МагъчIваялъе рес

Сивухъ. Бидулаб март


Нажмудин Самурскиясе мемориал лъеялъул хIукмуялда сверун бахIсазул бицунеб макъаялаялъул дандерижи.

Дагьаб цебегIан "Эркенлъи" радиоялда кьун букIана Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас МахIачхъалаялда Нажмудин Самурскиясе памятник лъезе ккеялда хурхун бахъараб хIукмуялда тIаса макъала "Памятникал рала пачазабазе..." абураб цIаралда гъоркь.

Макъалаялда рехсон рукIана Самурскиясул нухмалъиялъул заманалда гьарурал такъсирал ва гьесие памятник лъей кколин хварал, чIварал репрессиязул къурбанал ва гьесул наслаби инжит гьари гIадаб жойин абураб пикру.

ХIасил калам, Рамазан ГIабдулатIипов ахIулев вукIана жамгIияталъул пикру лъазабичIого лъураб гьеб памятник лъечIего тезе. Гьеб темаялда тIаса бахIсал рукIана "Миллат" газеталдаги. БачIун букIана макъала Гиничукь росдада тIад гьабураб зулмуялъул ва чIварал гIадамазул 1921 абилеб соналъ Самурскиясул нухмалъиялъул хIасилалда. Цойги гIащтIичиясул нухмалъи ва багIаразул вахIшилъи ва тIурал биял рехсараб макъала бачIана долъие дандерижилъун ЧIиркъатIа музеялъул директор Ибрагьим Ибрагьимовасухъа.

Гьес хъвалеб буго: " Гьеб букIана 1921 соналъул 11 март, рузманкъо, рузманалдаса рахъунел бихьиназда лъана росулъе БагIар Армиялъул отрядал рачIун рукIин ва мажгит сверун ккун букIин. РачIана гьел, бихьиназда гъорлъа багIараз ратIа гьарулел рукIана гIолохъанал, лага-черх бугелщинал чагIи.

Гьедин гьез рищун ратIа гьаруразул къадар 27 чиясде бахана. Гъоркьалъалие восарав 27-авго чи жанир тIамуна мажгиталда аскIор ругел Чупаласул Сулейманилги МухIамадил ХIасанилги рукъзабахъ. Росдал жамагIаталда цебе большевиказ лъуна тIубазе ресго гьечIел тIалабал: росулъа бакIарун кьезе 500 туманкI, 300 таманча ва ХIоцоса Нажмудинил боязда гъорлъ гIахьаллъаралщинал чагIи. Имам Шамилил заманалъго букIараб цо чанго туманкI гурони росдада бакIаризе кIвечIо.

Росдал старшина ШугIайпил Абакардибир лъугьана большевиказул командирасда бичIчIизабизе гьеб къадар яргъил росулъ киданиги букIинчIин ва Нажмудинил бодулъ рукIарал чIагIаз росу танин абун. Бицунаго хабар ахIи-хIуралде сверана ва Абакардибир гьеб бакIалда нодо бакьулъ гуллаги речIчIун чIвана. Гъоркьалъалие ккурал бихьинал кIи-кIи, лъаб-лъаб цоцадеги рухьун росдал тIасияб годекIанире рачуна ва тIалаб гьабулеб къадар яргъил кьечIони, гьел чIвазе ругин лъазабула. Къо бухIарал сахъал сихIкъотIиялда рукIана.

ЦIараб заман арабго Чупаласул Сулейманил тIохдасан гъоркьалъалие ккуразде пулеметалъ тIухьидул цIцIад бана. Гьеб бакIалда сахъадерил 24 чи чIвана. Доре рачунаго нухасан квералги ричун вахчизе кIварав Ибрагьимил МухIамадсултанги, нахъисеб кьерда рукIиналъ чIварал гьалмагъзабазде гъоркье ккун рорчIарал Щайихил Жалалудинги, Къурбанил Лабазанги рорчIана. Гьалмагъзаби чIвалел рихьидал ццидаца гьалаглъарав МухIамадсултан, бахчараб бакIалдаса туманкIги босун тущбаби гъуризе жувана.

ТIоцебесеб гьесул гуллаялъ большевиказул командир гIодов лъуна. Хадусеб щуго гуллаги гIужда щвана, амма багIаразул гуллил цIадалъ МухIамадсултанги щапана. Большевиказ хадусеб кIиго сагIаталъ росулъ вата-ватарав чи чIвана. Рукъзабахъе, бокьахъе, тIохазде рахун, гьез росулъ бихьинал, руччаби, херал, бахIарал, гIисинал, чIахIиял-щибго батIа гьабичIого, шурулеб жо течIо.

Нахъисеб къоялъ росулъ чIаго хутIаразда гъорлъа вилъине кIолев 28 чи вачана жидерго чIварав 7 большевикасул жаназаги баччун Болъихъе. Гьедин 1921 абилеб соналъул II марталъ Гумбет районалъул Сивухъ росулъ большевиказул къурбаналлъун ккана 132 чи. Гьелдаса моцI гIечIеб заманалъ цебе Гиничукь гьебго вахIшилъиялда чIван вукIана 68 чи.

Гинчадерил балагьалъул гIемераз бицуна ва гьеб дагъистаниязда лъала. Амма сахъадерил балагьаб лъугьа-бахъиналъул биценго рагIичIелъул, дир пикру ккана гьеб киназдаго рагIизабизе. Гьебги нилъер миллаталъул цоги бидулаб тIамач бугелъул" - ин хъвалеб буго Ибрагьимица.

Гьел чIварал гIадамазул жаназаби рукъизе чагIи гьечIого анкьаца къотIнор хутIун рукIанинги бицана Ибрагьимица. Кинаб пашманаб къисмат??? ГIадада абураб жо букIун гьечIо хIурият гьабизе пикру кьолин идеалистаз, гIумруялде бахинабулин фанатаз, тIалъи босулин хIалихьатица абун. Гьел бищунго къосарал, инжитал, хIалихьатал ва хIинкъарал гIадамазул вахIшилъиялъ гIемер биял тIуна, туснахъ гьаруна, Сибаралъул бецIал рохьазда ракъуца ва квачалъ хвезаруна нилъер умумул.

Гьеб буго улкаялъул тарихалдаса бищунго рогьоял тIанчал, киданиги кIочене тезе бегьуларо рогьояб иш, кIочани гьеб нахъойги такрарлъула. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG