МагъчIваялъе рес

Кавказалдехун лъикIаб бералъ балагьулел цIикIкIунел руго


Шималияб Кавказалдехун лъикIаб бербалагьи бугел Россиялъулазул къадар цIикIкIунеб буго. Гьединаб буго Левада-Централъ гьарурал цIех-рехазул ахирисеб хIасил.

Экспертаз гьелъие гIиллалъун бихьизабулеб буго гIемерисезул пикру Украинаялда кколел лъугьа-бахъиназде буссун букIин.

ЦIех-рех гьабуразда гьоркьоса, халкъалъул 54 проценталъул лъикIаб рахъалдехун хисун буго Шималияб Кавказалдехун букIараб бербалагьи, январалда гьединазул къадар букIун буго 44 процент. Цебего гIадин хIалуцараб ахIвал-хIал бугин гьабсагIатги Кавказалдаян жаваб кьун буго халкъалъул 30 проценталъ. Январалда тIобитIараб цIех-рехалда гьединазул букIун буго 40 процент.

ХIасил-калам кIиго-лъабго моцIалъ цебеги гьединабго цIех-рех тIобитIун гьоркьоб араб заманалда лъалаго дагьлъун буго Россиялда гIумру ругел гIадамазул Шималияб Кавказалдехун бугеб бербалагьи.

Левада-Централъул нухмалъулев хисулев, Алексей Гражданкиница абулеб буго Украинаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназ кIиабилеб бакIалде цун бугин жакъа Кавказалъул темайилан. Гьелда тIад рекъолев вуго Москваялдаса политолог Камил Ландаги. Амма Украинаялда кколелде кIвар буссун гIемерисел ругебгIан мехалъ нилъ тIатIала кверги лъун рукIине бегьуларин, щайгурелъул гьезда гьоркьор гIемерал ругин Кавкзалъулаздаги Россиялда гIумру гьабун ругездеги гьоркьобе ракьа рехизе бокьарал чагIи. КIиабизе гьел рекIеде ратилалде нилъецаги хехал тадбирал гьаризе кколилан абулеб буго Камил Ландаца. Гьанже апрель моцIалда, живго хIалтIулев вугеб академиялда цIалулел Дагъистаналъул студенталги ракIарун гьезда бицине бугин лъие бокьун гьечIеб жакъа Дагъистаналда рекъел букIине, гьеб бокьичIел гIадамал гIемер ругеблъи, гьезда данде хIалтIизе кколин нилъилан.

Камил Ланда: «БакътIерхьул рахъалъул асар буго Россиялде. Гьез чиясул бохдузда бакIаб махх бухьараб кинигин, цебетIезе биччалеб букIинчIо Россия цебетIеялда жаниб Кавказалъ лъолеб бутIа. Кавказалъул чагIи цоцалъ рагъизарун, терроризм багъаризабун гIемераб гъалмагъир гьабуна гьез. Дица гIемераб абулеб жо буго, Россиялда кIвана ункъо миллион чи вугеб фашистазул армия лъугIизабизе, кIиабилеб дунялалъул рагъда бергьине, космосалде роржана нилъ, атомалъул ярагъ ургъана. Щунусго чи рохьоса нахъе вачинейищха гьазда кIолареб? Валлагь кIолаха! Гьелъие бокьани цо анкьида жаниб кIола гьелъие ахир лъезе. Амма биччалеб гьечIо гьеб нилъер пачалихъалда кидаго питна букIине бокьарал чагIаз».

Левада-Централъ цIех-рех тIобитIарал гIадамазул 50 гIанасеб проценталъул хисун бугин Кавказалдехун букIараб пикру. Амма хутIараб бащалъиялъул пикру гIаксаяб бугелъул гьелдеги кIвар кьезе кколилан абулеб буго «Черновик» газеталдаса МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Гьел тарихазде балагьани нилъеда бихьулеб буго халкъалъул бербалагьи дагьабго хисун букIин. Гьеб бараб буго тIоцебесеб иргаялда Украина сабаблъун нилъ кIиабилеб бакIалде ин цо, кIиабизе бугони Кавказалъул республикаялъул нухмалъулез хIаракат бахъулеб буго Москваялда цебе жидерго регионалъул имидж хисизабизе. БатIи-батIиял махсаро-хочIалъул, кеп-гIоркьалъул темаялда гIуцIарал Кавказалъул фильмал ялъуни ток-шуоял рихьизе бегьула Москваялъул каналазда. Гьелъги хисизабун батизе бегьула нилъедехун бугеб бербалагьи. Гьединго Шималияб Кавказалъул цо-цо нухмалъулезул чIагояб позицияги ккун батизе бегьула гьелъие сабаблъун. Гьелъие мисаллъун рачине бегьила Рамзан Къадировги, Рамазан ГIабдулатIиповги. Шималияб Кавказалъул рейнтингалъул сияхIалда цебесеб кьерда руго гьел кIиялго. Амма тIадруссун бицаниги аслияб бакI гьениб кколеб буго Россиялъул тушманалде сверараб Украинаялда кколеб лъугьа-бахъунелде».

Хас гьабун Дагъистаналъул бицани, Рамазан ГIабдулатIиповас чанго нухалда такрар гьабуна батIи-батIиял бакIазда кIалъалаго 20I4 соналъ цониги теракт ккечIин Дагъистаналдаян. Гьеб хIужа хIакъикъаталдаги кIвар бугеб лъугьа –бахъин кколин Россиялъул информациялъул майданалъеян абуна МухIамад МухIамадовас хадубги, амма терактал дагьлъаниги, полициялъул хIалтIухъабазде гьарулел гьужумалги, такъсирчилъиялъул хатI гъорлъ бугел лъугьа-бахъиналги дагьлъун гьечIин жеги республикаялда, гьединлъидал рохизе жеги хекко бугилан рикIкIунеб буго журналистас.

XS
SM
MD
LG