МагъчIваялъе рес

Гъуниб мухъалда КТО халатбахъунеб буго


Гъуниб мухъалда халат бахъунеб буго 27 декабрялда лъазабураб терроралда данде чIараб операциялъул низам. Дагъистаналда бугеб терроралда данде чIараб Миллияб комитеталъ лъазабулеб буго цо чIварасул хIакъалъулъ.

Дагъистаналъул Гъуниб мухъалда 27 декабрялъул рогьалилъ сагIат анкьго тIубаралдаса нахъе лъазабун буго терроралда данде чIараб операциялъул низам. Рагъулаз тIоритIулел ругила изну гьечIого яргъидгIуцIарал ва гьезие квербакъи гьабулел рагьиялъул тадбирал. Гьедин лъазабулеб буго низам цIунулез.

Дагъистаналда бугеб терроралда данде чIараб Миллияб комитеталъ «Интерфакс» сурсаталъе кьурал баяназда рекъон, гьезухъе щун руго мухъалда изну гьечIого яргъидгIуцIарал рукIиналъул баянал, гьел тIатинариялъе ва тIагIинариялъе шартIал чIезарулел ругила жидеца.

Гьебго къоялъ, 27 декабрялъул бакъанидехун, низам цIунулез лъазабуна рохьахъ хал-шал гьабулаго рохьилазде тIадеккеялъул ва данде кьвагьдеялъул хIасилазда гьезул цояв чIван вугиланги.

Рагъулаз тадбирал тIоритIулеб бакI кколеб буго Ругъжаб ва БацIада росабазда гIагар, Шамиль мухъалъулгун гIорхъода ругел рохьал. БакIалъул гIадамаз «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабухъе, гьенир руго чанго сухъмахъал, цо мухъалдаса цогидаб мухъалде ккезе рес бугел.

28 декабрялда Дагъистаналда бугеб терроралда данде чIараб Миллияб комитеталъ мухIкан гьабуна чIварав «Сугъралъезул» абулеб рохьилазул къокъаялъул бетIер Шамиль НурмухIамадов вукIин.

Жиндир цIар рехсезе бокьичIес «Эркенлъи» радиоялъе бицана, гьев гIага-божараз ватIавахъанин.

Аноним: «ЧIван вуго НурмухIамадов Шамиль. Гьев рикIкIунаан «Гъунисезул» абулеб къокъаялъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул бетIерлъун. Гьеб буго мухIканго лъалеб жо. Гьесул жаназа гIага-божаразда лъан буго. ХутIарал хIасилазул мухIканго лъалеб жо гьечIо.

Гьеб кинабго ккун буго Ругъжаб росдадаса рикIкIад гьечIеб бакIалда, рохьахъ. ГьабсагIат хасаб низам халатбахъунеб буго, амма рагIулеб кьвагьа-гIанхъи гьечIо. Жигараб фаза рагIалде бахъун буго».

2015 соналъул 20 августалда Гъуниб мухъалъул НакIкIазухъ росулъ рокъоса викъун чIварав фермер МухIамадхIажи Зайдуев чIвай хурхинабулеб букIана НурмухIамадов Шамилида ва «Сугъралъезул» абулеб къокъаялъул изну гьечIого яргъидгуцIаразда.

Гьединго рукIана баянал чIварасда цадахъ рукIарал жеги кIигоязул хIакъалъулъ, гьезул цояв лъукъун ва цояв кверде вачIун вугилан. Амма гьеб информация мухIканаб гьечIин тIаде жубана жиндир цIар рехсезе бокьичIес.

Мухъалда лъазабун бугеб терроралда данде чIараб операциялъул низамалъул щибго квекIен гьечIин мухъалде рачIине ва ине, мухъалъул киналго социалияб кIваралъул бакIал хIалтIулел ругин лъазабулеб буго гIадамаз.

Дагъистаналъул Жанисеб ишазул министерлъиялъ кьурал баяназда рекъон, республикаялда 2015 соналда терроралъул хIинкъи тIадеги дагьлъун буго.

Гьедин, араб соналда ракълилаб гIумруялде рачIине бокьаразул къадар 28 чи вукIун ватанани, 2015 соналда ракълилаб гIумруялде руссине гъира загьир гьабунин 41 чиясин лъазабуна Такъсирияб ахIвал-хIал дагьлъизабиялъул комиссиялъул данделъиялда Рамазан Джафаровас.

Гьединго, 2015 соналда тIубан тIагIан кIвар «Имарат Кавказ» абураб терроралъулаб гIуцIиялъул. Гьедин, 2015 соналъ чIвана гьеб гIуцIиялъул кIиго бетIер, ГIалиасхIаб Кебеков ва МухIамад Сулейманов. ГьабсагIаталда «Имарат Кавказ» абураб гIуцIиялъул хутIарал изну гьечIого яргъид гIуцIарал ДАГIШ терроралъул гIуцIиялде гъорлъе унел руго.

«Имарат Кавказ» абураб терроралъул гIуцIи гIуцIцIун букIана 2007 соналъ. Гъуниб мухъалъул БацIада росдада гIагар чIварав Шамиль НурмухIамадовас ДАГIШалъе гьа бан букIарабищали мухIкан гьабуле гьечIо.

XS
SM
MD
LG