МагъчIваялъе рес

КъотIулеб бохалда педикюр


МахIачхъалаялъул рагIаллъуда бугеб Эльтав заводалда сверухъ бугеб рохь цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ ахIи-хъуйги, дагIба-рагIиги къотIун батиларо ахираб кIиго соналда жаниб. Хасго гьелда сверухъ дагIба цIикIкIана МахIачхъалаялъул цеве вукIарав мэр Саид Амировги нахъе ун "заманаялъ ишал тIуразарулел" бутIрул рачIарабго.

Гьелъул магIна кколаро Амиров шагьаралъул гъутIбузул кIудияв гьудул вукIанин абураб. Гьелъул гIаксалда гьес бетIерлъи гьабулеб анцIго соналда жаниб гIадин гIедерго гIащтIи ва хъухъадиро киданиги хIалтIун букIун батиларо МахIачхъалаялда. Гьел соназда цебехун гIурччинлъиялъулъ тIерхьараб, тIугьдулъ ва хурдулъ букIараб МахIачхъала сверана жакъа нилъеда бихьулеб бугеб шагьаралде.

ТIагIана киса-кирего шагьаралъул проспектазул рагIал ккун рукIарал гъутIбигун тIугьдул, гIурччинал сквералгун ахал, лъималазул площадкабигун, гIадамаз хьухь бахъулел бакIал. Амма Амировасул ракьал ричи, гъутIби къотIиялда цадахъго букIана шагьаралда тIад хъаравуллъи ва кьварараб нухмалъи.

ГIащтIиги хъухъадироги хважаинас изну кьун гурони бокьараб бакIалда хIалтIизе толароан. Гьев арабго тахшагьаралда байбихьана "партизанщина", заманаялъ ишал тIуразарулел лъугьана щвараб жо бухизе. Раккана цIакъ гIемерал гьересихIукмуял, мекъал постановлениялгун гьересипечатал, гьезда рекъон ралел минаби ва цогидал объектал.

Гъоркьгоги лъикI букIинчIеб МахIачхъала лъугьана лъарас лъалеб гьабулеб бакIлъун. Лъиениги балъголъи гуро гьаниб миллионалде гIагарараб шагьаралъе лъабго ункъго-парк цIакъго дагьаб жо букIин. Кибдай гьединаб санагIалъи гьабилин шагьаралъулал ругеб мехалда сардилъги къадги чIечIого гьересихIукмабазда рекъон шагьарлъул рагIалда бугеб Эльтав заводалъулин цIар щвараб рохь гъурулеб буго жуликIаз. Гьеб рикIкIуна гьадингоги унтараб шагьаралъул "гьуъруллъун", гIурччинлъи ва гъветI-хер букIун.

Гьениб ракьал ккун минаби ралел чагIазул буго цохIо мурад - кIванагIан хехго ракьги ккун, гъутIбиги къотIун минаби рай ва рукъзал ричи. Щибха гьабизе кколеб гьаб ахIвал-хIалалда шагьаралъулаз? Пачалихъалъул ва официалияб мэриялъул кверщел загIиплъигун жамгIияталда гьоркьоса загьирлъулел руго Эльтавалъул рохь цIунулел, Сепараторный поселокалда цIияб паркалъе бакI балагьулел гIадал рагъа-рачариял.

Гьелъул хIисаб гьабун абизе рес буго гьел чIобогояб бакIалда рижарал жал гурин. Гьелъул гIаксалда гьел руго "чIобогояб" бакIалда рижарал рагъа-рачариял. ЧIобогояб бакI буго пачалихъалъул нухмалъигун, кверщелги, хъаравуллъиги гьечIого лъарас лъараб гьабизе тараб бакI. Гьединаб бакIалде хIукумат хIалтIулареб мехалда къотIносан бачIуна нухмалъи.

Гьелъул буго кIиго рахъ - лъикIабги, квешабги. Квешаб буго загIипаб нухмалъиялъул, коррупциялъул, ришватчилъиялъул хIасилалда бижараб букIун. ЛъикIаб буго бокьараб халкъалъул гъоркьан тIаде бачIунеб пикру ва гьелда сверухъ ишал ва хIаркат буго гражданазул жамгIияталъул гIаламатаздаса. Гьеб буго жидер рокъоб, къотIноб, шагьаралда, республикаялда ва улкаялда лъугьа-бахъунелда хадуб халги ккураб, лъугьа-бахъунелъулъ жибгоги жавабияб жамгIият. Демократияб нухмалъиялъул гIаламат.

Гьелъул нухда гъоркьан тIаде бакIалъул нухмалъи гIуцIизе кIвани гьеб кутакалда лъикIаб ва пайдаяб иш буго пачалихъалъе ва халкъалъе. ЦохIо пачалихъалдаса хIажатаб жо буго гьениб киназего гIаммал, чIван къотIарал, хъулухъ ишалъухъ балагьичIого киназго тIуразарулел законалъул механизмаби чIезари. Гражданазул жамгIияталъ тIалаб гьабулеб жо буго ихтиярал цIунулеб пачалихъгун демократияб нухмалъи.

Гьеб лъабгоялдаса цоялъул гIаламатал раккана, хIажат буго камил гьабизе хутIараб кIигояб. ГьабсагIаталда халлъулеб буго къеркьеялъул байбихьи. Я власталъ кьварараб нухмалъиги гьабун, мекъи бакIал рарал, рохь къотIулел, гьерсихIукмаби ричарал ва росарал тамихIалдеги цIан гIадлу гьабизе ккола. Гьеб лъугьинчIони жамгIияталъул багъа-бачари къо бахъанагIан цIикIкIине буго, гьезул рахъ кколелги гIемерлъизе руго, ахир гьезул тIалабазда рекъон рес буго живго мэр нахъе иналде ккезеги.

КIванагIан хехго тасдикъ гьабизе ккола шагьаралъул генералияб план ва чIезаризе ккола ралелщинал бакIал. Гурони лъалес лъалеб гьабун, бичун, хисун, гъутIби къотIун тахшагьар гIемер мехалъ хутIилин кколаро. ГIадамаца ва республикаялъул власталъ жидер рfхъ кквезе бакI- бакIазда чIарал тIогьилал тюльпанал гIелин кколаро.

Гьеб буго гангренаялъ чIегIерлъараб хIатIида малъал релъи гIадаб жо. Цебе жибго бох хвасар гьабизе ккола. Гьеб бичIчIун буго халкъалда, гьеб бичIчIун мэриялъул ишаздаса рази гьечIолъиялъул сигналал руго респубиликаялъул нухмалездасаги. БичIчIулеб бугищ гьеб жибго шагьаралъул администрациялда абураб суал хутIулеб буго рагьараблъун. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG