МагъчIваялъе рес

Лъица чIварав тIелекьазул жамгIияв хIаракатчи?


25 сентябралъул къаси Шамиль мухъалъул ТIелекь росулъ чIван вуго 35 сон барав жамгIияв хIаракатчи. БакIалъул гIадамазул баяназда рекъон гьев вукIун вуго салафиязде дандечIарав чи, гьелъие гIоло чIвазеги чIванин гьевилан рикIкIунеб буго гIадамаз.

45 сон барав Бадавиев Шамиль чIван вуго хамиз къоялъул къаси Шамиль мухъалъул ТIелекь росулъ. Росулъ мадраса балеб бакIалдаса вуссун вачIине вукIарав гьесде тIаде кIанцIи гьабун бугин щивали лъаларев кIиго чиясин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ТIелекь росулъа МахIачхъалаялда чIарав АхIмадица.

АхIмад: «Нолъ 7-8 тIубараб гIадаб мехалда чIван вуго гьев. Дидаги росулъа гIадамаз гьедин бицана. Магжилазде данде чIарав вас вукIун вуго гьев. Нухдасан вачIине вугев гьесде дандеги рачIун чIван вуго гьев. КIигояв вукIун вуго гьезул».

Гьесул рагIабазда рекъон росулъа цойги васасда рихьун руго гьев Шамиль чIварал чагIи. Гьесул баяназда рекъон цоясул гьурмада маска ххун букIун буго, цойгидасул гьумер рагьун букIун буго. Гьев маска ххурав чи росулъа чи вукIун ватизе бегьулин, гьединлъидаб живго лъачIого вукIине бахчун букIанин гьес гьумерин рикIкIунеб буго бакIалъул гIадамаз. Гьесда цадахъ вукIарав цойгидав чи жеги киданиги гьеб мухъалдаса гIебеде вихьичIев чи вукIанин абун бицун буго гьеб такъсиралъул нугIас.

Гьединго тIелкьадерица бицана чIварав Бадавиев Шамиль вукIанила лъикIав жамагIатчиги, цIакъ вагьабиязде данде чIарав чиги. Росулъ гIумру гьавун гьечIониги гьев росулъ лъугьа-бахъунелда гьоркьоса камулароанила. ТIелекь мадраса баялъе кIудияб гIарцулаб квербакъиги гьабунила гьес, гьеб баялъул ишги жиндирго жавабчилъиялде босун, гьелъие нухмалъи гьабулевги вукIанин Шамилилан. Чанго къоялдасан мадраса рагьизе букIиналъ росулъе вачIун вукIун вуго гьев.

ГIумруялъ дин цебетIезабиялда тIад хIалтIулев чи вукIанин гьев. Гьесул бажариялдалъун чанги мажгиталги ранин, киданиги вагьабиязде данде чIарав чи вукIанин бицунеб буго тIелкьадерица. Кидаго рагьун гьезде данде рагъбазе кколин абулеб букIун буго гьес. Гьеб дандечIеялъе гIоло чIванин гьевилан рикIкIунеб буго тIелкьадерил жамагIаталъ. Шамилил нахъе хутIун руго ункъго лъимер, гьезул кIигояв исламияб университеталда цIалулел руго.

Дагъистаналъул цIех-рехчагIаз гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун къануналъул кIиго бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. ЦIех-рехалъул идараялъул вакил Темирбегов Расулица «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон Шамиль Бадавиев чIварал чагIи ТIелекь росдада аскIоб бугеб магIарда рохьорехун тIурун ун руго. Гьел ралагьизе хасал тадбирал тIоритIулел руго росулъ. Гьединго Темирбеговас лъазабуна цIех-рехчагIаз гьев чи чIваялъе чанго гIиллаялъул халгьабулеб бугила, амма гьезда гьоркьоб аслияблъун бугила гьев вагьабиязде данде чIарав чи вукIиналъ, изнугьечIого яргъидгIуцIараз гьев чIвай.

Гьел такъсирчагIи ралагьиялъе гIоло жакъа радалалдаса нахъе Шамиль мухъалда терроризмалде данде чIараб низам лъазабун буго.

Ахираб бащадаб лъагIалида жаниб изнугьечIого яргъидгIуцIараз чIварав тIелекьа ункъабилев чилъун ккола Шамиль Бадавиев. Гьел чIваразда гьоркьов вуго ТIелекь росдал бегавуллъун вукIарав 47 сон барав Къебедов Халидги. Гъоркьисала декабрь моцIалдаса нахъе байбихьанин росулъ вагьабиязулги тIарикъатчагIазулги дандечIейилан лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. Гьеб мехалда росдал жамагIаталъ гьенир гIумру гьарун ругел вагьабиязда росу теян лъазабун букIун буго. Гьелдаса хадуб росулъ хасаб операцияги тIобитIун гьезул кIиго чи чIванги вукIана.

Гьеб багъа-бачариялдаса хадуб рохьилаз росдадаса рецIел босизе байбихьанин, бажари бугел, гьезде дандечIарал гIолохъаби цо-цоккун тIагIинаризе хIаракат бахъулеб бугин гьезилан абулеб буго тIелкьадерица. Ахираб заманалда гьезул росулъ вагьабиял гIемерлъиялъе гIиллалъун кканила гьезул росуцояв Кебеков ГIалиасхIаб «Имарат Кавказа» абулеб эктремистияб гIуцIиялъул бетIерлъун вахъийилан рикIкIунеб буго экспертаз. Гьезул баяназда рекъон 2013 соналъул марталда чIварав Дагъистаналъулго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул бетIер ХIажидадаев Ибрагьимил кваранаб квер гIадав чи вукIун вуго Кебеков, гьеб къокъаялъул киналго гIарцул ишал тIуралев чиги вукIун вуго гьев. Гьединлъидал Кебековас гIарацги кьун жиндехунго руссинарулел ругин тIелкьадерил гIолохъабийин лъазабулеб буго гьез.

Гьединго 25 сентябралда МахIачхъалаялда Шамилил къотIнов чIван вуго Гъуниб мухъалъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи ХIажирамазанов ГIалил. Полициялъулаз гьев рекIараб автомобиль чIезабураб мехалда гьезул рахъалде гранатаги реххун тIуризе къасд гьабун буго гьес. Хадуб кьвагьун полициялъулаз чIван вуго гьев. Россиялъул терроризмалде дандечIараб идараялъул комитеталъул баяназда рекъон ХIажирамазанов цеве-цевеги полициялъулазде гьарурал тIадекIанцIиязул гIахьалчи хIисабалда цIех-рехалде лъазавун вукIун вуго.

XS
SM
MD
LG