МагъчIваялъе рес

КТО халат бахъунеб буго


Гъизилюрт мухъалъул ункъго росулъ- СултIанянгъиюрт, Нечаевка, Кировавул ва Чонтаул росабалъ халат бахъунеб буго итни къоялъ лъазабураб терроризмалде данде чIараб операциялъул низам. БатIи-батIиял баяназда рекъон, гьенив 6-ялдаса 10 -ялде щвезегIан изну гьечIого яргъидгIуцIарав чIван вугин лъазабулеб буго низам цIунулез. АрбагI къоялдаса хамиз къоялъул сардилъ цIидасан байбихьараб кьвагьи рогьинегIан къотIичIин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

25 февралалъул къасиялде рагъулаз мухIкан гьабуна кверде рачIине инкар гьабун, данде кьвагьдаразул лъабго чи чIванилан. ЧIваразда гъорлъ рехсолев вукIана изну гьечIого яргъидгIуцIаразул Гъизилюрталъул къукъаялъул бетIер Олег Шаляпин. Араб соналъ инжитаб хIалалалъ Гъизилюрт шагьаралъул Жанисел ишазул бутIаялъул нухмалъулевлъун цеве вукIарав Салимгереев Айтемир чIвай тIаде босун букIана гьес.

Итни къоялда низам цIунулезда Гъизилюрт мухъалда батараб, ракIалде кковухъе, яргъидгIуцIараз ракьуль бухъун гьабураб гьитIинаб рукъалда жаниб гIага-шагар 5 чи вугин лъазабулеб букIана терроралда данде чIараб Миллияб коммитеталъ. Хамиз къо къалъилалде гьенив 10 гIанав чи вугин лъазабулеб букIана гьез. Цебесеб къоялъ къадеялде щвезегIан букIараб кьвагьи къотIун букIанин, амма маркIачIуда гьеб цIидасан байбихьанин баян гьабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Къаси сардилъ изну гьечIого яргъидгIуцIараз сверун кквеялдаса жалго рорчIизе хIаракат бахъанин ва гьениб ккараб кьвагьиялъул хIасилалда жеги 3 чи чIванин лъазабулеб буго низам цIунулез. Жеги гьенив 4 чи вукIине рес бугин ва хасаб тадбир халат бахъуне бугин абулеб букIана гьез хамиз къоялъул къадеги.

СултIанянгъиюрт росдал гIадамаз лъазабулеб буго гьеб операциялъул жидее кинабгIаги лазатбахъи гьечIин. Росдал имамасул кумакчи ГIабдурахIманица баян гьабуна ахIвал-хIал росулъ гIодобе биччараб бугин. Квагьа-гIанхъи сардилъ Нечаевка росу бугеб рахъалдасахун рагIулеб букIанила.

АрбагI къоялдаса къан бугила «Кавказ» федералияб трассаялъул гьеб мухъалдасан унеб бутIа ва гьениса хьвади чIезабун бугин ва Нечаевка, Мацеевка, Аджидада росабазул 20 азарго гIанасев чи хутIун вугила кинабгIаги бухьенги гьечIогойин лъазабулеб буго Нечаевка росулъа ГIалибулатов Рашидица. Гьенисан гIицIго рагъулазул машинаби ва техника гурого хьвадулеб гьечIин бицун букIана гьес хамиз къоялъул къаде.

ГIалибулатов Рашид: «ГьабсагIат сихIкъотIи буго сверухъ, рагIулеб кьвагьа-гIанхъиги гьечIо. Нолъ, рогьинегIан рагIулеб букIана росулъ кьвагьиялъул хъуй. Гьениб зачистка инеб бугин абулеб буго. Жакъа кьвагьа-гIанхъи гьечIо, абулеб буго хутIарал ралагьулеб ругин рохьахъин, лъаларо кида гьеб хасаб тадбир лъугIулебали, амма нух рагьун гьечIо. Гьенисан хьвадизе гьукъун буго».

Жибго Нечаевка росулъ ахIвал-хIал гIодобе биччараб бугила, росулъ рагъулалги гьечIилан тIаде жубана гьес.

XS
SM
MD
LG