МагъчIваялъе рес

Халат бахъараб КТО


15 маялда рохьосан кьвагьдун ч1варал полициялъулал Гьонодаса ГIалиев Карим, ЧIохъа ХIусенов Руслан, ГIалиев МухIамад
15 маялда рохьосан кьвагьдун ч1варал полициялъулал Гьонодаса ГIалиев Карим, ЧIохъа ХIусенов Руслан, ГIалиев МухIамад

Гъуниб мухъалъул Гъамсукь росдада гIагарлъухъ цIидасан байбихьана цебесеб къоялъ букIараб хасаб операция. Гьедин 15 маялда рохьосан кьвагьун бачIун чIвана полициялъул лъабго хIалтIухъан – Гьонодаса ГIалиев Каримги, ЧIохъа ХIусенов Русланги ГIалиев МухIамадги.

Лъукъана анцIидаса цIикIкIун чи. Абулеб букIана Гъуниб полициялъул нухмалъулевги лъукъун вугилан, амма Гъунисан щвараб баяналда рекъон, гьеб хабар ритIухъ гьабулеб гьечIо. Рохьор цо щаклъи бугел гIадамал рихьанилан информацияги щун, МахIачхъалаялдасаги Гъунисаги полициялъулал ун рукIун руго хал гьабизе. Лъиданиги тIадеги ккечIого нахъруссун рачIунеб мехалда кьвагьун бачIун буго рохьосан. Гьеб щун буго гъунисезул полициялъулазда.

16 маялда Гъуниве вачIана Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадов. ЧIваразул гIагарлъиялда зигараги бан, гьес Гъуниб азарханаялдаса МахIачхъалаялде рачана лъукъарал полициялъулалги.

Телефоналдасан букIараб гара-чIвариялда гьадин бицана ЭР-ялъе Гъуниб мухъалъул полициялъул оперативияв дежурный хIалтIухъан Ибрагьимов Ибрагьимица.

Ибрагьимов Ибрагьим: «Жакъа цIидасан байбихьана цебесеб къоялъ букIараб хасаб операция.Гьенире ун руго гьабсагIаталда нижер цIикIкIанисел хIалтIухъаби. Щиб гьениб лъугьа-бахъунеб бугебали жеги чIванкъотIун абизе кIоларо. Жанисел ишазул министр вачIун вукIана жакъа гьаниве. ЧIварал нижер хIалтIухъабазда бан гIагарлъиялдаги жамагIаталдаги зигараги бана гьес. Цинги захIматго лъукъарав ункъо нижер хIалтIухъанги цадахъ вачун МахIачхъалаялде тIадвуссана. Санчасталда регизаризе руго гьел».

Гьеб кинабго байбихьанин 9 маялда цебе КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе лъураб монумент кьвагьизабиялдалъунилан бицана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гьениб гIагарлъухъ бугеб Сугъралъ росулъа МухIамадица.

МухIамад: «Метер 9 май букIиналде цебесеб къоялъ кьвагьизабуна монумент. Цинги къаси дежурникалги лъун, нахъисеб къоялъ кIодо гьабуна байрам. Гьеб мехалда хабар бачIана лъидаялиго рохьор цо чагIи рихьун ругин, гьез гьев чиясда абун бугин дуда жал рихьичIилан. Кинин рихьуларел абун гьев лъугьиндал, доз гьев чи вухун вугила. Гьебги лъан полицияги бачIанаха анибе. Гьедин анирехун бачIунеб полициялъул лъабго машинаялъе гъоркьчIел гьабун батун буго. ЧIван вуго лъабго, лъукъун вуго анлъго полицияв. Цо-цояз абулеб бугоха 9-10 чи лъукъун вугиланги. Гьелдаса хадуб вертолетги жоги бачIун, гьанже дозул кIигоял чIван ругин, ункъояв лъутанин абуна. Гьеб буго кьучI гьечIеб информация. Жибго гьениб лъугьа-бахъунеб жоги нижеда рагIуларо. Гъоба гъоркь, Гъамсукь абураб бакIалда буго эб».

ЭР-ялъе Гъуниб росдал бегавул Дибиров Мурадица бицана бакIалъул гIадамазул кутакалда ццим бахъинабун бугила гьеб лъугьа-бахъиналъ. Гьединлъидал 17 маялда росулъ кIудияб данделъи тIобитIизе бугила гьез гьелда тIасан.

Гъуниб мухъалдаго гIадаб хIалуцин 16 маялда МахIачхъалаялъул Кировский мухъалдаги букIана. Гьениб терроралда дандечIараб низам лъазабун букIана.
XS
SM
MD
LG