьел вагьабиялин рикIкIунел чагIазул чан чи вугев?

Гъаирбег Халилов: Гьезул вуго 7 чи, полициялъул нухмалъулевги лъукъун тIурун ворчIарав цояв хутIизегIан, хутIанщинал къуваталъул идарабаз ккун рачун унги руго гьаб сагIаталда.

ЭР: Лъица гьев Халид чIван вугин абулеб бугеб ?
ИсмагIил Таймасханов: Жеги гьеб лъица гьабурабали чIезабизе кIун гьечIо цIех-рехчагIазда.

ЭР: ЧIварав бегавул гьел вагьабиязде дандейищ вукIарав?

Гъаирбег Халилов: У, гьезде данде чIун вукIана гьев, Халидица гьал росдал гIолохъаби жидерго кьерулъе цIагейилан абулеб букIана гьел вагьабиязда.

ЭР: Гьезде данде чIун ругел росдал цойгидал гIадамазеги хIинкъи батилаха гьанже?

Гъаирбег Халилов: БукIинарищха буго гьединаб хIинкъи цойгидал гIадамазеги гьединлъидал росдал гIолохъабаз гIадлу-низамалда хадуб халкквезе хасал къокъаби гIуцIун руго.

ЧIварав Халид Къебедовас бегавуласул хъулухъалда бан буго лъабго сон, гьелде щвезегIан гьев хIалтIилев вукIун вуго пенсиял рикьулеб идараядда ва токалъухъ гIарац бакIарулеб бакIалда. Халидил нахъе хутIана лъади ва ункъго лъимер.

XS
SM
MD
LG