МагъчIваялъе рес

Щай миллиял багъа-башарияз талихIалде рачинчIел?


Цо-цо политологазул рагIабазда, 90 соназда Дагъистаналда пачалихъияб политикаялдаги жамгIиял гIуцIабазул хIаракатчилъиялдаги гьоркьоб чIван къотIараб баянаб хIучч цIазе захIматго букIана. Щай доб заманалъ раккарал миллияб жамгIиял гIуцIаби цинтIаго гIадин тIагIарал ва кинаб хасият бугеб жакъасел миллиял жамгIиял гIуцIиязул республикаялда?

Гьединал суалазе жавабал кьолаго программаялъул гIахьалчагIаз кIвар буссинабулеб буго пачалихъалъ жибго жавабияб рахъалда масъалаби щвалде щун тIаразарулареб мехалда, цо-цо жамгIиял яги диниял гIуцIабаз жидерго хIаракатчилъи пачалихъиял сферабазде тIибитIизабизе гIамал гьабулеб букIиналде.

«Цогидал миллатаз квал-квал гьабулеб букIаниги, талихIалде нух жидеца бахъулеб бугин ва мурадазде щвечIоги нилъ хутIуларин, кIалдиб хIацIугун бицунеб букIана гьел гIуцIабазул лидераз. Амма «талихIалъул кIалгIаялъул» рорхадал къедазда нахъе жалго рорчIун хадуб, гьезда жидедаго божарал гIадамални щиб, цоцал миллаталцин кIочана», - ян жаваб кьуна, къокъаб къагIидаялда кинаб къимат кьезе букIанин дуца нилъер республикаялда 90 соназда рижарал миллиял багъа-башариязе ва гьезул лидеразейин, кьураб суалалъе, жиндирго заманалда аваразул Имам Шамилил цIаралда гъоркь букIараб халкъияб фронталдаса инкар гьабурав Бабаюрт мухъалдаса Жаватханов МикагIилица. Гьесул рагIабазда, доб букIана «пачалихъалда низам чIезабизе колареб, яхI-намус гьечIел гIадамазе данде кколеб заман.

Этникияб кьучIалда жамгIиял политикиял гIуцIиял раккиялъул шартIал рижанин ункъоабилел соназул ахиралдайин ва багьанаби унгоги хурхарал рукIанин пачалихъалъ гIадамазул ургъелал рижинарулел суалал рагIалде рахъинаричIого толел рукIин сабаблъунин абулеб буго «Настоящее время» газетаялъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевас.

Милрад Фатулаев
Милрад Фатулаев

Милрад Фатуллаев: «ТIоцере жамгIиял гIуцIаби раккана лезгиязулги лъарагIазулги. Лезгиязул багъа-башари хурхараб букIана Россиялдаги Азербайджаналдаги гьоркьоб лезгиял рикьизарун гIорхъаби чIезариялъул проблемаялда хурхун.

ЛъарагIазул гIуцIи баккана ракьазулги кадразулги проблемабазул кьучIалда.

Хъулухъазда хурхарала суалални рорхизарулел рукIана киналго миллиял жамгIиялгун политикиял гIуцIабаз.

Хадуб баккана аваразул багъа-башари. Гьеб бакканин абизе бегьула лъарагIазул гIуцIиялъ лъолел суалазде жаваб хIисабалдайин.

Тумазул багъа-башари баккиялъе багьана букIана хурхараб Новолак мухъалъул проблемаялда.

Гьединаб гIуцIи Дагъистаналъул чIахIиялин абулел миллатазда гъорлъ букIинчIин абизе бегьула даргиязул. Щай? Щайгурелъул киназего гIаммаллъун рукIарал хутIизегIан проблемаби, гIицIго миллаталъе хасаллъун кколел суалал гьезул рукIинчIолъиялда бан. Гьанжеги гьезул гьединал проблемаби гьечIо.

БукIана ва гьанжеги буго нугъаязул "Бирлик" абураб гIуцIиги.

Гьединал багъа-башариязул хIаракатчилъиялъул завал букIана Совет Союзалъул заманалда рахчизарулел рукIарал ва гьеб биххун хадуб цинтIаго гIадин гьел гIунгутIиял баянго цере рахьараб мехалда».

ЭР. - Рачанищ гьел багъа-башарияз жидерго миллатал, абухъего, талихIалде? Щай доб заманалъ гьел гIуцIабазул жигараб хIаракатчилъи цо заманалда цинтIаго гIадин гьоркьоб къотIараб яги чIараб?

Милрад Фатуллаев: «ГIага-шагарго I0 соналда жаниб, 2000 соналде щвелалде гьел проблемаби аслияб къагIидаялда рагIалде рахъинаруна. У, цо-цо суалал хутIана. ХутIарал рукIана аслияб къагIидаялда къануназул даражаялъул масъалаби. Гьел нахъасеб планалде абизе бегьула.

Гьезда гъорлъан батIа гьабизе бегьулеб батила "Садвал" багъа-башари. БитIараб бицани, гьанже гьелъул гьечIо цебе гIадаб асар. Амма гIорхъабазул проблемиа хутIана.

Аваразул багъа-башари буссана миллияб автономиялде. Ай, гьелъул масъалаби хурхарал руго жакъа культурагун тарихалда, тIахьал риччаялда ва цогидал халкъалъе пайдаял ишазда.

ЛъарагIазул багъа-башариялъул хIакъалъулъ ахирисеб заманалда рагIулеб жо дагьаб буго. Буго гьезул чанго жамгIияб гIуцIи, амма гьезул хIакъалъулъ рагIула гIицIго Караманалъул ракьазул хIакъалъулъ бицунеб мехалда.

Даргиязул гIуцIаби гьечIо.

Хачилаевал вацал чIван хадуб, тумазул багъа-башариялъул бицунеб жоги дагьаб буго. Гьезул хIакъалълъ рагIула гIицIго кватIичIого рагIалде бахъинабизе бугин абулеб Новолак мухъалъул проблемаялъул бицунеб мехалда».

90 соназда хадуб, Россиялда унгоги гIемер жо хисана. Политикиял «гьураби» пулел рахъал чанго нухалъ хисанин, амма кигIан улка бечелъун батаниги, гIемерисел проблемаби хутIанин, абулеб буго нижер программаялъул цогидал гIахьалчагIаз.

Нижер программаялъул, щай гьел гIуцIабазул жигараб хIаракатчилъи цинтIаго гIадин гьоркьоб къотIараб яги чIараб абураб суалалъе, гьадинаб жаваб кьуна жакъа Аваразул маданиябгун адабияб автономиялъул нухмалъулев, журналист Маркъо Шагьбановас.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:49 0:00
Интернет-мухъ

Доб заманалъул миллиял жамгIиялгун политикиял багъа-башаризе аслияб къагIидаялда негативияб къимат кьуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго, Москваялда гIумру гьабун вугев жамгIияв хIаракатчи ва жигарав блогер ГIабдурашид СагIидовас.

СагIидов ГIабдурашид, тохтур ва жамгIияв хIаракатчи
СагIидов ГIабдурашид, тохтур ва жамгIияв хIаракатчи

please wait

No media source currently available

0:00 0:03:45 0:00
Интернет-мухъ

Дагъистаналъул жакъасел миллиял жамгIиялгун политикиял гIуцIабазул хIакъалъулъ бицине жоцин гьечIин рикIкIунеб буго журналист ва блогер Тимур Джафаровас. Гьесги рикIкIунеб буго 90 соназда гьединал гIуцIабазул жигарлъи аслияб кIагъидаялда хурхараб букIана проблемабазде кIвар буссинабун жидерго тахаздеги ресаздеги нух бахъулел рукIарал лидеразда. Гьеб рахъалда Джафаровасул пикру релъараб буго СIагIидовасул бербалагьиялда.

Тимур Джафаров, журналист ва блогер
Тимур Джафаров, журналист ва блогер

Тимур Джафаров: «Жакъасел жамгIиял гIуцIабазул бицине жоцин гьечIин абизе бегьулеб батила. 90 соназ миллиял багъа-башарияз узухъда асар гьабулеб букIана республикаялъул жамгIиябгун политикияб гIумруялде.

Хадуб цинтIаго гIадин гьеб лъалхъана ва тIагIанинцин абизе бегьулеб батила. ГIилла хурхараб батила гIуцIабазул бутIрузе пачалихъияб буголъиялдаса давла щвей, пачалихъиял структурабазда тахал щвей.

Гьелда хадуб гьезул хIакъалъулъ рагIунеб жоцин букIинчIин абизе бегьула.

У, зама-заманалдаса пуланал протесталъул акцияби рукIуна, цо-цо фигураби гIамал гьабулеб букIуна жидецаго рорхизарулел проблемабазул миллияб хасият букIин бихьизабизе. ХIакъикъаталдайин абуни, гьел сауалал хурхарал рукIуна, мисалалъе ракьазул суалазда, ай, гIицIго буголъиялъул суалазда.

Гьеле гьебго Караман абураб бакIалда хурхун зама-заманалдаса тIоритIула акцияби. Гьезда Таркиялда гIумру гьабулел гIадамал чIола гьеб Караманалъул ракьал жидер ругин ва гьенир объектал разе яги ракьал рикьизе жидеца теларин абун. Гьел акцияби гIуцIулез гьеб миллияб проблемалъун рикIкIуна лъарагIаз жидерго ракьал тумаздасаги авараздасаги цIунулеб къагIидаялда. ХIакъикъаталдаги гьеб ккола гIицIго ракьалъул суал.

Цогидал багъа-багьариязул сасцин гьечIо. КIиго соналъ цебе нугъаял лъугьун рукIана жал Дагъистаналдаса ратIалъилин. жидерго автономия гIуцIилин абун. Гьеб суалги бигьагьабун тIагIана».

Джафаровасулго рагIабазда, миллиял багъа-башарияз республикаялъул политикияб системаялда демократиялъул гIемер бицунеб букIаниги, «демократиял» абурал къагIидабазул лъалкIцин течIин абизе бегьула. Сахаб демократияб пачалихъалъул гIумруялда аслияб жо ккола Конституция ва миллаталъул кинабгIаги кIварцин букIунарин, жубана журналистас.

Тимур Джафаров: «Нилъер конституциялда буго "гражданлъи" абураб термин. ЛъугIана иш! Дида ккола, гьеб гIолин, гьеб бугин кинабго жоялъе кьучIин.

Дун вуго Россиялъул гражданав. Дир миллаталде интерес лъилниги букIине кколаро. Гьелдасаги кIвар кIудияб жо, дир миллат букIине кколаро багьаналъун я дие пуланал преференцияби, бигьаялъиял гьариялъе, чIезариялъе, яги гIагсалда - миллаталде балагьун репрессияби гьариялъе. Россиялъул Федерациялъул киналго гражданал конституциялда цере ращадал руго». ​

Аваразул маданиябгун адабияб автономия гIуцIулеб мехалда киналгIаги политикиял масъалаби цере лъолел рукIинчIин, гьелъул мурадал батIиял ругин ва гьезде жал щолелги ругин, бицана нижер программаялъе миллияб гIуцIиялъул лидер Маркъо Шагьбановас.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:46 0:00
Интернет-мухъ

Гуржиялъ ва хасго Азербайджаналда ругел аваразул ихтиярал хвезарулел рукIиналда бан гьезул рахъ кквеялъул галаби гьаруна аваразул автономиялъул лидераз. Дур пикруялда, гьединаб хIаракатчилъиялда гъоркь гьечIищ политикияб кьучI, кколарищ гьеб мадугьалил палихъалъул ишазде гъорлъе лъугьин? Нижер программаялъул гьединаб суал кьуна ГIабдурашид СагIидовасе.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:11 0:00
Интернет-мухъ

Шагьбановасул рагIабазда, гIорхъи бахун доб рахъалда жидер гIуцIиялъ гьабулеб хIалтIи кинниги хурхараб гьечIин политикаялдайин, гьединаб гьелъул гьединаб хасият бихьизабизе чанго нухалъ хIалбихьанин Азербайджаналъул пачалихъиял хъулухъчагIазги, гьелъул прессаялъгийин.

Цингиги халкъаздагьоркьосел къануназда хурхинабун Фатулаевасги абулеб буго, цоги улкаялда гIумру гьабун ругел миллат цоялни щиб, бокьараб миллаталъул гIадамазул ихтиярал хвезарулел рукIиналда хурхунцин, рес бугин халкъазда гьоркьосел институтазул кумекалдалъун асар гьабизейин гьединал пачалихъаздейин.

Милрад Фатулаев: «Дицаги рикIкIуна, халкъазда гьоркьосел къануназги бихьизабун буго, бокьараб, ООНалдацин гIахьалъуралеб цин те букIине, пачалихъалъулги, жамгIияб гIуцIиялъулги ихтияр бугин, ООНалде гъорлъе унеб бокьараб улкаялдасахун гIарз гьабизе, нагагьлъун гьелда инсанасул ихтиярал яги этникиял гIуцIабазул ихтиярал хвезари бихьулеб бугони.

Гьединаб къагIидаялда халкъаздагьоркьосел структурабазул проблемаялда кIвар буссинабизе ихтияр буго гьезул.

Бокьараб гIуцIиялъул буго ихтияр гьединал суалал рорхизаризе, кир гьел загьирлъулел рукIиналдецин балагьичIого.

XS
SM
MD
LG