МагъчIваялъе рес

Дербент мухъалда терроризмалде дандечIараб хасаб низам лъазабун буго


Хамиз къоялъул радал анкьго тIубаралдаса нахъе Дербент мухъалда контртерроралъулаб низам лъазабун бугин абурал баянал тIиритIизаруна республикаялъул хасал хъулухъазул вакилзабаз. Дербент ва Табасаран мухъазул гIорхъода ва Дербенталъулги МухIарамкент мухъалъулги гIорхъодаги ругел рохьазда изну гьечIого яргъидгIуцIарал ралагьулел ругин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Къуваталъул идарабаз гьел хасал тадбирал тIоритIиялда хурхун баян кьолеб гьечIо. Дербент мухъалда хIукуматалъул идараяда хIалтIулев цIар бицине бокьичIев чияс «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана ахирал къоязда Дербент мухъалда аскариялги, хасаб рагъулаб техникаги гIемерлъун букIанилан, амма гIадамазе официалияб хIалалъ гьеб киналдаго хурхун баян кьолев чи вахъинчIилан.

Гьев хъулухъчиясул гьариялда рекъон гьесул гьаракь дагьиб хисизабун буго.

Дербент мухъалдаса чи: «Радалалдаса нахъе нижер мухъалда Уралаздиги рекIун аскариял ругин хьвадулелин абурал баянал щвана дихъе. Кьвагьа-гIанхъиги жеги рагIичIоха. Нижедаги хасаб режим лъазабун бугин абун мухъалъул хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъ лъазаби гурони, гьез тIокIал баянал кьечIо.

ГIемерисезда гьеб контртерроралъулал тадбирал гьарулел рукIин телевизоралдасан, интернеталдасан лъан буго.

Цо-цо бакIалъул гIадамазухъе баян щун буго Дербент мухъалъулги Табасаран мухъалъулги гIорхъода изну гьечIого яргъидгIуцIаразул гIудияб къокъаялъ чIей гьабураб бакI батун бугила, гьел ралагьулел ругила гьенир рохьорилан.Гьединго абулеб букIана дагьай цеегIан нижер мухъалда палихъанги гьелъул хъизанги чIварал чагIи ралагьулел ругин низам цIунулезилан.

Ахираб заманалда цIакъ гIемерлъун руго нижер мухъалда гьел аскариялги, гьез тIоритIулел хасал тадбиралги. Нижер гьаниса цо заманалъ цIакъ гIемер гIолохъаби унел рукIана Сириялде.

ЦохIо Берикей росулъа чанго ацI-анцI чи вугила Сириялде ун, гьезда гьоркьор тIубарал хъизаналккун аралги ругин абулеб букIана. Гьелъ ратилин нижер гьанир гьел хасал идарабазул хIалтIухъаби гIемерлъаралин абураб пикру буго гIадамазул. Дагьаб цебегIан нижерго мухъалъул Джалган росдада аскIов магъилъе боцIуда хадув арав чи чIван ватун вукIана. Гьелдаса хадуб Джалганалдаги рокъо-рокъоре рачIун цIех-рех гьабун къуваталъул идарабаз хасал тадбирал гьарулел рукIана».

Дагьаб цебегIан букIараб Дербенталъул 2000 т1убай сон кIодо гьабилалда цебе гIемерлъанин жанубияб Дагъистаналда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабийин, гьез республикаялъулги пачалихъалъулги нухмалъиялда цебе хIисаб кьеялъул хIалтIи гIадаб жо гьабулеб букIанин гьениб, цере ккара-ккарал чагIиги ккун рачунилан абулеб буго Дербенталдаса адвокат Мурад Ибрагьимовас.

Гьес бицана жинда лъалила, экстремисстазулгун хурхен бугинги абун щибго гIайиб гьечIев лъабгониги чи ккун вугила низам цIунулезилан. Гьезул кIигояв вугила киданиги диналдехун хурхенго букIинчIев чи цойгидав вугила шигIияв.

Гьезул рахарал мугжул ругила, гьел экстремистазулгун хурхен бугел чагIи ругинги абун ккун рукIанилан бицунеб буго адвокатас.

Гьезул цояв Къурбанов Къурбанил ихтиярал цIунулел руго Ибрагьимовас, амма жиндир хIалтIи букIине кколедухъ гьабизе толеб гьечIин жанисел ишазул хIалтIухъабазин абун ццин бахъун вуго гьев.Ахираб анькица жинда вихьизего толев гьечIин гьев Къурбановилан абуна адвокатас.

Мурад Ибрагьимов: «Дун заманалъ гIадамал жанир тIамулел туснахъалде дицаго ихтиярал цIунулев Къурбановасухъе вачIараб мехалда дида абула мун гьаниве виччазе бегьуларин. Щай бегьуларевин абун дун лъугьараб мехалда, гьез абула нухмалъиялъ лъазабун бугила мун виччагейин абун.

Дун гьениве виччаларин абураб кагъатги кьоларо лъицаниги. Гьезул ццин бахъун батила дида дица гьев Къурбан Къурбанов киданиги экстремистазулгун хурхенали киб гурин, диналдехун кинаб букIаниги хурхен гьечIев чи вукIин чIезабулел гIемерал далилал ракIарун рукIана.

ЦIех-рех лъугIизегIан Къурбановасда хурхун кинаб хIукму къотIилебали хал гьабулеб диваналдаги дица гьел киналго рихьизарун рукIана. Якъинго бихьулеб букIана гьениб низам цIунулел мекъи рукIин. Амма жидерго гъалатIазе гьел мукIурлъилищха.

Хасго гьез тIалъиялъе хIисабги кьун бугелъул жидеца экстремистал ккун ругин абун. Дица диваналде гIарза хъван буго гьез дун туснахъалде Къурбановасухъе виччалев гьечIин абун. ГIагараб заманалда гьелъул халгьаби тIобитIизе ккола».

Хамиз къоялъ «Эркенлъи» радиоялъул передача къватIибе иналде Дербент мухъалда лъазабураб хасаб низамалъул кинал хIасилал ккаралали лъалеб букIинчIо, къуваталъул идарабазги гьелда бан кинаб букIаниги баян кьечIо.

XS
SM
MD
LG