МагъчIваялъе рес

Жанубияб Дагъистаналда ралагьулел руго экстремистал


АрбагI къоялъул радакьалдаса нахъе Жанубияб Дагъистаналда хасал тадбирал тIоритIулел руго къуваталъул идарабаз. Изну гьечIого яргъидгIуцIарал ралагьулел руго гьез, гьедин Табасаран, Сулейман-Стал ва Хив мухъазда терроризмалде данде чIараб хасаб низамги лъазабун буго.

Ахираб бащадаб лъагIалида жаниб гьел мухъазда лъабабилеб нухалда лъазабун буго гьеб хасаб низам.

Гьаб нухалда 15 февралалда Джемикент росдада аскIоб бугеб полициялъул посталда цебе ДАГIШалъе гьа барав унев ТIалибов ГIамирица живго жинцаго кьвагьизавун хадуб лъазабун буго. Гьев ТIалибов вукIун вуго Астраханалъул медицинаялъулаб университеталъул студент. КIицIул ДАГIШалда гъорлъе лъугьине Сириялде ине вукIун къуваталъул идарабаз нахъвуссинавун вукIун вуго гьев.

Гьес живго жинцаго кьвагьизавун хадуб Дербенталда гьесул инсул минаялъуб чIухь бан къуваталъул идарабазда гьениб ярагъ батун буго. Къануналде данде кколаредухъ ярагъ босиялда ва гьеб цIуниялда щаклъи букIун гьев ТIалибов ГIамирил эмен ккун вуго низам цIунулез. 16 февралалда Дербенталда цIидахъан гьел ТIалибовазул рокъор чIухь балел, рукъсверун ккун гьенир хасал тадбирал тIоритIулел рукIун руго хасал идарабазул хIалтIухъаби. Гьез экстремистазулгун хурхен букIине бегьулел дербенталъулазул рокъоре рачIун гьениб хал-шал гьабулеб бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе бакIалъул гIадамаз.

Гьезулго баяаназда рекъон талат къоялъ Дербенталда Нейниашвилил къотIноб бугеб ДАГIШалъе гьа барал жанубияб дагъистаналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIер ХанмухIамадов Абутдинил рокъоб чIухь балаго гьениб кьвагьи бахъанилан. Хасал идарабаз лъазабуна гьениб хIадурараб кьвагьулеб алат батанила жидеда, гьеб бакIалдаго кьвагьизабунин гьебилан.

Гьеб минаялъуй гIумру гьабун йикIарай ХанмухIамадовасул эбел квеш лъугьун азарханаялде ячун ун йикIин гурони, кьвагьиялъул хIасилалда лъиениги къварилъи ккун гьечIо ва аскIор рукIарал минабазе зарал ккун гьечIо. ХанмухIамадов 2013 соналдаса нахъе федералияб цIех-рехалде лъазавун вуго. Гьесул хъизан-лъимал гьеб кьвагьизабураб минаялъур гIумру гьабун рукIун гьечIо, некIогоялдаса нахъе гьел Табасаран мухъалъул Хучни росулъ ругин бицана дербенталъулаз.

ХанмухIамадовас бетIерлъи гьабулеб экстремистазул къокъаялъ хIадуранин 15 февралалда Джемикенталда аскIоб ккараб кьвагьи ва дагьаб цебегIан Дербенталда Нарын-хъалаялда туристазде гьабураб тIадекIанцIиги гьезул хIалти бугин абурал баянал кьолел руго гьелго хасал идарабаз.

Ахирисел баяназда рекъон гьеб талат къоялъ Джемикенталда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда живго жинцаго кьвагьизавурав ТIалибовги рикIкIун лъабго чи хун вуго, 17 ясе зарал ккун буго. АрбагI къоялъ Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница лъазабуна гьеб кьвагьиялъул хIасилалда лъукъун йикIарай цойги гIадан хун йигилан. Амма гьел баянал мекъал ругин лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Дербенталъул аслияб азарханаялъул бетIерай тохтур Далиева Руминаца.

Далиева Румина: «Гьей чIаго йиго, гьаб сагIат комалда йиго гьей, хасаб аппараталъ кумек гьабулеб буго гьелъие хIухьел цIазеги. БукIине кколеб медицинаялъул кумекги гьабулеб буго гьелъие. Жакъа дагьабго мадаргицин буго гьелъул. Гьелъул бетIер лъукъун буго, гIадалнахуда къан буго маххул кесек. Щибаб къойил гьелъул щиб хIал бугебали бихьизе МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялдаса нейрореаниматологги вачIуна.

Жакъаги цIидахъан гьес компьютералъул томографияги гьабуна, гIадалнахухъги балагьана. Гьей дое-гьание ячун бажарулеб хIал лъугьарабго, операция гьабизе букIине МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялъул неврологиялъул бутIаялде ячине йиго нижеца гьей».

Гьей гIадан гурони жакъа къоялда гьеб кьвагьиялъул хIасилалда зарал ккаразул тIокIав цониги чи гьечIила жидер азарханаялдайилан абуна Далиева Руминаца. Гьенире рачIун рукIарал лъукъарал полициялъулал МахIачхъалаялде жанисел ишазул хIалтIухъабазул госпиталалде рачун ун руго. Гьезда гьоркьов лъабго чи вукIанила захIматаб хIалалдайилан бицана гьелъ.

Гьебго кьвагьиялъул хIасилалда лъукъарал кIигоял руго Дагъогни шагьаралъул азарханаялда. Гьелъул бетIерав тохтур ГIабдусаламов МухIамадсаламица «Эркенлъи» радиоялъе бицана лъукъарал ясги эменги ругила жидер азарханаялда.

Эмен цIакъго захIматаб хIалалда реанимациялда вугилан, гьесул бохдул тIе-тIезарун ругила, гьумер бухIун бугилан, гьесул 19 сон барай ясги юхIхIун йигин, амма гьелуъ гIумруялъе хIинкъи бугеб хIалалда гьечIилан. Гьеб кьвагьиялъул хIасилалда гIадамазе ккараб заралалда рекъон Дагъистаналъул тIалъиялъ 100 ялдаса 250 азарго гъурщиде щвезегIан гIарац кьун буго, хваразул хъизамазе 500 язарго гъурущ биччан буго.

XS
SM
MD
LG