МагъчIваялъе рес

Гъоркь ругезда кIолеб гьечIо, тIад ругезе бокьун гьечIо


"СТЕКЛЯШКА" КАФЕ, ГIАЛИБЕГ ВА "ГIАЩТIИЧАIГИ"

МахIачхъалаялъул Родопалъул абун цIар щвараб ахикь букIана гIадамаца "Стекляшка" абун цIар кьураб цо ашбаз. Буйнакскиялъул къватIалда ва Хъвадарухъабазул Союзалда аскIоб букIиналъ советияб заманалда гьенир кидаго хъвадарухъаби гьекъолдулаан. БетIер къачIалелги, тIехь бахъаралги, тIехь бахъизе инкар гьабуралги, гонорар щваралги, щвечIелги киналго данделъулаан гьенир. Ай гьеб букIана къалмил агьлуялъ роххелги пашманлъиги бикьулеб бакIлъун.

Чан гIакъилабги ахIмакъабги калам рагIун батилеб гьел къадазда ва цIурдузда? Гьенир гьунаралги рукIана чанги гьодораб каламги рагIана. Киса кибго гIадинха. Гьеле гьеб мискинаб сверун цIер ккураб ашбаз бестIалго хутIана СССР биххун хадуб.

Мех-мехалда рагьулаан гьеб. Цо кьер гьечIел котлеталги, "тIуригIан цIамгIалаб цIоро-гъорораб чурпаги" букIунаан гьениб. ГIезегIан заман букIана гьеб ашбаз къаралдаса. Хадуб "продается" абунги хъван цо телефонги букIана гьениб къватIиб чIван, тIаде бакIги сверун къан бугоан. ГIага-шагарго 3 соток гIадаб бакI ккун букIана.

Цо къоялъ гьадинго багьа лъазе ахIигун 25 миллион багьа бугин абуна. Гьоркьоб заман индал гьеб территорияго сверун къана цо чIегIерккIуяб агьлуялъ бачIун. Жаниб хIалуцараб хIалтIи унеб букIана. Щибаб къоялъ рачIун сверун къараб бакIалда цере гаргадулел гIадамалги рукIана.

Чан батIияб версия гьениб рехсараб балеб бакIалда хурхун. Нолъ къаси цойги къапилаги бачIун доб кIицIул кIодо гьабураб бакIалдаса цебехунги 3 метраялъ хIубаца сверун къана. Гьелъул магIна букIана "ниж гьанир щвезегIан руго"- ян абураб.

Къаси социалиял сетазда лъуна цIияб ашбазалъе ккураб бакIалъул сурат ва республикаялъул бетIерасул кверщел кодосев вакил ГIалибе ГIалиевасухъе хитIаб гьелда хурхун. ХитIабалда рукIана гьадинал мухъал: "Гьаб шагьаралъул ахикь, берда цебе гьабулеб пасалъиги тун нахъойги ГIалибег мискинал ясли-ахазда ва больницабазда хьагил тIалъелал рорхулев ва гIадамазде гьужумал гьарулев вихьани гьесул адаб гьабизе гьечIо" - ян.

Гьеб фейсбукалда гьабураб хитIабалъул рахъ ккуна нус-нус гIадамаца ва гьебго хитIаб лъуна жидер страницаязда. Жакъа шагьаралъул ахикь бакъ щвелелде ГIалибег вачIун вуго ахIи-хъуялда цо рихха-хочарал гIадамалги цере къотIун. "Гьаб жо щиб жо?! Добги ккун буго, гьаб цоябги ккун буго, гьал гIадамал хьвадулеб бакIалде рахъизе лъица ихтияр кьураб нужее"?! - ян ГIалибегица хьвагIулел кверал маххул нухда тIаса тирун цо бетIер хIуларав чиновникасул гIадалъ щвезе дагьалъ хутIанин абулеб букIана цо паркалда шахматал хIалев чияс.

ТIаде живгоги валагьун бакъ щвелелде киналго хIубалги рахъизарун, хIубал чIезе рахъарал картIалги рацизе тIамун руго ГIалибегица. Гьеб буго цохIого цо вугев жамгIияталъул тIалабалда хIалтIулев хIакимас жинда кIвараб хIалалъ битIизабураб гъалатI.

Амма жибго "Стекляшка" ашбаз ва сверухълъи жеги эркенлъичIо. Гьеб сверун къан буго ва жаниб дваргъа-гIанки рагIулеб буго. Гьелд хъат бараб хъумур цIакъ кIудияб бугин ккола. Гурони ГIалибегица гIатI ххине гьабихъе гьев ахIилаан.

Гьанже масъала буго гьеб хабар республикаялъул бетIерасухъе щвезаби. Гьесда лъалеб батуларо, нагагь лъалеб батаниги хIакъикъат кьуризабун кьун батула. Кьавуца кунеб гьитIинаб ашбаз бугин, гьеб хисун берцинаб ва санагIатаб бакI балеб бугин. Гьез абун батиларо парк бакьулъ лъабнусго квадраталъул метра ккун бугин.

Балагьилаха щиб алъул кколебали. Сверухъ ругел чинаридул гъутIбуги пашманго шурщудулел ругин ккола кидадай гIащтIигун чи ваккилаян. ГIемер раккана гьел гIащтIичагIи ахирал соназда. Троллейбусалъул паркалдаса Севералъул посталде щвезегIан нухлул рагIал чIван рукIарал гъутIби къотIана.

Паркал ва скверал тIагIинарула. Щибаб къоялъ унеб буго шагьаралъул паркал сверухъ рукъалъе, тукабазе, ашбазазе, будкабазе бакIал кколеб къеркьей. ЛъагIел сверун хисулел мэралги руго, гьелъул тIалаб гьабулел чагIиги гьечIо. Власталъул камилаб нухмалъи ва гIадлу гьечIеб мехалда ишазда гьоркьобе лъугьине кколеб буго жамгIият.

Пайда щиб гьеб жамгIияталъул гьаракь рагIулев чи тIалъиялда цохIо ГIаликолоса ГIалибег гурони хутIунги гьечIо. Гьевги цо-цо мехалда кIвар бугел суалалги тун гъуд-гIучIалгун вагъизе байбихьула.

ЦохIо нилъер гьаракь рагIулев гьев кьаллъиги лъикIаб жо гуро, жиндаса кIварабги, цо-цо кIоларебги гьабун векерахъдулев чи вугелъул. Гьесул къуват гIоларел бакIал ратарабго тIубанго тату холеб буго халкъалъул. Гьединаб гIадинаб ахIвал-хIал лъугьун буго жакъа Родопалъул бульваралда "Стекляшка" ашбазалда сверухъ.

Цо анкьго кьер хьихьизе гIураб гIарац БИКЪАРАВ ламурасул хиял лъун буго гIадамаца хIухь бахъулеб ахикь гIащтIиги биччан цо дагьабги бакI жиндие кквезе. Лъица гьесда "ТОХТА" - ян абилеб? Гъоркь ругезда кIолеб гьечIо, тIад ругезе бокьун гьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG