МагъчIваялъе рес

Щиб кколеб Дагъистаналъул чIухIилъун


Квералъ хъвараб тIехьалъул тIанчIал
Квералъ хъвараб тIехьалъул тIанчIал

НекIо заманалда Дагъистаналъе гIарабаз кьун букIана «Бахр ал-ГIилми» абураб цIар. Ай – ГIелмуялъул ралъад. ГIелму ва гIалимзаби рукIана Дагъистаналъул бищун кIудияб чIухIилъун. Амма гьаб нилъер заманалда гьедегIан кIудияб кIвар кьолеб гьечIо гIалимзабаз гьабулеб хIалтIуе. Гьелъул гIаксалда спорт рикIкIула миллиял приоритетазул аслияблъун. Кинаб бугеб гьелда бан мадульаллихъ бугел республикабазда гIадатиял гIадамазул ва хIакимзабазул бербалагьи?

Жиндир заманалда Дагъистаналде сапар бухьарал гIарабал гIажаиблъана, гьениб цебетIураб гIелмуги адабиятги бихьун. Аслияб къагIидаялда Дагъистаналъул гIалимзабаз гIарабалъ хъвалаан жидерго асарал. Гьеб сабаблъун Дагъистаналъе хIурматияб цIарги тана гьез «Бахр ал-ГIилми абураб, ай – ГIелмудул ралъад.
ТIолго бусурбан дунялалда лъалаан цересел гIасрабазул магIарул гIалимзаби - МохIоса Дамадан, Къудукьа Мусал МухIамад Ругъжаса Абубакар, Харахьса ГIумарил ТIайги, Сугъралъа ГIабдурахIман-ХIажи, Замир-ГIали ва гIемерал цогидал.
Гьез тана кIудияб рухIияб ва гIелмияб ирс. Квералъ хъварал ва басмаялда кьабарал тIахьал. 1917 соналда Россиялда букIараб инкъилабалдаса нахъе большевиказ тIагIинабуна гьеб ирсалъул аслияб бутIа ва Сибиралде ритIана Дагъистаналъул чIухIилъун рукIарал гIалимзаби.
Амма доб ирсалъул хутелги гIолеб буго бичIизе кигIан кIудияблъун букIараб доб рухIияб бечелъи. Аслияб къагIидаялда гьеб ирс цIунулеб буго Россиялъул ГIелмияб Академиялъул Дагъистаналъул Централда. Гьесул къисматалъул гьадин бицунеб буго нижер программаялъе гIалимчи Мусаев МахIачица.
please wait

No media source currently available

0:00 0:01:06 0:00
Интернет-мухъ
Гьаб нилъер заманалда хIакимзабаз кIудияб кIвар кьолеб буго спортсменазе щварал икъбалазе, гIалимчагIаз гьабураб хIалтIи кIочон толаго. Мусаев МахIачица абулеб буго миллияб рухIияб ирс цIуниялъе хасго халкъалъ кIвар кьолаанин кидаго. Бокьилаанин хIукуматалъул жигарчилъи бихьизе.
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:39 0:00
Интернет-мухъ
Мадугьаллихъ бугеб Гуржистаналдаги руго гIемерал цIар арал спортсменал, амма кIочон толеб гьечIо гIелмуги, адабиятги.
Гьалкъояз гуржиязул прессалъ лъазабуна, тIаде бачIунеб соналда Гуржистаналъул миллияб библиотекаялда ТIахьазул Музей рагьизе бугин. Гьелда бан нижее гьадинаб баян гьабуна нижер радиоялъул гуржиялъул хъулухъалъул мухбир Окропир Рухадзеца.
ОКРО
Окропир Рухадзе: «Дун божула щибаб миллаталъ жиндирго яхI ва миллияб бербалагьи кидаго цIунулеб букIиналда. Миллаталъул рухI камулареб жо бугин дида ккола. Гьеб нилъ цолъизарула. Нилъее асар гьабула. ЖамгIият сахаб бугони, гьениб гармонияги букIуна - гьединаб жамгIияталъе бокьилаан щибаб рахъ цебетIезебизе, спорталдаги, гIелмуялдаги, диналдаги, экономикаялдаги. Гьединаб гъираялдалъун гармонияги бижула. Цебеккунго ургъун гьабураб жо гуро гьединаб гармония».
XS
SM
MD
LG