МагъчIваялъе рес

Щай жамгIият къеркьолареб терроралде данде?


Терроралда тIаса гьарулел данделъабазда бицунаан экстремизмалде дандечIеялъе гIадатиял гIадамал цIазе кколин. Амма щай жамгIияталъе гьел суалазул интерес гьечIеб?

Терроргун экстремизмалде данде къеркьеялъул системаялде жамгIият ккезабизе кколин чанги нухалда бицана Дагъистаналда хIукуматалъул данделъабаздаги, низам цIунулел идарабазул данделъабаздаги, жамгIиял гIуцIиязул данделъабаздаги. Ахирисеб соназда жаниб терроралда тIаса тIоритIарал гургинал столазда гьеб суал борхичIого толаро. Жакъасеб къо щвезегIан гьелъул бицунеб батани, гьеб суал щай тIубалареб? ХIукуматалъул мекъал методалищ ругел? Яги данделъабазда рехун тарал рагIаби ишаздейищ сверулел гьечIел?

Къанунал хвезариялъул профилактикияб комиссиялъул цодагьалъ цебе тIобитIараб данделъиялда бицунеб букIана гIолилазда гъорлъ экстремизмалъул идеология тIибитIулеб бугин ва гьеб идеологиялда дандечIеялъе гIоло хасаб хIалтIи гьабизе кколин.

«Гьеб хIалтIи цохIого цо низам цIунулел идарабаз гьабизе кколаро, гьезда бан тезе гьеб бегьуларо. Республикаялда бугел хIал парахалъизабиялъул хIалтIи гьабизе заман щвана жамгIияталъеги», - илан абуна гьеб данделъиялда вице-премьер Рамазан Жафаровас.

Гьесул цогидаб цитатаги цIалилин: «ГIараб улкабазда ругел диниял божилъи дагьал вузазде Дагъистаналдаса гIолилал унел ругеблъи киназдаго лъала. Пуланаб росдал жамагIаталда гьединал хIужжаби лъачIого рукIине рес гьечIо, информация щола гIадамазухъе. Гьел вузазде цIализе арал чагIи щал ругелали оперативиябгун-профилактикияб хIалтIи гьабун щибизе? Нилъеда киназдаго лъала гурищ нилъел мадугьалзаби щал чагIи ругелали. Гьединал суалазда тIаса чIванкъотIараб позиция букIине кколаан жамагIаталъул». Гьедин абуна вице-премьер Жафаровас.

Низам чIезабизе кIоларо жамгIияталъе гьеб низам къваригIун гьечIони, гьеб цебегоялдаса нахъе лъала. Амма, адвокат Расул Къадиевас абухъе, терроргун экстремизмалде данде къеркьеялъе жамгIият цIазе кколин харбал, гьесул пикруялда рекъон, ахирисеб анцIго соналъ рицунел руго. Щайха гьеб суал кIкIвар кьечIого тун бугеб, щайха масъала тIубан гьечIеб?

Масъала тIубаялъе нухал ралагьизе байбихьелалда цере, гьеб суал низам цIунулез кин тIубалеб бугебали халгьабилин. Экстремизмалде дандечIеялъеиланги абун низам цIунулез гIадамал хасал сияхIазде росулбелъи лъалаан. Гьезда абулаан «чIегIерал сияхIалин», «вагьабиязул сияхIалин». Гьединал сияхIал гьечIилан Дагъистаналда абулаан мех-мехалдаса низам цIунулел идарабазул цо-цо вакилаз. Амма гьел хIужжаби ругеблъи лъазе бегьулаан диваналъул хIукмабаздаса. Мисалалъе, исана марталда Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялъ чIезабуна Гъизилюрт мухъалъул диваналъ Шарипов АхIмадил гIарзаялда тIаса хIукму битIун къотIанин. Жив «чIегIерал сияхIаздаса» нахъе вахъеян гIарзагун вачIана гьев диваналде. Диваналъул хIукмуялда хъван буго гьадин: «20I4-леб соналдаса байбихьун Шарипов профилактикияб сияхIалда лъун вугин «вагьабияв» абурав категорилда рехсон бугин гьесул цIар. СияхIалде гьев восиялъ гьесул ихтияралги хвезарулел гьечIо, къануналги хвезарун гьечIо».

Диваналъул гьединаб позициялдаса сияхIазда ругел разилъизе ратиларо. Щиб кканиги гьел чагIи полициялде ккун рачуна гьикъа-бакъиялъе, автомобилалда унел гьел посталда чIезарун хадурги ккола ва гьикъа-бакъи гьабула гьезие.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, 2014 соналда гьединал сияхIазда 6601 цо чи восана вагьабияв хIисабалда. МВДялъул МахIачхъалаялда бугеб идараялъ лъазабухъе, гьезул сияхIазда 1581 чи вуго. Вице-премьер Жафаровас рикIкIунеб буго гьединал сияхIал рукIине кколин ва гьел МВДялъ гуребги Терроралде дандечIарал комиссиязги гьаризе кколин.

Гьел сияхIазда ругел цIарал санаидаса санаиде цIикIкIунел ругин ва экстремизмалъул гьединаб профиликтикаялъ лъикIал хIасилазде рачине гьечIин абулеб буго адвокат Къадиевас. Гьес рикIкIухъе, гьедин цIикIкIинарулел ругел гьел сияхIазда ругел гIадамал жеги гIемерлъила. Щайгурелъул низам цIунулез жидерго хIалтIи бихьизабизе ккола, лъикIаб бюджет щвезе бокьун батани. Гьединаб экономикаялъ гьединго цIикIкIинарила такъсир гьабиялъул ишалги.

«Хьул буго республикаялда сон-церекъад букIараб хIал цIидасан такрарлъиларин. Цониги анкь инчIо кьвагьигун кьвагьдеял гьечIого, терактал гьаричIого, гIадамал чIвачIого. Гьелдалъун низам цIунулел тIоцере ургъизе ккола гьезда цебе бугеб масъала кин тIубалеб бугебали», - ян абуна Къадиевас.

Ахирисеб данделъиялда вице-премьер Жафаровас абуна араб соналда ракълилаб комиссиялде 28 чи вачIун вукIун ватани, гьаб соналъул байбихьуда 41 чи вачIанин. Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул шураялъул нухмалъулев Олег Орловас абухъе гьединаб тенденция цIунизе ккола Дагъистаналда.

«Эркенлъиялъе» гьес абуна терроралде данде къеркьеялъул хIалтIуде гIадамал цIазе кколарин, гьел жалго рачIинаризе кколин низам цIунулез. Кин? Жидерго хIалтIи бихьизабун, къануналда тIаса ккарал жидерго ишалги чIезарун, ришватчилъи низам цIуниялъул системаялда тIагIинабун. Инсанасул ихтиярал цIунулелги рачIина полициялъе кумекалъе, жидерго хIалтIи полициялъ хисизабуниян абуна Орловас.

Олег Орлов: «БичIчIулеб буго Кавказалда хасаб хIал букIин, бичIчIулеб буго гьениб терроралъулал багъа-бачариял рукIин. Амма низам цIунулезда инсанасул ихтиярал цIуни бихьулеб буго терроралъе квербакъиялъе гьабулеб хIалтIилъун. Жидерго тIаса ккарал ишал гьезда рихьулел гьечIо, амма терроргун экстремизмалде данде къеркьеялъе гIадамал цIазе кколин абулеб буго. Такъсирал жидецаго гьарулаго рукIун, гьезие кумекалъе гIадатиял гIадамал рачIине гьечIо. Гьелдалъун нижеда, инсанасул ихтиярал цIунулезда, нижеца гьабулеб хIалтIи бихьулаан терроралде данде чIеялъулъ хIукуматалъе квербакъилъун».

Гьединго Орловас абухъе, терроралде дандечIеялъул цогидал механизмал рукIана республикаялда ва гьел механизмал гьесда рихьулел рукIана эффективияллъун. «Дагъистаналда букIана цогидаб модель. Гьелда рекъон, бусурбабазул батIи-батIиял жамгIиятазда гьоркьоб диалог букIана, хасал операциял суалал хадуб раккуларедухъ гьарулел рукIана, амма гьеб кинабго тIагIана. ЦIидасаго тIадруссана къуваталъул нухда», - илан абуна «Мемориалалъул» шураялъул вакилас. Дагъистаналда щаялиго къуваталъул гурони цогидал нухал лъалел гьечIин рикIкIунеб буго гьес.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул пикруялда рекъон, терроризмалде дандечIеялъул бицунаго хIакимаз низам цIунулел идарабазул хIалтIуе къимат кьолеб гьечIо. Мисалалъе, «Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ абухъе, «рохьилазда» гъорлъ руго полициялъул тIаса ккараб хIалтIудал къурбаналги. «Цоял гьенире унел руго гIакъуба щун хадур, цогидал унел руго вац полициялъ ккун ва хадуб гьез гьесие гIакъуба кьун хадуб. РитIухълъи балагьизе рохьазде унел чангиял руго гьел «боевикалин» абулел чагIазда гъорлъ. Амма низам цIунулезул тIаса ккараб хIалтIудал щаялиго хIакимаз данделъабазда яги бицунеб гьечIо, яги тIаса-масанго бицун толеб буго», - ян абуна эксперталъ.

Инсанасул ихтиярал цIунулелги, жамгIиял хIаракатчагIиги ахIизе кколин терроризмалде дандечIеялъул суалал рорхунел хIукуматалъул данделъабаздаилан абун букIана ГIисаевалъ «Эркенлъиялъе».

XS
SM
MD
LG