МагъчIваялъе рес

ДГПУ: студентаз лъазабулеб буго ракъунчIеялъул акция


Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул инженерно-педагогикияб ва технолого-экономический факультетал цолъизариялдаса студентаз загьир гьабураб разигьечIолъи халат бахъунеб буго. Гьез тIалаб гьабулеб буго факультетал рукIахъин тезе, жидер мурадал тIурачIони жал ракъунчIей лъазабизецин хIадур ругин абулеб буго гьез.

16 октябралдаса нахъе халат бахъунеб буго Дагъпедуниверситеталъул факультетал цолъизариялдаса разигьечIезул акция. Гьелъулъ гIахьаллъи цохIо студентаз гурони, гьезул умумузги гьабулеб буго. АнкьагIан мехалъ дарсазде хьвадулел гьечIо студентал, цин гьез гIодорчIчIун тIобитIулеб букIана разигьечIолъиялъул акция, гьелдаса хадуб митинг тIобитIизе хIал бихьана жидерго университелалда цебе, амма цIалдохъабаз бицухъе, цIалул идараялъул нухмалъиялъул буюриялда рекъон университеталда гIадлу-низамалда хадуб халкколел чагIаз гьезие митинг тIобитIизе тун гьечIо.

Гьелде тIаде гьелго чагIаз университеталде журналисталги гьукъулел рукIана. Гьединлъидал жидерго тIалабазде Дагъистаналъул тIалъиялъул кIвар буссинабиялъе гIоло гьел 17 октябралда МахIачхъалаялъул аслияб майданалде ине рукIана. Гьениб республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазангун дандчIвазе бокьун букIанила жидее, гьедин гурони жидер масъалаби тIураялда хьул тIагIун бугилан лъазабулеб букIана акциялъул гIахьалчагIаз. Амма гьеб тадбир тIобитIизеги гьезие квалквал гьабуна полициялъул хIалтIухъабаз. Гьез майданалде къазецин риччан гьечIо митингчагIи, инчIого чIеларилан лъугьарал лъабго жигарчиги ккун полициялъул бутIаялде рачун рукIана. Гьел лъабаздаго тIад гIадлу-низам хвезабизе хIал бихьиялъухъ административияб иш гьабун буго. Гьебгощинаб нухалда хIалбихьаниги жал мурадалде щвечIила, гьединлъидал жидеца ракъунчIей лъазабизе бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул технолого-экономический факультеталъул цIалдохъан ГIалиева Евгенияца.

ГIалиева Евгения: «Нижеца лъазабулеб буго ракъунчIей. ТIокIаб нух бихьулеб гьечIо нижеда. КигIан акциял тIоритIаниги, чан нухалда митинг тIобитIизе хIал бихьаниги нижехъ гIин тIамулев чи гьечIо. Гьел факультетал цолъизариялъ бищунго кIудияб зарал кколеб буго дун цIалулелей инженерно-педагогический факультеталъул студентазе. Щай гурелъул цебе гьеб лъугIарал чагIи дизайнераллъун яги банкалъул хIалтIухъабилъун рахъине бегьулаан, гьанже ниж киналго кколел руго школалда захIматалъул дарсал кьолел чагIилъун. Ниж гьелда рази гьечIо. Гьединлъидал нижеца гьаб ракъунчIей байбихьараб. Гьаб сагIат нижер гьеб лъазабурал чагIи гIемер гьечIо, амма дагьаб хадуб гьел цIикIкIинилан ккола дида».

Гьединго Дагъпедуниверсителъул нухмалъиялъул ишалдаса разигьечIей инженерно- педагогический факультеталъул 5 курсалъул студентка Жамалудинова Асиятица лъазабулеб буго жидер факультетал рукIаралго хIалалъ течIони, гьенир цIалулел ругелщинал цойгидаб цIалул идараялде инегицин хIадур ругилан.

Жамалудинова Асият: «Очно цIалулев 250 гIан студент вуго нижер инженерно-педагогический факульететалъул. Гьел киналго разигьечIо нижер факультетал цолъизариялдаса. Нижее къваригIун буго ниж цIализе лъугьун рукIараб факультет лъугIизеги, нижеца тIаса бищараб махщел щвезеги, гьелда рекъараб дипломал нижее кьезеги. ТIокIаб нижеца тIалаб гьабулеб жо щибгIаги гьечIо. Нижер тIалабазухъ гIинтIамичIони гьел ахирисел хиса-басияздаса разигьечIел студентал хIадур руго гьаб университеталдаса нахъеги ун цойгидаб цIалул идараялде лъугьинегицин».

Гьединго студентазул разигьечIолъи бугоан анкьхаласа жидеца акциял тIоритIулеб мехалда цониги нухалъ жалгун дандчIвазе рачIинчIила университеталъул нухмалъийилан. Жидехъе гьанисан дорасан харбал щванила гьел факультетал цолъизаруниги жидеца тIаса бищун букIараб махщелги гьелда рекъараб дипломги щолин абун, амма официалияб къагIидаялъ гьеб баян жидехъе кьезе щивниги вачIинчIилан.

Дагьаб цебегIан Россиялъул лъайкьеялда хадуб халкколеб идараялъ Дагъистаналъул педагогикияб университеталъе букIине кколедухъ хIалтIизе рес кьолеб лицензия нахъе босанин абурал баянал тIиритIизарун рукIана. Гьеб цIалул идараялъул проректор ХIасанова Маринаца «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьеб лицензия нахъе босунин абун университет къаларила. Гьеб лъайкьеялда хадуб халкколеб идараялъ Дагъпедуниверситеталъе гьукъанила педагогикаялда хурхен гьечIел экономичекая теория, менеджмент ва биоэкология гIадал гIелмаби малъизе. ХутIараб кинабго цIалул система букIарабго хIалалъ бугила университеталда, гьелъ хIалтIиги цо къоялъгицин гьоркьоб къотIизеги тун гьечIила. Гьел инженерно-педагогическийги ва технолого-экономический цолъизариялъги цохIо цояб факультеталъул декан хъулухъ гьечIого хутIи гурони студентазе щибго къварилъи ккезе гьечIила бицана Марина ХIасановалъ. Проректоралъул рагIабазда рекъон гьел факультетал цолъизариги, гьеб цIалул идараялда гьарулел ругел цойгидал хиса-басиялги Россиялъул лъайкьеялда хадуб халкколеб идараялъул тIалабалда рекъон, университет лъикI хIалтIиялъе гьарулел тадбирал ругилан.

Гьаниб абизе ккола лъагIелгун бащадалъ цебе гьеб Дагъпедуниверситеталъул нухмалъулевлъун цеве республикаялъул премьер-министрлъун вукIарав ГIабдулаев МухIамад тIамун хадуб гьеб цIалул идараялъул хIалтIухъабазулги студентазулги разигьечIолъи лъугIулеб гьечIилан. Цин университеталъул хIалтIухъабаз чанго кагъатги хитIабги гьабуна Россиялъул ва Дагъистаналъул тIалъиялде ГIабдулаевасул хIалтIудаса разигьечIолъи загьир гьабун.

МугIалимзабаз лъазабулеб букIана гьес хъулухъазда щибниги лъай гьечIел, жиндирго гIага-божарал чагIиги тун университеталъул хIалтIи нахъе ккезабулеб бугилан. Гьелдаго хадуб ГIабдулаевас универстиеталъул бюджеталдаса гIарац бикъулеб бугин абун ахIи бахъинабуна, хадубги гьес гIарцухъ росулел ругила студентал цIализейилан абун дагъистаналъул прокуратураялъ такъсиргьабиялъул ишги рагьун букIана. Гьединго исана март моцIалда пед университеталъул лъабнусгогIан студентас жидее кколеб стипентия кьечIин абун гьеб тIалаб гьабун митинг тIобитIун букIана.

XS
SM
MD
LG