МагъчIваялъе рес

Дагъмедакадемиялъул ректорлъун Сулейман Мамаев вищана


27 январалда МахIачхъалаялда тIоритIарал Дагъистаналъул медицинаялъул академиялъул ректорасул рищиязда бергьана Сулейман Мамаев.

ТIоцебесеб туралда бергьун вукIана МухIамад ХIамидов. КIиабилеб туралда баянлъана Сулейман Мамаевасе кьурал гьаркьал цIикIкIарал рукIин. Амма гьенив гIахьаллъарав лъабавго кандидатасда гьоркьоб республикаялъул тIалъиялъ ХIамидовасул рахъ кколеб бугин абурал баянал тIиритIун рукIана прессаялдасан.

Дагъистаналъул медакадемиялъул ректорасул хъулухъалде кандидатура лъун букIана лъабго чияс – Наби ГIумаровас, МухIамад ХIамидовас ва Сулейман Мамаевас. Гьезда гьоркьосан бищунго кутакаб къеркьей Наби ГIумаровасулгун МухIамад ХIамидовасул букIана. Чанго къоялъ цебе Наби ГIумаровас фейсбукалдасан хъван букIана гьел рищиязда сверухъ бугеб хIалуциналъул хIакъалъулъ. Мисалалъе, жинда абулеб бугила республикаялъул перинаталияб централъе нухмалъи гьабизе рес кьолеб букIанила жиндие, ректорасул рищияздаса гIахьаллъичIого чIани. Амма жинца инкар гьабунила, гьединлъидал рищияздаги гIахьаллъизе вугила. Гьединго ришват кьун щиб, цогидаб тIадецуй гьабун щиб, иш хIалуцинабулеб бугила цо-цо чагIаз.

Наби ГIумаров ккола машгьурал тохтурзабазул хъизаналдаса чи. Гьесул эбел Тамара Хашаева лъала машгьурай гинеколог хIисабалда.

Гьединго МухIамад ХIамидовасул эмен АхIмад ХIамидов вукIана ДГМАялда кафедраялъул нухмалъулевлъун. Цебесеб гIелалъул тохтурзабаз кIудияб къимат кьола гьесие. Гьединго МухIамад ХIамидов рикIкIунев вуго республикаялъул сахлъи цIуниялъул министр Танка Ибрагьимовасулги Халкъияб мажлисалъул депутат ва «Россельхозбанкалъул» нухмалъулев ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадовасулги цебесеб гIагарлъиялъул чилъун. Амма ХIажимухIамадовас прессаялдасан хасаб лъазабигицин гьабун букIана гьев жиндир гIагарав чи кколарилан.

Прессаялдасан гьединго тIибитIизабун букIана республикаялъул тIалъиялъе медакадемиялда ректорлъун чара гьечIого магIарулав къваригIун вугин абураб баян. Гьедин кандидатазда гьоркьор ругоан магIарулавги, тумавги, даргиявги.

ПалхIасил, Гъуниб азарханаялъул тохтур Муса Мусаевас ЭР-ялъе бицана гьел кандидатазда гьоркьов жинда гIицIго ХIамидов лъалин, гьесул эмен АхIмад ХIамидовас жиндие дарсал кьун рукIиналъ. Кутакаб даражаялъул эмен вукIанин гьесул, гьединавго чи васги вугин рагIанила. Гьединлъидал ректорасул хъулухъалдасаги, жиндирго пишаги гьабун вукIин лъикIаб бугила МухIамад ХIамидовасе.

Муса Мусаев: «Дида гъол кандидал гьедигIан лъаларо. Лъала ГIурадаса ХIамидов. Гьесул эмен вукIана гIаммаб хирургиялъул кафедраялъул нухмалъулев. Лъабабилеб курсалда цIакъго захIматаб сессия букIунаан нижер. Мунагьал чураяв АхIмад ХIамидовасе сунцаниги асар гьабулароан – я студентазул лъай-хъваязда, яги ришватазда.

МагIарухъ васасул хIисаб гьабулаха гьесул инсухъги балагьун. Пуланав чиясул васас щибали гьабунин рукIуна. Гьев МухIамад ХIамидов ккола тIоцеве Дагъистаналда лапароскопиялдалъун тIулае операция гьабурав чи. Гьединаб махщелги бугев чи дун вукIаравани, жибго тун ректорасул хъулухъгун, халкъалъе тохтурлъи гьабулев вукIинаан дун (гьагъабщинаб магIишаталъул ургъел тIаде босичIогоха). Гъодинав инсул вас эменго гIадав бергьараб махщалил чи вугин гIадамаз абуледухъ вукIинеха».

Гьединго ректорлъун щив кканиги, цIияв ректорас спортивияб рахъалдеги кIвар кьезе кколин рикIкIунеб буго тохтур Муса Мусаевас.

Муса Мусаев: «Мединституталъул волейболалъул командаялда гъорлъ вукIана дун. Гъоб заманалда гьелъул спортзал букIана чIунтун. Цойги букIана спортзал жаниб бассейнги жоги гьабизе бугилан бицунеб. Биокорпус бухIараб мехалда олигархал Зиявудин МухIамадовасищ, яги Сулейман Керимовасищали къачIан букIана. Гьединго къачIазе бегьилаан гьеб спорткомплексги. Цеве гьенив вукIарав ректорас (ГIабдурахIман ГIусманов – ЭР) жиндирго чуял ричунги бегьилаан гьелда тIад гIарац харж гьабизе».

Амма гIемерисез кIвар буссинабула Дагъистаналъул медакадемия лъугIун къватIире рачIарал студентазул лъай цIакъго мукъсанаб букIиналде.

XS
SM
MD
LG