МагъчIваялъе рес

Хасавюрт мухъалда хасаб операция унеб буго


12 февралалдаса нахъе Хасавюрт мухъалда хасаб операция унеб буго

12 февралалъул радакьалдаса нахъе Хасавюрт мухъалда терроризмалде дандечIараб хасаб низамги лъазабун хасаб операция унеб буго. Къуваталъул идарабазул ахирисел баяназда рекъон Эндирей росдада аскIоб бугеб рохьоб изну гьечIого яргъидгIуцIараздаги низам цIунулездаги гьоркьоб кьвагьа-гIанхъи унеб буго. Гьелъул хIасилалда чан чиясе зарал ккарабали жеги лъалеб гьечIо.

Рузман къоялъул радал щуго тIубараб мехалда Хасавюрт мухъалъул Эндрией росдада аскIоб бугеб рохьоб изну гьечIого яргъидгIуцIараз чIей гьабураб бакI батун хадуб гьеб мухъалдаго терроризмалде дандечIараб хасаб низам лъазабун буго.

Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон къадеялде гьел экстремистал рахчараб бакI батун буго гьезда, кIиго тIубаралдаса нахъе гьезда гьоркьоб кьвагьа-гIанхъи унеб бугин лъазабулеб буго низам цIунулез.

Дагъистаналъул хасал идарабаз кьурал баяназда рекъон Хасавюрталъул рохьов гьезда ункъго «рохьилав» ватун вуго. Гьел киналго Хасавюрталъулилан абулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи ругин лъазабулеб буго гьез. Социалиял сайтазда гIадатиял гIадамаз хъваралда рекъон гьел экстремистазул цояв кколев вуго Тотурбийхъалаялдаса ХIажийилан абурав вас.

Дагьаб цебегIан къуваталъул идарабаз къазе хIал бихьараб Хасавюрталъул вагьабиязулин абулеб «Северная» мажгиталде хьвадизе лъугьун вукIанин гьев ХIажи, гьелдаса хадуб чанго моцIидасан «рохьове» анин гьевилан хъвалеб буго Фейсбукалда Мухаммад аль Дагъистанийилан абураб цIаралда гъорлъ вугев чияс. Къуваталъул идарабаз Эндиреялда аскIор ратарал гьел экстремистал щалали жеги мухIкан гьабулеб гьечIо.

Хасавюрталъул «Северная» мажгитго гIадин низам цIунулез чанцIулго къазе хIал бихьараб гьебго гIадин вагьабиязулин абулеб Дербенталъул «аэропортовская» мажгит гьелъул имам ккун вукIаниги букIине кколедухъ хIалтIулеб бугин лъазабулеб буго дербенталъулаз. 9 февралалда гьеб мажгиталъул имам ХIусенов ХIажирасул инсан эркенлъиялдаса махIрум гьавиялда щаклъи букIун низам цIунулез ккун вукIана.

Дербенталдаса ХIамидова Мадинаца гьесда тIасан гIарза хъван буго жий ва жиндир ункъго сон барай ясги мажгиталъур тIамун, къватIире риччалел рукIинчIин, гьес жиндида хIал гьабизехъин букIанин абун. Имамас лъазабулеб буго жиндица лъиданиги хIалги гьабичIила, мажгиталъул гIарац гьелъ босун букIиналда щаклъи ккедал гьей мукIурлъулищали бихьизе нуцIаги тIаде рахан рокъой тун йикIанилан.

9 ва 10 февралалда ХIусеновасул рахъккун, гьев эркен гьавейилан тIалаб гьабун Дербенталъул полициялъул кIалтIа 300 гIан чи вакIарун вукIун вуго. Гьел нахъе гъолаго полициялъулаздаги митингчагIаздаги гьоркьоб тунка-гIусиги ккун гьезул 30 гIан чи ккун вукIана низам цIунулез.

Дербенталъул полициялъ лъазабулеб буго гьел чагIи ккурабго къоялъ къватIире риччанила жидецайилан, амма гьезул киналго гурила эркен гьарун ругелилан бицана «Экренлъи» радиоялъе гьеб митингалъул гIахьалчи Ибрагьимов Маратица.

Ибрагьимов Марат: «МухIканго чан чи жеги полициялдаго вугевали лъалеб гьечIо нижеда, амма дагьалдасан анцIгониги чи вуго гьенив. Гьезда гьоркьор цохIо Дербенталдаса гурелги, ХIажирасулил рахъккун, Дагъистаналъул цойгидал бакIаздаса гьенире рачIарал гIадамалги руго. Нижеца щибниги гIадлу хвезабулеб букIинчIо, нухал къан рукIинчIо, полициялъул кIалтIаги чIун имам эркен гьавейилан тIалаб гьабулеб букIана.

Гьеб акция байбихьун сагIангIан мех ун хадуб шагьаралъул полициялъул бетIерхисулев вачIана къватIиве, тIагIайила гьаниса, щибила нужее къваригIун бугебин абун ахIдезе лъугьана гьев. Гьесухъ гIинтIамичIо лъицаниги.

Гьенибе цIакъго гIемер рагъулаб техникаги къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги ракIарулел рукIана. Гьезулгун тунка-гIуси ккеялда хIинкъун вукIана ХIажирасулил кумекчи. Гьес гIадамазда абуна гьаниса нахъе мажгиталде рилълъине ругилан. Телефоналъ ахIараб мехалда живго имамасги абуна гьеб акция лъугIизе тейилан.

Гьедин къокъабиккун дагь-дагьккун рикьа-риххулел рукIана гIадамал. Гьеб мехалда байбихьана низам цIунулез гIадамазда кьабизе, гьел кквезе, жидецаго багъаризабуна гьез гъал-магъир».

Гьединго Маратица бицана рузман къоялъ имамасул рахъккун тIобитIизе букIараб акция нахъбахъанила, жиндие гIоло лъиениги зарал ккезе бокьиларин лъазабунила гьесилан. Гьединлъидал ХIажирасулида сверун къуваталъул идарабаз гьабулеб бугебщиналдаса разигьечIел гьес имамлъи гьабулеб букIараб мажгиталдеги ракIарун жамагIат как банилан.

Гьеб тадбиралъулъ гIахьаллъизе Дагъистаналъул цойги бакIаздаса гIадамалги рачIун рукIанилан. ГIага-шагарго гьенив 500 гIан чи гIахьаллъанилан баян гьабуна гьес.

Гьединго 12 февралалда диваналъ хIукму къотIана цIех-рех лъугIизегIан имам ХIусенов ХIажирасул кIиго моцIица туснахъ гьавун тезе.

XS
SM
MD
LG