МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда терактал дагьлъун рагIула Сириялъе гIоло


Исана сон байбихьаралдаса 600 гIарза бачIун буго Россиялда инсанасул ихтиярал цIунулей вакил Элла Панфиловалъухъе Шималияб Кавказалдаса.

Гьел ккола гIадатиял гIадамаз низам цIунулездасан рахъарал гIарзал, гьединго рукIа-рахъиналъул, хIалтIуда жидер ихтиярал хвезариялда бан гIадамазул бугеб разилъи гьечIолъи.

Гьедин бицана гьелъ Шималияб Кавказалда Россиялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовас Шималияб Кавказалда ругел омбудсменазулгун данделъи тIобитIулеб мехалда. Гьений гIахьаллъана Дагъистаналдаса омбудсмен Уммупазил ГIумароваги. Гьелъ абуна ахираб заманалда республикаялда дагьлъанин теракталги низам цIунулездехун гьарулел кьвагьа-гIанхъиялги. Ругин гьединго гьел къанун цIунулез жидецаго гIадатиял гIадамазул ихтиярал хвезариялъул хIужабиги. Амма ахIвал-хIал гьедин бугогIан мехалъ хвезе бугин низам цIунулезул хIалтIул къиматги.

Теракталги низам цIунулездехун гьарулел кьвагьа-гIанхъиялги дагьлъун ругин республикаялдаян омбудсменалъ абураб пикру тасдикъ гьабуна ЭР-ялъе инсанасул ихтиярал гIуцIиялъул рахъалъ гIуцIараб «Мемориал» къокъаялъул вакил Сиражудин МухIамадовас. Гьелъие цо гIилла бугин хъулухъ гьабизе республикаялде ритIун рачIунел Россиялдаса низам цIунулезул хIалтIул хIасилин бицана ЭР-ялъе Гъизилюрталдаса диванчи Шагьрудинил МухIамадица.

Шагьрудинил Мух1амад: «Гьанив Гъизилюрталда вуго 412 хIалтIухъан (полициялъул). Гьезул хIалтIул хIасил 29 нухалъ дагь буго посталда эхетун вугев дов Россиялъул регионалдаса вачIарав микьго чиясулалдаса. Гьединлъидал нилъер къанун цIунулезул хIалтIуца гIодобиччараб ахIвал-хIал гуро гьеб. Гьез гьабулеб жо буго гIицIго КТО тIобитIулелъул гIадамал гьеб бакIалъа нахъе гъей.

КIиабилеб гIилла буго Дагъистаналдаса гIемер чи вагъизе Сириялде, ГIиракъалде ин. Гьедин гьоркьоса чиги камуна гьезул, бутIрулги чIвана. Амма гьел тIубан тIагIинин дида кколаро. Гъол тIаде-тIаде гIезе руго. Гъозул пикруги хисичIо. Гьеб хисизабулеб идеология республикаялдаги гьчеIо. ТIаде вачIа-вачIарав нухмалъулесе рецц-бакъги гьабун руго. «Пир во время чумы» абураб литературияб асаралда гIадин буго. Проблемабиги рукIахъе тун, щиб-щибниги жоялъул чура-ххулиялда руго хIакимзаби. Кинабали къватIалда лъилали цIар лъунила. Росу гIанасеб бакI буго Гъизилюрт шагьар. Гьеб гIуцIаралдаса 40 сон тIубай гьабулеб буго. Рахъулел нухал гуро, бачунеб газ гуро…».

Шагьрудинил МухIамадица абулеб буго террористал дагьлуълел ургилан гIодориччан чIезе рес гьечIила. Щайин абуни кватIичIого тIадруссун рачIине ругила дол Сириялде арал гIадамал (рагъдаса лъутулезда гъорлъ). Гьединго террористал цIикIкIиналъе квербакъулеб тIоцебесеб гIиллаги коррупция бугила.

Шагьрудинил МухIамад: «ГIадлу хвечIого кинан букIинеб рагъул гIахьалчагIи, сакъатал ва цогидал гIадамал жанир чIезе рукъзалги цогидабги кьечIого толел ругеб мехалда? Иргаялда чIезарун гъолгун, ракьалги минабиги хIакимзабаз рикьулел руго жидерго гIагарлъиялъе. СанагIалъи ккарабго кьелин дуе ракь яги рукъилан гьерсал гъов ветеранасеги рицунел руго.

СанагIалъи ккезегIанги чIун ахир-къадги холев вуго гъов чи, хIукуматалъул пайдаги бихьичIого. Цо рагъул ветеран вукIана дида бицунев жив нечон вугила жиндирго лъималаздаса. Жиндихъан гьезие щибниги гьечIила щвараб жо. Баркала бугила Путиние гьаб цо пенсиягIаги цIикIкIинабуралъухъ».

Шагьрудинил МухIамадицаго гIадаб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе инсанасул ихтиярал цIунулев жеги чанго чияс.

XS
SM
MD
LG