МагъчIваялъе рес

ЦIададе гIурдахIанал гIадин рижулел КТО-ял


13 октябралда Дагъистаналъул ЦIумада мухъалда лъазабуна терроралда дандечIараб низам. Гьелде щвезегIан контртерроралда дандечIарал низамал лъазабун рукIана республикаялъул жеги чанго мухъалдаги. Кинаб гIилла букIине бегьулеб ахирал моцIазда Дагъистаналда гьединал тадбирал такрарлъиялъе? Гьел суалазда тIасан эксперталгун гара-чIвари гьабуна нижеца.

ЦIумада мухъалда терроралд дандечIараб низам лъазабун буго радал сагIат анлъго тIубаралдаса нахъе. Къуваталъул идарабаз гьенир ралагьулел руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаби. Гьенив я ккурав, ялъуни чIварав чиясул щибниги баян къватIибе загьирлъичIо талат къоялъ.

Микьабилеб октябралда КIванада росдада аскIоб полициялъул хIалтIухъаби тIад рекIараб автомобилалде кьвагьдон рукIана щалали лъазе кIвечIел гIадамал. Абулеб буго гьебги цояб гIиллалъун букIине бегьулин ЦIумада мухъалда къуваталъул идарабаз хасал тадбирал тIоритIиялъе. 2015 соналда жаниб гьеб кIиабилеб нух ккола мухъалда терроралда дандечIараб низам лъазабураб.

Гьедин исана ункъабилеб августалдаги букIана гьениб хасаб операция тIобитIулеб. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаби ралагьулел рукIана Эчеда росдада аскIор. Терорралда данде чIараб низам нахъе бахъун букIана 14 августалда, гьелъул хIасилазул баян къватIибе кьун букIинчIо.

Гьединго 10 октябралда рогьалилъ Унсоколо мухъалъул Генуб байбихьараб хасаб операциялъулъ чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул лъабгоявги хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул цо хIалтIухъанги. Гьенир жанир чIварал лъабгоял гендерил терроралъул къукъаялда гъорлъе унаанин бицунеб буго низам цIунулез.

Гьезул щаклъи буго дол чагIаз флешкаби ритIун, бечедал чагIазухъа гIарац бахъулеб букIараблъиялда (гьеб гIарац хадубккун терроралъул ишал рагIалде рахъинаризе хIалтIизабулаанинги тIадежубалеб буго низам цIунулез). Гьелго чагIаз республикаялда къанун цIунулел хIалтIухъаби чIвалел рукIанин абураб щаклъиги буго цIех-рехалъулазул.

Терроралда дандечIараб низам лъазабун букана анлъабилеб октябралда Гъарабудагъкент мухъалдаги. Гьелдаса цебе 28 сентябралда гьеб лъазабун букIана КъурахI, МахIарамкент, Сулейман-стIал, Табасаран ва Хив мухъалдаги.

Гьеб лъазабиялъе гIиллалъун ккун букIана гьелдаса чанго къоялъ цебе Сулейман-СтIал мухъалдаса щуго чанахъанасул жаназа бати. Гьел чIварал бакIаздаса дагьаб добегIан батун букIан изну гьечIого яргъид гIуцIаразул рукIелги.

Чанго моцIалъ сихIкъотIиги букIун кIиго моцIида гьединал контртерроралъулал низамал лъазабиялъе гIилла кинаб букIине бегьулеб абураб суалалда тIасан «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабуна батIи-батIиял эксперталгун.

Гьениб цоги суал баккулеб буго Россия Сириялда унел рагъулал тунка–гIусиязда гъорлъе лъугьиналъулги бухьен букIине бегьулиш гьениб абураб? Политолог Максим Шевченкода гьединаб бухьен бихьулеб гьечIо, амма гьес абулеб буго цIуна-къай гьабулеб гIадин Сириялда кколеб толелъулги хIисаб гьабун Дагъистаналъул ва федералиял къуваталъул идарабаз цIодорлъи гьабулеб гIадин тIоритIулел ругин Дагъистаналда гьел хасал тадбирал.

Максим Шеченко: «Сириялда унел рагъулал лъугьа-бахъиназул асаралда гъорлъ кинал рукIаниги тадбирал тIоритIизе кколин бураб пикру бугилан кколеб буго дида низам цIунулезул. РагIа-ракьанде щун гьеб ахIвал-хIалаллъул дица хал гьабичIо дица, гьединлъидал чIванкъотIун абизе захIмат буго.

ЛъагIалил ахиралда гьединал хасал операциял гIемер тIоритIула низам цIунулез Дагъистаналда, гьеб цIияб жо гуро. Экстремистал рукIун ртичIоницин, лъагIалил ахиралде гьел хех гьабун ратизе ккола гьез. Гьалейин жалги хIалтIулел ругилан тIадехун ругезда бихьизабизе гьабулеб хIалтIи буго гьеб».

Гьесулалда релъараб пикру буго Дагъистаналда биччалеб «Московский Комсомолец» газеталъул бетIерав редактор ХIапизов Юсупилги.

Юсуп ХIапизов: «Риидалил заманалда букIараб «сихIкъотIи» «биххизабуна» гьел хасал операцияз. Дида кколеб буго гьел ругин цере рукIарал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул хутIелал ялъуни гьезул бакI кквезе къеркьолел цIиял къукъабиян.

Сириялда кколеб бугелда гьеб хурхинабизе гIилла дида бихьулеб гьечIо. Нилъер гьанир ругел аскариязул цо къукъа Азербайжаналъул гIорхъоде рехун буго, Сириялдаса бачIунеб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул «Джабхат Ан Нусра» абураб къукъаялд дандечIей гьабизе, гьез гьаниреги рачIун жидерго вахIшиял терактал гьаричIого рукIине».

Максим Шевченкоцаго гIадин Сириялда кколеб букIиналъул хIасилалда тIоритIулел хасал операциял кколарин гьел Дагъистаналдаян абуна Юсуп ХIапизовас хадубги.

Россиялъ жииндирго аэропаланал Сириялде рагъизе ритIун рукIинчIеланиги, гьенир рагъулел ругел Дагъистаналдаса изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаби республикаялде рачIиналъул хIинкъи кингоги букIанилан рикIкIунеб буго гьес.

XS
SM
MD
LG