МагъчIваялъе рес

М. Агъаев: «Экстремистаздаса «рецIел боси» хираго чIезе бегьула жамгIияталъе»


Терроризамалде дандечIараб низамги лъазабун Дагъистаналъул жанубияб рахъалда къуваталъул идарабаз хасал тадбирал тIоритIулел ругелдаса ункъабилеб къо буго. Гьел тадбиразул хIасилалда Сулейман-стал мухъалда кIиго изну гьечIого яргъидгIуцIарав чIван вуго, Дербенталда экстремистазул ва гьезул гIагарлъиялъул лъабго мина кьвагьизабун буго.

АрбагI къоялъ Сулейман-стал мухъалъул Нютюг росдада аскIов къуваталъул идарабазде кьвагьдарав кIиго изну-гьечIого яргъидгIуцIарав чIван вуго. БакIалъул гIадамаз лъазабулеб буго гьенир хасал тадбирал жеги халат рахъунел ругилан. Аслияб къагIидаялъ аскариялги гьезул рагъулаб техникаги Сулейман-стал ва Хив мухъазул гIурхъуда бугеб рохьазул цIураб кIкIалахъ бугилан. Гьениб зама-заманалдасан кьвагьиги рагIулилан.

Гьебго къоялъ Дербенталда ДАИШалъе гьа бараб Жанубияб Дагъистаналъул экстремистазул къокъаялъул бетIер ХанмухIамадов Абутдинил рокъоб чIухь балаго гьениб кьвагьулеб жо батун буго низам цIунулезда, гьеб нахъе бахъун бажаричIолъиялъ гьеб бакIалдаго кьвагьизабизе ккнин лъазабулеб буго гьез. Гьебго къагIидаялъ 18 февралалда Дербенталда гьевго ХанмухIамадовасул кIиабилел лъадул рукъги кьвагьизабун буго.

19 февралалдаги Дербенталда жеги хасал тадбирал тIоритIулел ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул дербенталда бугеб бутIаялъул хIалтIухъанас. Гьесул гьариялда рекъон гьесул цIар рехсолеб гьечIо.

ЦIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъан:«Дербенталда Шеболдаева къотIноб бугеб минаялъуб жидецаго гьабураб кьвагьулеб алат батана, гьеб нахъе босун бажаричIолъиялъ гьенибго кьвагьизабизе ккана. Гьеб минаялъул бетIергьан вуго ХанмухIамадовас нухмалъи гьабулеб экстремистияб къокъаялъул гIахьалчи ИсмагIилов Ражаб.

Гьединго Гъуручай къотIноб букIараб ХанмухIамадов Абудинил лъади Сефибегова Бесил минаялъубги гьебго кьвагьулеб алат батун, гьебги кьвагьизабизе ккана. Гьел тадбиразул хIасилалда лъиениги зарал ккечIо. АскIоса гIебеде ругел минабахъа гIадамалги гьел тадбирал лъугIизегIан нахъе рахъинарун рукIана.

Экстремистазе кумек гьабиялда щаклъи букIун ккун йиго гьейги гьаб сагIат. Жакъаги къуваталъул идарабаз Дербенталда тIоритIулела хасал тадбирал лъугIун гьечIо. Дагьабниги щаклъи бугел чагIазул рокъоре ун гьениб хал-шал гьабун, чIухь бан хIалтIи гьабулеб буго гьез».

Гьединго Дербенаталъул вагьабиязулабилан абулеб «аэропорталъул» мажгиталъул имам хисулевги тIагIун вугин абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе.

Гьеб мажгиталъул имам ХIажирасул ХIусейнов гIадамал эркенлъиялдаса махIрумгьариялда щаклъи букIун ккун хадув ва гьеб ишалъул цIех-рех лъугIизегIан гьев кIиго моцIида туснахъ гьавидал имамлъи гьабулеб букIана гьес. Гьев тIагIаралдаса чанго къо бугила, рузман къоялъ рузманалдагицин вукIинчIин гьевилан абурал баянал щвана дербенталдасан «Эркенлъи» радиоялъухъе.

Гьев къуваталъул идарабаз викъун вугин цояз лъазабулеб буго, цойгидаз абулеб буго гьев живго кквеялда хIинкъун республика тун къватIиве ун вугилан. Жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз гьеб информациялда хурхун кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо жеги.

Гьединго «Лайфньюс» информ сайталъ 15 февралалда Джемикенталда аскIоб бугеб полициялъул посталда живго жинцаго ТIалибов ГIамир кьвагьичIин, гьебго жанубияб дагъистаналъул экстремистияб къокъаялъул гIахьалчи Мурлиев МухIамадгIали кьвагьанин абураб информациялда рекъонги кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.

Гьеб Джемикенталда аскIоб полициялъул посталда кьвагьи ккун хадуб къуваталъул идарабаз жанубияб дагъистаналда экстремистаздаса рецIел босизелъун цIакъго гIорхъолъа араб хIалалда тIоритIулел ругел хасал тадбираз республикаялда дагьабги хIалуцараб ахIвал-хIал лъугьинабизе бугин рикIкIунеб буго «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Агъаев Маирбекица.

Агъаев Маирбек: «Гьеб посталда бахъараб кьвагьиялъ къуваталъул идараби цIакъго-цIакъ тIамуна гьел хасал тадбирал тIоритIизе. Гьеб кьвагьиялъе жаваб хIисабалда кьвагьизаруна гьез Дербенталда ХанмухIамадовасулги, цойги экстремизмалда хурхен бугезул минабиги, ккуна дагьабниги щаклъи бугел гIадамалги. Гьелда цеве имам ХIажирасул ккуна, гьесул рахъккун къватIире рахъарал кьабулаго нахъе хъамуна, жанир тIамуна гьезул цо къокъа, цойгидазе гьезие бокьухъе дин гьабизе биччалеб гьечIо.

Амма гьел къуваталъул идарабаз гьарулел гIорхъолъа арал ишазул хIасил кинаб букIинебали гьезда жидедаго бичIчIулеб гьечIо, гьез гьеб цебечIезабулебги гьечIо. Гьединал ишал гьариялъ гIадамал дагьабги цIакъ радикалияллъун лъугьунел руго. Гьелъ кутакаб кьалалде рачине бегьула нилъ гьанжеги».

XS
SM
MD
LG