МагъчIваялъе рес

Лъабго къоялда жаниб Дагъистаналъул лъабго мухъалда КТО лъазабун буго


Казбек мухъалъул гIадамал иргадулаб разилъи гьечIолъиялъул митингалда.
Казбек мухъалъул гIадамал иргадулаб разилъи гьечIолъиялъул митингалда.

29 сентябралда Казбек мухъалда лъазабун буго терроризмалде дандечIчIараб низам. Россиялъул терроризмалде дандечечIараб комитеталъул баяназда рекъон хасаб низам лъазабиялъе гIилла буго Гумбет ва Казбек мухъалъул гIорхъода бугеб бакIалда изнугьечIого яргъидгIуцIарал ралагьизе хасал тадбирал тIоритIулел рукIин. Гьединго рузман къоялдаса нахъе Шамиль мухъалдаги лъазабун буго терроризмалде дандечIараб хасаб низам.

Рузман къоялдаса нахъе Гумбет ва Казбек мухъазул гIурхъуда бугеб ЦIана магIарда ва гьелъул сверухълъиялда къуваталъул идарабаз изнугьечIого яргъидгIуцIарал ралагьулел ругин лъазабулеб буго низам цIунулез.

Гьебго къоялъ кIиябго мухъалъул гIурхъуда лъазабун букIана терроризмалде дандечIараб низам, гьанже гьеб низам тIолабго Казбек мухъалда лъазабун буго.

ИзнугьечIого яргъигIуцIарал тIурун Казбек мухъалда ругел рохьахъ рахчун рукIиналда щаклъи бугин, гьединлъидал гьениб хасаб низамги лъазабун, гьел ралагьулел ругин абурал баянал кьолел руго Россиялъул терроризмалде дандечIараб миллияб комитеталъ.

Гьезулго баяналда рекъон гьеб мухъалда рахчун ругел чагIи кколел руго Гумбеталъулабин абулеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи. Дагъистаналъул къуваталъул идарабаз лъазабулеб буго рохьоб «экстремистазул» чIчIей бугеб бакIги, дагьабго ярагъги бахчараб бакIги батун бугилан.

25 сентябралда Шамиль мухъалъул ТIелекь жамгIияв хIаракатчи Бадавиев Шамиль чIван хадуб гьеб мухъалда терроризмалде дандечIараб хасаб низам лъазабун буго. БакIалъул гIадамазул пикруялда рекъон Шамиль чIван вуго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул вакилзабаз.

Гьев бажари бугев, лъикIав жамагIатчиги, динияв хIаракатчиги, цIакъ вагьабиязда данде чIарав чиги вукIанин гьединлъидал рецIел босун гьез чIван вугин Шамилилан лъазабулеб буго тIелкьадерица.

Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон Бадавиев чIваялъе жеги чIванкъотIараб гIилла чIезабун гьечIо, амма хал гьабулел ругел гIиллабазул аслияблъун буго гьев экстремистаз чIван вукIин. Гьеб ишалда ва церехун ТIелекь бащадаб лъагIалида жаниб чIварал лъабго чиясул ишалда хурхун къуваталъул идарабаз гьабулеб хIалтIудаса разигьечIо тIелкьал.

Гьез лъазабулеб буго гьел чIварал чагIазул цохIониги ишалда хурхун хасал идарабаз киналгIаги баянал ракIарун гьечIила, гьединал лъугьа-бахъинал росулъ тIокIал такрарлъичIого рукIиналъеги хIалтIи гьабулеб гьечIилан.

Жал цIунизе кколел гьел идарабаз жидедаго тIадаб иш гьабулеб гьечIила, жалго жидецаго цIунизениги росулъ гIадамахъ букIанщинаб ярагъги бакIарун анила гьел полициялъулаз, гьединлъидал гьезде божилъи хун бугила жидерилан абулеб буго тIелкьадерил жамагIаталъ. Гьединлъидал жидехъе ярагъги кьейин, росулъ гIадлу жидецаго гьабилин лъазабулеб бугин гIадамазилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ТIелекьа МухIамадов АхIмадица.

МухIамадов АхIмад: « Ярагъ кьейилан тIалабни гьабулеб буго гIадамаз, амма гьезухъе гьеб кьолев чи щивха вукIинев. Кодоб бугебщинабги бакIарун тана гьел полициялъулаз гIадамал.

Росдал бегавул Халид чIвараб мехалдаго, хасаб операция тIубалеб мехалда Шамиль мухъалъул полициялъул бетIер чIвараб мехалдаги тIалаб гьабулеб букIана гIадамаз ярагъги, жидеца гьабилин гьениб гIалдуйилан рукIана гьел, амма гьезухъ гIинтIамулев чи ккечIо.

Жеги гьел тIалабалгун къватIийни рахъун гьечIо гьел, амма иш ахирги гьелде ккелин ракIалде ккола дида.

Гьединго АхIмадица бицана гъоркьисала декабралдаса нахъе росулъ вагьабиязулги тIарикъатчIазулги рагIи дандеккечIолъиялда бан ТIелекь ахIвал-хIал хIалуцарабго, росулъе рачIунеб бакIалда гIолохъабаз рачIунездаги унездаги хадуб халкквезе хасаб бакIцин гьабун букIанилан.

Аслияб къагIидаялъ гьеб гьабун букIун буго росулъ ругел вагьабиязда хадуб халкквезе, гьезухъе щал рачIунелали лъазабиялъе. Амма полициялъ гIадамахъа кинабго ярагъги бахъун хутIиялъ, кодоб щибгоги гьечIого гьенир гIужие гъунищила гIолохъаби рукIинелин абун гьенив чи гьечIила.

Гьединго полициялъулги цониги чи гьечIила гьеб ишалда хадув халккурав, гьединлъидал бокьараб мехалда росулъеги рачIун гьел чагIаз бокьа-бокьараб гьабулеб бугила Гьенибилан.

Къуваталъул идарабаз кинабго рахъалъ жидерго къадру хвезабулеб бугила, гьел жидеда тIадаб хIалтIиги гьабичIого цохIо гIарац гьабиялде руссун ругилан абун разигьечIолъи загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда жамгIияв хIаракатчи МахIмудов ХIажимухIамадицаги.

Гьесул пикруялда рекъон хасал идарабазул хIалтIухъабаз жидерго нахъегIанал ва лълъугьукъал ишаздалъун гIадамазда жалго рихинарулел руго.

БукIине кколедухъ гIайиб бугев чиясда гьеб чIезабиялъе хIалтIи гьабун бажарулеб гьечIила гьезухъа, ракIалде кканщинав чи викъун гьесие гIазаб кьун, инжит гьавун, гIайиб тIаде босизе тIамун гьедин хIалтIулел ругила жакъа низамцIунулел.

Гьединлъидал халкъалъ гьезул адабги гьабулеб гьечIила, гьезде щибниги божилъиги гьечIила. Гьел рукIине кколедухъ хIалтIулел рукIаралани я халкъиял дружинаби, я гIадлу-низам цIунизе жамагIатчагIи рахъине кколароанин бицана МахIмудов ХIажимухIамадица.

XS
SM
MD
LG