МагъчIваялъе рес

Гьанже ирга тIелкьадеридеги щвана


Хамизкъоялъул радал Шамиль мухъалъул ТIелекь росулъ изнугьечIого яргъиддгIуцIаразул кьерулъ рукIиналда щаклъи бугезулгун ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда гьеб мухъалъул полициялъул нухмалъулев лъукъун вуго. НизамцIунулезде дандечIей гьабуразул кIигояв ккун вугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул хасал идарабазул вакилзабаз.

21 ноябралъ Дагъистаналда Шамиль мухъалдаги, МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалдаги терроризмалде дандечIараб низам лъазабун буго. Шамиль мухъалъул ТIелекь росулъ буго . «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон бахчараб ярагъ балагьулел рукIун руго Шамиль мухъалъул къуватазул идараби. Гьел хасал тадбирал тIоритIулаго низамцIунулезде кьвагьдон руго щалали чIезаризе кIвечIел чагIи. Гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда Шамиль мухъалъул жанисел ишазул бутIаялъул нухмалъулев ХIажи ГIалимухIамадов лъукъун вуго. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул вакилзабаз лъазабуна гьесул гъажаллъ щун бугин гуллайин ва гьесул гIумруялъе хIинкъи гьечIилан.

Хасал тадбир унеб бугеб куцалъул хIакъалъулъ къуваталъул идарабазги бакIалъул гIадамазги батIи-батIиял баянал кьолел руго.

Дагъистаналъул жанисел ишазул вакилзабаз кьурал баяназда рекъон ТIелекь 2 чи ккун вугин цойги кIигояв валагьулевги вугин хъвалеб буго цо-цо информалатаз. «Эркенлъи» радиоялъухъ гьел баянал мухIкан гьарун бажаринчIо, чанцIул ахIаниги низамцIунулезул пресс-хъулухъалъ жаваб кьечIо.

ТIелкьадерил жамагIаталъул вакилзабаз бицухъе кIиго чи ккун вуго полициялъулаз, цояв тIурунги ворчIун вуго. Гьев ккурав кIигоясул цояс таманча речIчIун лъукъун вуго Шамиль мухъалъул полициялъул нухмалъулевги. Гьез бицухъе ккурав гьев кIиявго гIолохъанчи кколев вукIун вуго изнугьечIогояргъидгIуцIараз Кавказалъул Имараталъул къадийилан жинда абулев ТIелекьа Гебеков МухIамадил гIагарал чагIи. Исана март моцIалда Семендералда хасаб операциялъул хIасилалда чIварав Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул бетIер Генуса Ибрагьим ХIажидадаевасул цIакъ божарав чиги вукIун вуго гьев Гебеков.

МахIамад МахIамадов: « Гьаб гьениб мухIканго щиб лъугьунеб бугебали лъалеб гьечIо, щай гурелъул ахIизе щолеб гьечIо росулъе. Дихъе щварал баяназда рекъон гьел ккурав кIигояв ккола Гебековасул вацгIалзаби, гьев цоявги гьезулго гIагарав чи вуго. Живго Гебековги росулъцин гьечIо гьев некIого тIагIана гьениса. Гьел цояздаги кIиго анкьалъ цебе росдаца лъазабун букIана жидерго хъизан-агьлуги бачун росу тейилан, гьениса ине моцIкьун букIана гьезие».

Гьединго къуваталъул идарабаз лъазабухъе полициялъ сверун ккун букIараб кIиго минаялъуб батун буго ярагъ. Къад ункъго тIубараб мехалдаги гьеб мухъалда терроризмалде дандечIараб низам жеги халат бахъунеб буго. Къуваталъул идарабаз тIурун ворчIарав валагьулев вуго.

Гьебго къоялъ МахIачхъалаялъул тероризмалде дандечIараб низам лъазабураб Ленинский мухъалда полициялъ ярагъги, Хасавюрталъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялде гьоркьоре унел кIигоявги валагьулев бугин лъазабун букIана жанисел ишазул хIалтIухъабаз. НизамцIунулезул баяназда рекъон Хасавюрталдаса лъутун МахIачхъалаялда рахчун руго гьел. Гьебго къокъаялъул кIигояв ва гьезул лъудби чIвана 20 ноябралъ ЦIиябсасикь тIобитIараб хасал тадбиразул хIасилалда. ЧIварал 26 сон барав МухIамад АхIмаднабиевас 24 сон барав Ислам АхIмадовасги кверде рачIине инкар гьабун буго, гьелдаса хадуб низамцIунулез гьужумги гьабун чIван руго гьел.

XS
SM
MD
LG