МагъчIваялъе рес

«Холел руго дур вацал, чIвалел руго дур васал»


Дагъистаналъул Шамиль мухъалда терроризмалде данде чIараб низамги лъазабун талат къоялъ гьенив полициялъул хIалтIухъан чIварал чагIи ралагьулел руго. Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон полициялъулав чIван вуго гьеб мухъалъул изнугьечIого яргъидгIуцIараз.Гьебго къоялъ МахIачхъалаялдаги чIван вуго полициялъулазде кьвагьдарав кIиго изнугьечIого яргъидгIуцIарав.

Исана соналда жаниб Дагъистаналъул Шамиль мухъалда 5 абилеб нухалда лъазабун буго терроризмалде данде чIараб низам. Гьаб нухалда гьеб хасаб низам лъазабиялъе гIиллалъун ккун буго 5 августалда гьеб мухъалъул полициялъул хIалтIухъан чIвай.

НизамцIунулев чIван вуго талат къоялъул къалъуда Гьолокь ва ТIелекь росабазда гьоркьоб бугеб нухда. Гьев рекIараб автомобилалде кьвагьдезеги кьвагьдон щалали жеги лъазе кIвечIел чагIи тIурун ун руго.

Гьел ралахьизелъун тIубараб мухъалдаго терроризмалде данде чIараб низамги лъазабун цойгидал бакIаздасаги къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги рачIун гьенир хасал тадбирал унел ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул жанисел ишазул министрелъиялъул пресс-хъулухъалда.

Гьезул баяназда рекъон такъсирчагIи щалали чIезарун руго, гьел кколел руго Шамиль мухъалъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи. Чанго моцIалъ цебе ТIелекь росдал бегавул чIваялъулъги, гьенисаго цойги гIолохъанчи МухIамадов ГIалиаскаб чIваялъулъги гIахьаллъи гьабуралго чIагIаз чIван вуго гьев Гьолокь росулъа, 34 сон барав полициялъул хIалтIухъанги.

Гьебго къоялъул къалъуда МахIачхъалаялъул Шамилил къотIноб полициялъ чIезабулеб букIараб автомобилалъусан кьвагьдон руго низамцIунулезде.

Данде речIчIараб жоялъ гьел чIван руго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. ЦIех-рех гьабун хадуб гьел чIварал чIаги ратун руго МахIачхъалаялдаса 33 сон барав БахIамаев МухIамадхIажи ва 23 сон барав Арсланбеков Казбекги.

Полициялъулаз докуметазул хал гьабулеб мехалда цохIо кьвагьдон чIечIого гьез «хатабил гранатайилан» цIар бугеб кьвагьулеб алат кьвагьизабизеги хIал бихьун буго, амма гьезие квалквал гьабун буго низамцIунулез.

ЧIварал полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьдолеб мехалда аскIосан ине вукIарав гIадатияв чиги лъукъун вуго. Гьев МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялда вегизавун вуго, тохтурзабазул баяназда рекъон гьесул боххалда щун буго гулла, букIине кколеб операцияги гьабун буго гьесие, гьединлъидал гьев 43 сон барав махIачхъалаялъуласул гIумруялъе щибго хIинкъи гьечIин абулеб буго тохтурзабаз.

Къуваталъул идарабаз кьурал баяназда рекъон МухIамадхIажи БахIамаев ва Казбек Арсланбеков кколел рукIун руго МахIачхъалаялъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIазул кумекчагIилъун.

Гьез рохьилазе кумек гьабун гIарацги транспортги чIезебулеб букIанин, гьезие къваригIараб ярагъи кьвагьулел жалги доре анире раччулел рукIиналдаги щаклъи бугин абулеб буго низамцIунулез. Гьаб сагIат цIех-рехчагIаз лъазабулеб буго гьев талат къоялъ чIварав кIиявго гIолохъанчияс цойгидал такъсиразулъги гIахьаллъи гьабулеб букIанищали.

Хасал идарабазул берзукье гьел кIиялго исана апрель моцIалда ругони ккун гьечIо, гьелдалъагIан жеги цониги нухалъ полициялде ккарал яги щибниги къанун хвезабиялда щаклъи бугел чагIи рукIинчIин гьелилан хъвалеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул сайталда.

ЧIварав БахIамаев МухIамадхIажи лъалей йикIарай МахIачхъалаялдаса Арсланова Мадинацаги «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьев щибниги такъсирияб ишалда гъорлъ вукIарав яги киданиги гьениве гьоркьове лъугьинин ракIалде ккелевгIадав чицин вукIинчIилан.

Гьев вукIанила кидаго квана-гьекъолев, терелев вукIунев, щибниги диналдехун гьоркьоблъи гьечIев чийилан. Гьединлъидал гьев щибго гьечIеб бакIалда диналде вуссинги, гьелдаго хадуб гьев рохьилазул кьерулъ вугин абурал баяназги жий гIажаиблъизаюн йикIанилан.

Арсланова Мадина: «Гьев вукIана ресалда вугев, цIодорав, щибниги кьищни-къул ботIролъ гьечIев вас. Кидаго квана-гьекъолев, кечI ахIулев, кьурдулев кепалда вукIунев чи вукIана гьев. Кидаго ясазул гохIилъги вукIунаан.

ЧIужу ячун хадуй гьейги нилъер гьанир васас гIадин рокъой чIезайичIого кидаго жиндаго цадахъ ячун кеп-гIоркьалда вукIунаан гьев. Дин щибали лъалев чицин вукIинчIо гьев.

Гьесул кIудияй ясалда цIар буго Максалина, нужецаго пикру гьабеха динияв чияс ясалда гьединаб цIар лъолищали. Жиндиего бокьухъе эркенго вукIунев чи вукIана МухIамадхIажи. Жиндирго бизнесги бугев, ресги бугев, цойгидазе кьезе гIурабгIанги гIарацги бугев кепалда вукIарав гьев кин гьел рохьилазде гьоркьове лъугьаравалицин лъаларо дида.

Киналго гIажаиблъун хутIун руго, гьесул гьудулзабаз абулеб букIана гьев ахираб заманалда жидедаса дагьав рикIкIалъун вукIанила, цебе гIадин квана-гьекъеялъулъ вукIунароанила гьев.

Жидецаги рокъосан регIулев ватиларин, лъабгониги лъималги ругеб мехалда магIишат гьабиялде тIаделъун ватилин толаанила гьевилан абулеб букIана гьудулзабазги.

Дун жеги-жеги гьеб кинабго жоги гIадлъун йиго, дида бичIчIулеб гьечIо кин гьев рохьилазулъе ккаравалиги хасго, кин полициялъулазде тIадекIанцIи гьесда гьабизе кIварабалиги. КигIанги лъикIаб гIумруялда вукIарав гьесие щиб гIоларого букIрабали дида лъаларо, гьединал чагIи щиб къваригIун рукIунелалиги бичIчIуларо дида».

Гьединго Мадинаца «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна жиндида кколеб бугила гьел рохьилаз жидерго кьерулъе щиб бицунги, щиб чиясул психика хисизабулеб система хIалтIизабунги жидерго кьералъе БахIамаев гIадал бечедал чагIи цIазе хIаракат бахъулеб бугила.

Гьез гьабураб динги жигьадги къваригIун гьечIила изнугьечIого яргъидгIуцIаразе, цохIо гьезухъа щолеб гIарцул ургъел бугила гьезие. Наркотикал ричулел чагIазги гьединго бищун цере бечедал чагIиги гьезул лъималги цIалила жидерго кьерулъе.

XS
SM
MD
LG