МагъчIваялъе рес

Терроралде данде къеркьезе халкъ ахIана


Экстремизмалде дандечIеялъул хIалтулъе гIадатиял гIадамал цIай, «рохьилалгун» бухьенал ругел хIакимал хъулухъаздаса нахъе гьари, цо-цо журналистазул хIалтIул хIасилаздаса халкъ цIуни – гьел ва цогидал ахIиялгун тIадкъаял рагIизе бегьулаан гьал къоязда букIараб терроралде дандечIей гьабулеб комиссиялъул данделъиялда Дагъистаналъул бетIерасул каламалъулъ.

Изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабигун бухьен ругел чагIи пачалихъиял хъулухъазда хIалтIулел ратани, гьезие къвакIараб тамихI гьабизе кколин, лъазабуна гьал къоязда Дагъистаналда тIобитIараб терроралде дандечIараб комиссиялъул хасаб данделъиялда. Араб соналъул хIасилазул бицунеб букIана данделъиялда ва гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Шималияб Кавказалъул федералияб икълималда вугев Россиялъул президентасул вакил Сергей Меликовас, республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас, низам цIунулел идарабазул нухмалъулез ва цогидал хIакимаз.

РФалъул президентасул вакил Меликовасул рагIабазда рекъон, Россиягун гьудуллъи гьечIел пачалихъазул хасал хъулухъазе бигьа букIина Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцинабизе ва гьелдалъун исана низам цIунулез жидерго хIалтIи хIаракатго бачине ккола. Гьес абуна жакъа къоялда Дагъистан бихьулеб бугин терроралъул центрлъун ва республикаялда араб соналда парахалъараб хIал цIунизе кколин. Низам цIунулел идарабазул хIалтIуени лъикIаб къимат кьуна Меликовас.

Сергей Меликов: «Жакъа къоялда хIалтIул хIасилал рихьулел руго. Ва гьел хIасилал лъикIал ругин абизе бегьула. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезул къадаралъул рахъалъан Дагъистаналъ Россиялда тIоцебесеб бакI кколеб буго. Гьеб статискаялъул цересел кьераздаса рахъиялда тIад хIалтIизе ккола. Терактал гъоркьисала рукIинчIо, тунка-гIусиязул къадар дагьлъана, ккурал рохьилазул къадар цIикIкIана - гьеб кинабго лъикIаб хIалтIилъун бихьула, амма гьеб жеги лъикIлъизабизе ккола. Гьединго идеологияб хIалтIиги букIине ккола. Терроралдегун экстремизмалде ва сепаратизмалде дандечIараб идеологияб хIалтIи цIикIкIинабизе ккола».

Низам цIунулезул идарабазул нухмалъулез данделъиялда статискадул бицунеб букIана гIемерисала. Мисалалъе, Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадовас абуна, 2013-леб соналда дандеккун араб соналда полициялъул хIалтIухъаби чIваялъул такъсирал 40%-алъ дагьлъанин ва гьел такъсирал лъица гьарураляли чIезабунин. Гьединго гьес абуна, араб соналда низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз чIванин изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъабазде гъорлъе унел 167 чи, ккунин 205 чи.

Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIиповас абуна данделъиялда киналго дагъистанияз кумек гьабизе кколин низам цIунулезе терроалде данде къеркьезе. Гьес абухъе, гIадамаз рагьунго, сундасаго ва лъихъаго хIинкъичIого какизе кола рохьилал ва террор.

«Рохьилалгун киналгIаги бухьенал ругел хIакимал ратани, гьел хIалтIудаса нахъе къотIизе руго ва къануналда цебе жаваб кьезе буго гьез. ХIакимаз жидерго хIалтIи гьабизе ккола. Гьединго, республикаялъул яги пачалихъалъул нухмалъиялъе критика гьабулел хIакимал эркен гьаризе руго хъулухъаздаса», - илан лъазабуна регионалъул нухмалъулес.

Гьесул пикруялда рекъон, чара гьечIого къваригIун буго адресалъулаб профилактика. Школазда ва университетазда бицине кколин терроралъ ва экстремизмалъ сунде рачине бегьулелян рикIкIунеб буго ГIабдулатIиповас. «Терроралъул идеологиялде данде къеркьеялъе гIоло информациалъулгун басмаялъул министерлъиялда хасаб къукъа гIуцIана. Гьеб къукъаялъ идеологиялъул рахъалъан тадбирал гьаризе ккола. ТIадежоялъе, республикаялъул жиб-жиб мухъалда гIуцIизе ккола гIолилал гъорлъ ругел гьединал къукъаби», - илан абуна республикаялъул нухмалъулес. Информациялъулаб хIинкъигьечIолъиялдаги хъвана ГIабдулатIипов. Гьес абухъе, журналистазул ихтиярални цIунизе ккола, амма цо-цо журналистаздаса гIадамалги цIунизе ккола.

Данделъиялда ГIабдулатIиповас абуна мухъазда ругел терроралде дандечIарал комиссиязул хIалтIи сверун бугин формализмалде.

Рамазан ГIабдулатIипов: «РачIаха къотIи гьабизе гьел чагIазда киданиги «амиралин» абиларин. Гьел бандабазда «джамагIаталин» абизе кколаро. Гьезул багъа-бачариялдаги «исламалъулаб террорилан» абизе кколаро, гьеб буго исламалде дандечIараб террор. Мухъазда ругел терроралде дандечIарал комиссияздани абизе бокьун буго хIалтIи лъикIлъизабеян. Ишара лъеялъе гIоло гIадинаб хIалтIи буго гьезул жакъа къоялда. ЦIиял нухал ралагьизе ккола гьезги. ХIалтIул аслияб хIасиллъун букIине ккола терроралде данде къеркьеялъе жамгIият цIай».

Нухмалъулесул рагIабазда рекъон, «хIинкъи бугел къукъабазда» гъорлъ ругелгун хIалтIизе ккола. Гьел къукъабазде гъорлъе унеллъун рикIкIуна рохьилазул гIагарлъиялдаса чагIи, радикалиял бербалагьиял ругел чагIи. Гьел чагIигун идеологияб хабар бицине кколин, абуна ГIабдулатIиповас.

Ахиралда ракIалде щвезабила, экспертазул рагIабазда рекъон, араб соналда ахIвал-хIал Дагъистаналда гIемерисала лъикIлъана республикаялдаса рохьилал ва радикалиял бусурбаби Сириялде ун хадуб.

Статистикадул цIех-рехал гьарулеб Statista.com сайталъул информациялда рекъон, Сириялда рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел руго Россиялдаса 800 чи ва гьезда гьоркьоса гIемерисел - гьебги 95% - кавказалъулал руго. Россиялдаса экспертазулни батIиял тарихал руго. Мисалалъе, политолог Алексей Малашенкол къиматалда рекъон, Сириялда жакъа къоялда рагъулел руго Россиялдаса 2 азарго чи, гIемерисел кавказалъулал. МГИМОялъул «Кавказалъул централъул» эксперт АхIмад Ярлыкаповасул баяназда рекъон, Сириялда рагъда гIахьаллъулев вуго гIага-шагарго 1500 дагъистанияв.

Ярлыкаповас абухъе, ахIвал-хIал Сириялде исана парахалъизехъин буго ва гIемерисел кавказалъулал тIадруссине бегьула. Гьелдалъун, хасго Дагъистаналда, хIал цIидасанго хIалуцине бегьулин, абуна экспертас.

XS
SM
MD
LG