МагъчIваялъе рес

Миллат балагьулеб халкъ ва миллат гьечIел нухмалъулел


Сулейман Мамаев, Дагъмедакадемиялъул ректор
Сулейман Мамаев, Дагъмедакадемиялъул ректор

Сон вищана Дагъистаналъул медакадемиялъул ректор. Гьенив лъабго кандидатасда гьоркьоса бергьана Сулейман Мамаев абурав тумав.

Щай дица гьаниб миллат хъвараб тIоцебесеб иргаялда? Щай гурелъул Дагъистаналда республикаялъул бетIереасдаса рахъарал цо колохъ цIани хьихьулев чиясде гIунтIун тIоцебе бачIунеб суал буго "гьев хъулухъалда тарав чи щиб миллаталъул?" абураб.

Гьединго абун букIун рагIула республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги: "Дагъмедакадемиялда магIарулав вукIине ккола" - ян. Гьеб хъулухъалъе гIоло къеркьолев вукIана ХIамидов абурав цо гьидалъев. Жо ккечIо гьесул, кигIан нухмалъиялъ кумек гьабуниги балъгояб гьаркьил рищиязда къуна. Гьеб миллияб ращаголъи гьабулелин рукIунаха ХъахIаб рокъор ругелги. Медакадемия рикIкIунаан магIарулазул ВУЗлъун, ДГУ - даргиязул, политехникияб университет - лезгиязул, росдал магIишаталъул институт - лъарагIазул.

Аслиял пачалихъалъул ВУЗал рикьун рукIана республикаялъул чIахIиял миллатазда гьоркьор. Реххун чIахIиялги тун, рищиязда избирателал магIарулазде ва магIарулал гурездеги рикьизарун тахбакI ана тумаз. 295 избирателасдаса 125 магIарулав вукIун вуго, гьезул гьаркьал щун руго магIарулазул кандидат ХIамидовасе, власталъги гьесул рахъ кколеб букIана, калам тун гьев бергьилинги прогнозал рукIана, ма нужее, хутIарал киназго Мамаевасеги кьун къезавуна ХIамидов. Ахирал соназда Дагъистаналда билълъараб гIадаталда рекъон кидаго магIарулазда хадуб цIунарабин рикIкIунеб МВДялъул министрасул тахбакI ва медакадемия ана тумазул вакилзабаца.

Рес буго гьел магIарулаздаса мустахIикъал ратизеги, жакъа ХХI гIасруялда миллатал батIа гьарун нухмалъи бищи ахIмакълъи буго. Нух кьезе ккола тIадегIанал профессионалазе ва иш лъалел чагIазе. Жакъа ректорлъун вищарав Сулейман Мамаев абурав чи веццулев вуго иш лъалев чи вугин. Амма гьев вищана иш лъалев чи вукIун гурев, гьев вищана ургъичIеб, магIарул миллат къезабулеб политикаялъ.

Дове магIарулав вугIизавизе лъугьун. Бищунго бокьана ХIамидов вищизавизе лъарагIал рази гьаризе тIад къан букIанила Хизри ШихсагIидовасдаян абидал. ТIоцебесеб иргаялда балъгоял рищиязда лъарагIаца гьабуларо Хизрица абураб, хасго магIаруласе гьаркьал кьей, кIиабизе цIакъ кIудияб щаклъи буго гIумруялъ Ильясовалгун гьудуллъиялда вукIарав Хизрица гьезул кандидатасда данде хIалтIи гьаби. Политикаялда гьудуллъиялдаса интересал цере рукIин нилъей балъголъи гурелъул.

ЦIияв вищарав ректор рагIула Дагъистаналда тумазул бищунго бечедаб тухум, Центробанкалъул нухмалъуда вукIарав Сиражудин Ильясовасул ва гьесул вас мал-мулкалъул министрлъун вукIарав Марат Ильясовазул дурц. Гьеб гIадатияб тухумги дагьаб сурсатги гуреблъи нилъее якъинаб жо буго. Амма Медакадемиялъул ректорлъиялда цIияв чи вищиялъе аслияб роль хIана миллияб суалалъ.

Гьеб квешги буго, квеш буго хъулухъалда чи профессионалияб рахъалъ гуреб миллияб рахъ хIисабалде босун вищиялъ. Хасго гьеб загьирлъулеб буго жамгIиял сетазда, интернеталда аваразда тIад босараб ракI чIараб бергьенлъи цоцада баркун лъавудаса унел хутIарал халкъал рихьарабго. Гьеб унтуца ккун буго Дагъистан.

ГIажаибаб хIалтIи. Цониги операциялъул столалда унтарав чияс жиндир миллаталъул тохтир тIалаб гьавулев рагIичIо, иш лъалев, лъай бугев, жиндир гIумру хвасар гьабизе кIолев гурони. Щаялиго ВУЗалъул ректор, министр, депутат, завсклад, базаялъул директор, районазул ва шагьаразул бутIрул хIажат рукIуна азие жидер миллаталъул чагIи.

Гьел гIадамалин абуни тахбакI ккуразе хIажат рукIуна гIицIго рищиязул заманалда, тахбакI ккун хадур гьезул миллат хисула, космополитал лъугьуна. Бечелъун ва ресалде щун хадур гьезул букIуна хасаб миллат, хасаб тухум, чIахIиял гьундул ругезул, джипазул рехьед бугезул, цадахъ Москваялдаги къватIирги мадугьалзаби, къиматал санаториязда бакIал, ретIел-хьит, квен-тIех, жавгьар-якъут бугел чагIазул миллат.

Гьезул лъимал цадахъ хIалтIула, цоцазулгун ригьнал рукIуна. Лъугьуна хасаб социалияб статусалъул миллат. Гьез киданиги ватIа гьавуларо чи миллаталде ва миллияб мацIалде балагьун, гьеб мацI гьезда ва гьезул лъималазда лъазецин лъаларо, лъазе хIажатги букIунаро. ЦохIо рищиязул заманалда бачIуна цебе гьеб миллияб суал, гIадатиял гIадамал гуккизе къварегIарабго. Диналъги, законалъги, намусалъги, гIакълуялъги гьеб суал гьукъараб бугониги. Щиб миллаталъул чагIиха рукIараб гьеб медакадемиялъул ректорлъи балагьулел чагIи?

Нилъеца ургъичIого абила аваравги, тумавги, даргиявги рукIанин. РукIинчIо. Гьел рукIана хIарщ гIадин гIарац гъоркьгоги бугеб, тIадеги балагьулеб, кигIан щваниги бугелда гIейги гьабулареб миллаталъул чагIи, ай бечедал чагIазул миллат. Гьезие гьаркьал кьолел чагIи рукIана аваралги, тумалги, даргиялги. Гьел гьаркьал кьолев щивасдаги кколеб букIана жиндир миллаталъул чи вищани миллаталъего лъикI букIунин.

БукIунаро, лъикI букIуна вищарав чиясе ва гьесул сверухълъиялъе, лъалеб букIахъе рищун хадуб букIунаро гьезул миллат, рищизегIан букIуна. ХIасил калам, миллияб суал кидаго буго халкъалда гьоркьоб, хъулухъчагIазул буго жидерго миллат, социалияб положениялъ, бечелъи-мискинлъиялъ бихьизабулеб, я мацIалъ, я ратIлица, я гIураб бакIалъ бихьизабулеб гуреб. Гьеб хIакъикъат лъазе лъикIан киналго дагъистаниязда.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG