МагъчIваялъе рес

ДГПУялъул финансазул документал рахъун ана цIех-рехчагIаз


28 апрелалда Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикаялъул университеталъул финансазул документал рахъун ун руго жанисел ишазул хIалтIухъабаз. Университеталъул хIалтIухъабаз гьеб иш базабулеб буго гьезул студентазе кьезе букIараб гIарцул 20ялдаса цIикIкIун млн. тIагIиналда.

Итни къоялъ Дагъистаналъул Пачалихъияб педагогикияб университеталъул нухмалъиялъул хIалтIул къо кидаго гIадин гуреб, радал анкьгоялда байбихьана.

Гьелъие гIиллалъун ккун буго радалго рачIун чанго сагIаталъ ректорасул хIалтIулеб рокъоб ва бухгалтериялдагун, гьеб цIалул идараялъул администрациялъул хIалтIухъаби рукIунеб рукъзабахъ къуваталъул идарабазул вакилзабаз чIухьбаялда релълъараб тадбир тIобитIи.

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон гьениб тIубан чIухь балеб букIун гьечIо, амма доре гьаниреги раккарун чанги документал рахъун руго руго гьениса низамцIунулез.

Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун ва гьелдаса хадуб цIалул идараялда бугеб ахIвал-хIалалда тIасан, ЦIар бицине бокьичIев гьеб педуниверситеталъул хIалтIухъанас «Эркенлъи» радиоялъе, гьадин бицана.

Педуниверситеталъул хIалтIухъан: «Дагъистаналде ритIун рачIарал Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалда бугеб бутIаялъул хIалтIухъабаз гьениса финансазда хурхараб документация бахъанин кколеб бугоха нижеда.

Жал гьеб идараялъу вакилзаби ругин аби гурони гьез жидерго документал нижеда рихьизаричIо. МухIканго кинал документал гьез аралали бицунеб гьечIо нухмалъиялъ, гьез кинабго балъго гьабизе хIаракат бахъулеб буго, амма гIезегIан документал гьениса рахъун араблъи хIакъаб жо буго.

Нижедаго кколеб буго гъоркьисала лъагIалил ахиралда студентазе кьезе кколеб букIараб, амма гьезухъе щвечIого тIагIараб 20 миллионги хадубги гIарцул ахIиялда хурхун гьабураб иш бугилан.

КIвар цIикIкIараб иш букIинчIебани нилъер низамцIунулезда божун течIого гьел федералияб идараялда хIалтIухъабийищха рачIинел рукIарал. Гьез кинабго цIакъ бахча-хьванги гьабулеб букIана.

Радал анкьогоялда нижер ректорги гьесда цадахъ цо чанго чиги виччан вуго гьез хIалтIулел бакIазде, тIокIав цIалул идараялъул администрациялъул цониги хIалтIухъан виччачIо. Гьез лъазабун букIана 11 тIубазегIан щивниги виччазе гьечIин, гьелдаса хадур рачIайилан. Гьез абураб заманалда ниж хIалтIудеги риччана».

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакилзабаз «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьеб педуниверситеталда лъугьа-бахъунелъул хIакъалулъ жидеда щибго лъалеб жо гьечIилан, жидер хIалтIухъабиги гьенир рукIинчIилан.

Гьебго университеталъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIамиров ГIамирицаги гьел документал рахъун иналда тIасан кинабгIаги баян кьечIо. Нухмалъиялъ киналгIаги комментариялги гьаругейин, баяналги кьогейилан лъазабун бугин абуна ГIамировас, «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасда.

Гьевго чияс «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб цIалул идараялда цIакъ захIматаб ахIвал – хIал бугилан, къойидаса къойиде гьеб тIадеги хIалуцунебги бугилан. Гьеб киналъего гIиллалъун кколила гьеб Дагъистаналъул Педагогикияб Университеталъул хIалтIухъаби ректорасул ишал тIуралев ГIабдулаев МухIамадил рахъ ккурал ва гьесде дандечIаразде рикьун рукIин.

ГIемерисел мугIалимзаби гьев цIияв ректорасда дандечIун ругилан баян гьабуна гьес. ГIабдулаевасдаса разигьечIолъи загьир гьабун гьез чанго кагъталги хъван рукIун руго лъай кьеялъул министерлъиялде ва республикаялъул нухмалъиялъухъе.

Гьезул рагIабазда рекъон гьадингоги захIматаб хIалалда бугеб институталъул хIалтIи ГIабдулаев вачIун хадуб тIубанго хун рагIула. Гъоркьисала лъагIалил ахиралда студентазе кьезе кколе букIараб гIарац тIагIинабун хадуб ва гьелда хурхун ахIи бахъун хадуб цIалулеб бакIалда ГIабдулаевасул тIубан къимат хванин абулеб буго гьенир хIалтIулез.

РакIалде щвезабилин 20I3 соналъул ахиралда педуниверститеталъул 400 студентасе щвезе кколеб букIараб анкь аза-азар гъурущ кьун гьечIо. Студентаз гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабун чанго нухалда митингалги тIоритIун рукIана.

Цо митингалдаса хадуб гьезие квералъ хъварал документазда гъулбасги гьабизе тIамун анкьгоялъул бакIалда аза-азар гъурущ кьун буго. Хадуб тIатун буго гьел документазда цойилалъул анкьилабги лъугьинабун цIалул идараялъ щивасе 7 азарго гъурущ кьунин абун документал хIадурун рукIин. Гьеб гIарац тIагIиналда хурхун такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго Дагъистаналъул прокуратураялъ.

Гьелда тIадеги гъоркьисала сентябралда цIализе рорчIичIониги 25 чи университеталде росиялда хурхун, цIализе росаралъухъ гьезухъа гIарац босиялъул щаклъи букIун ГIабдулаев МухIамадида тIад такъсиргьабиялъул ишги гьабун буго.

ЦIех-рехалъул идарабаз кьурал баяназда рекъон гьеб ишалда сверун цIех-рех унеб буго Дагъистаналъул педагогикияб университет буго республикаялъул тIадегIанал цIалул идарабазул бищун кIудиязул ва цояблъун.

Гьаб сагIат ректорасул ишал тIуралевлъун тун вугев Дагъистаналъул парламенталъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIабдулаев МухIамадица гьеб хъулухъалда лъагIел бана. 20I3 соналъул ноябралъ байбихьана гьеб цIалул идараялъул ректорасул рищиял, амма жакъа къоялде щвезегIанги гьезул хIасилал гьарун гьечIо. .
XS
SM
MD
LG