МагъчIваялъе рес

Дербенталъул мэрасул тахида сверун бахIсал рагъарана


Дагомыс шагьаралда унеб бугеб «Вся Россия» абураб журналистазул форумалда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна, гьал гIагарал къоязда, Дербенталъул мэрлъун Малик Баглиев тезе вугилан.

Гьев ккола республикаялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр. Гьеб дандеруссиналда гьедин абун гурони, официалияб къагIидаялъ гьеб суалалда тIасан кинаб букIаниги лъазаби гьабичIо жеги гьес.

ГIабдулатIиповасул гьел рагIабаз гIемераб разигьечIолъи багъаризабуна гIадамазда гьоркьоб. Цо-цо экспертазги гьеб хъулухъалде кандидатура лъун букIарав Маир Пашаевасги гьеб лъазаби къанун хвезаби кколинцин рикIкIунеб буго. Гьединго гьес абулеб буго ГIабдулатIиповасул гьеб ургъичIого абурал, магIна гьечIел рагIаби Дербенталъул мажлисалъул депутатазде тIадецуй гьаби кколилан. Гьелда бан республикаялъул прокуратураялъ халгьаби тIобитIизегицин кколин ракIчIун буго гьесул.

Пашаевасулго гIадаб пикру буго, гьеб лъазабиялда хурхун, РИА Дербент информагетлъиялъул нухмалъулев Милрад Фатулаевасулги. ГIабдулатIиповас гьеб лъазаби гьабиялъ гьес къанунги, шагьаралъул уставги, депутаталги хIисабалде росулелго гьечIила ва гьезул къимат гьабулеб гьечIин рикIкIунеб буго журналистас. Гьес бицухъе Дербенталъул бетIерасул рищиял 30 октябралда тIоритIизе ругин абураб хIукму къотIун букIана шагьаралъул депутатазул мажлисалъ.

Гьел депутатаз вищизе ккола шагьаралъул бетIерги, Рамазан ГIабдулатIиповас яги цойги чияс тIамизе бегьуларила гьениве нухмалъулевин абуле буго Фатулаевас. Гьединго журналистас рикIкIунеб буго Малик Баглиев Дербент гIадаб захIматаб ахIвал-хIал бугеб шагьаралъул нухмалъулевлъун тIамиги гьебги цIодораб хIалтIи кколарилан. Гьеб ишалъе хIалбихьи гьечIев чилъун рикIкIунев вуго гьев Милрадица. Гьесул пикруялда рази гьечIо цойгидав журналист Альберт Эседов.

Альберт Эседов: «Киналго муниципалиял хъулухъазда ругел чагIи гуро Дагъистаналда хIалбихьи бугел рукIунел. Жеги киданиги тIадегIанаб хъулухъалдаго рукIинчIел, гIадамалгун кIалъазецин лъаларел чагIиги,спортсменалги, хъаравулзабиги рукIине бегьулеб мехалда гьев щай бегьуларев. Гьес нухмалъи гьабулеб буго гIезегIан кIудияб, республикаяъе кIвар бугеб министерлъиялъе.

Гьелде щвезегIанги хIисабалъул палатаялъул нухмалъуда вугев мехалдаги лъикIаб рахъалъ вихьизавуна гьес живго, гьединго жанисел ишазул идарабазда хIалтIулеб мехалдаги лъай бугев, лъикIав хIалтIухъан хIисабалда лъалаан гьев. Цониги коррупциялъул скандалалда гьоркьове ккечIев чи вуго гьев. ХIалбихьи гьечIин гьесул шагьаралъе нухмалъи гьабизейин аби мекъи буго. Лезгиялги гьесул кандидатураялда тIад рекъон ругин абизе бегьула.

Дербенталъул Мажлисалъул хIукмуялда рекъон 29 абилеб сентябралдаса бахъараб 21 октябралде щвезегIан Дербенталъул мэрлъун вахъине ракIалда вугев бокьарав чияс документал кьезе ккола ва жиндирго кандидатура загьир гьабизе бегьула, гьел кандидатазул халгьабулеб хасаб коммиссиялде. ТIоцебе гьеб мэрлъиялде кандидатазул халгьаби комиссиялъ 15 сентябралда тIобитIизе кколаан, хадубги гьеб 22 сентябралде бахъун букIана. Гьеб мехалдаги цохIо экономист ва журналист Маир Пашаевас хутIун хутIарав анлъгояс жидерго кандидатураби нахъе росидал гьеб гьеб комиссиялъул халгьаби хIакъикъияб гуреблъун рикIкIана.

Гьеб мехалда Дербенталъул бетIерлъуде вачIине бегьулезда гьоркьов рехсолев вукIана Россиялъул пачалихъияб думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевги. Гьев шагьаралъул бетIерлъун вахъиналда ракIчIун букIана гIемерисезул, амма гьесги гъоркь комиссиялъул халгьаби бугеб мехалда жиндирго документал нахъе росана, цIидасанги кьун гьечIо гьес документал. Гьаб сагIат комиссиялда жиндирго кандидатура лъазабурав чи вуго Маир Пашаев, цойги кандидатал ругищали жеги мухIканго лъалеб гьечIо. РакIчIун лъалеб буго Малик Баглиевасги жеги гьенире документал кьун гьечIеблъи.

Цебеги харбал раккун рукIана гьев лезгиявги вугъелъул, Дербенталъул бетIерлъиги лезгиязул хъулухълъун рикIкIунелъул, респубилкаяъул нухмалъиялъеги дандекколев чи хIисабалда Дербенталъул бетIерлъуде гьев ккезе бегьулин абурал харбал, амма 19 сентябралда Дербенталъул 2000 сон тIубай кIодо гьабулеб мехалда, журналистазулгун гара-чIвариялда Баглиевас абун букIана жиндида гьеб хъулухъалде айилан абулев чи ккечIилан.

Гьаб сагIат гьес нухмалъи гьабун бугеб министерлъиялъул вакилзабазухъан «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон октябралъул ахир щвезегIан ва комиссиялъул халгьаби лъугIизегIанго чIечIого тIамизе вуго гьев Дербенталъул мэрлъун. Гьесул бакIалда министрлъун вачIине къеркьелев вугила цевеги гьебго хъулухъалда вукIарав ИсмагIил Эфендиевилан бицана гьелго чагIаз. Гьаб сагIат Эфендиев Дагъистаналъул бетIерасул администрациялда хIалтIулев вуго.

XS
SM
MD
LG