МагъчIваялъе рес

Амузги росдал къисмат ва чIунтулел росаби


Дагъистаналда цойги росана чIунтана. Аллагьасул къаралде щвана жанир гIумру гьабулездаса ахирисей чIужугIадан. Гьеб буго некIсияб яргъил устарзабазул росу Амузги. Тарихалда машгьураб росу буго, гIемераб некIсиял хъвай-хъвагIаязулъцин ракIалде щвезабулеб.

Росу машгьурлъана кIудияб букIун гуреб, гьеб машгьурлъана жанир кидаго Кавказалда ссиялда букIараб ярагъ - хвалчаби, хунжрул, тунчул, къолдаби ва такъияби къотIулел устарзаби жанир гIураб росу букIун.

МагIарулазулги кидаго бухьен букIана гьезулгун, хасго лъабкъого соналъ халат бахъараб Кавказалъул рагъул заманалда.

ГIадада абурал рагIаби рукIинчIо "амузгиязул хвалчен, Ахъбердиласул рачлихъ" абуралги. БахIарчиясда тIад лъикIаб, къиматаб ярагъ букIанин абураб магIнаялда рехсон буго гьаниб росу. Чанго къоялъ цее къадаралда щвана гьеб бечедаб тарихалъул, бахIарчиял гIадамазул росулъа ахирисей чIужугIадан, 80 соналдаса тIаде гIумру арай Нугъаева ПатIимат.

Лъимал гьелъул церего шагьаралде гочун рукIун рагIула, жийго гочизаюн бажарун гьечIо. 1988 абилеб соналъул пачаясул Россиялъ гьабураб хъвай-хъвагIаялда Амузги росулъ бихьизабун 54 цIараки. Гьездаса 46 чи вукIанила яргъил устар. Щибаб рукъалде гIунтIун рукIун руго гьеб пишаялда. 1935 абилеб соналъ 40 гурони цIараки хутIун гьечIо. Жалго амузгиял руго кубачиязул мацI бицунел даргиял, жал хасаб миллат бугинги абула цо-цояз, нилъер дидояз гIадин.

Пачалихъалъ гьел рачана даргиязда жанире советияб пачалихъалъул заманалда. 1944 абилеб соналъ чачанал Гьоркьохъеб Азиялде гочинарун хадур амузгиял зулмуялъ гочизарун руго Чачаназул Шурагъат районалде. Гьениб гьезда бихьизе гIакъуба хутIун гьечIо гьава-бакъ хисиялъ. Лъабкъоялда анцIго процент унтун хун ругин хъвалеб буго гьезул росдал тарихалда.

Нахъе хутIарал дагьа-макъал чагIи руссун руго Дагъистналде ва росулъе. 2002 абилеб соналъул хъвай-хъвагIаялда рихьизарун руго Амузги росулъ 2 чи, 20I0 абилеб соналъин абуни 1 чи. Гьеле гьал къоязда хварай ПатIимат Нугъаева йиго гьей. Пашманаб къисмат, жаниб гIумру лъугIараб, чIунтараб росу.

Чан батIияв инсан тирун ватила гьенив, чан рокьи, чан кьал, магIуги гьимиги, роххелги, пашманлъиги къартI бугел гIолилалги, ригь арал хералги тирун ратилел гьеб росулъ?

Гьеб хIикматаб тарихалъул росу жаниса гIаламги ун гIицIго, янгъизлъиялда хутIана, хIурулал архивалъ, хъвай-хъвагIаязулъ, ракIалдещвеязулъ, харбалъ, къисабалъ ва кучIдулъ хутIана гьелъул тарихги къисматги. Щибаб соналъ чIунтулел руго магIарухъ росаби, гьитIиналниги кIудиялниги.

ГIалам унеб буго кIудияб дунялалде, ахIи-хъуй гIемерал шагьаразде, мегаполисазде, рахIатаб гIумруялда хадур. Росабалъ хутIулел руго гьадай херай амузгияй гIадин гъаримал, херал умумул. Кин доб букIараб поэтасул, "унтун бусада вуго мискинаб росулъ херав, холев вугин живилан, кумек гьабе, лъималин. Лъимал рикIкIада руго кIудияб дунялалда, кIодолъарав херав чи гьезда вихьулев гьечIо" - ян. Гьеб буго тIолго Дагъистаналъул унтиги, масъалаги, чIунтулел росаби ва реххун толел мугIрул. Кидаго букIараб масъала бугин ккола гьеб хIисаб гьабурабго. МагIарухъ дагьабниги саламатаб росу сверухъ рукIуна цере умумуца боцIи хьихьизе санагIалъиялъе рарал кулал.

Абула пуланаб тухум букIанила кинабалиго колохъ хадур кIудияб росулъе гочанин. Киназго абулеб жоги букIуна цохIого: "Гьадаб нижер чIунтараб колохъ букIун буго кIудииияб росу некIо, гьениса нусго хъахIаб чода рекIарав чи вахъулев вукIун вуго чабхъад" - ин абула чанго биххараб чIваданги бихьизабун. Гьеб хабар анцIго батIияб росдадаса рагIана дида, щаялиго киназулго гьел чуялги рукIун рагIула хъахIал, я чIегIерал гурел, я багIарал гурел.

Гьединаб буго халкъияб кIалзул гьунарин телаха. ХIасил калам, цере кулабахъа росулъе гочун, хадур гьениса райцентразде гочун, жакъа магIарухъа шагьаралде гочун унеб буго кIудияб урбанизациялъул процесс. Масала, Франциялда росабалъа шагьаразде гIадамал ун рагIула ХIХ гIасруялдаго.

Ункъого проценталде гIагарун пачалихъалъул халкъ рагIула шагьаразда. Гьеб "унтуца" ккун буго жакъа тIубанго Дагъистан. ЦохIо рахIат хвезабулеб жо буго Дагъистаналъ жиндирго хаслъи, хатI, тарих билулеб букIин. Нилъер умумузул махщел-гьунарги, гIумру-яшавги, ретIел-тIехги, рукIа-рахъинги маргьабалъ гIадин биценазулъ ва харбалъ хутIулеб буго.

Нилъ релълъунел руго глобалияб дунялалда инкубаторалъ риччарал гIанкIудал тIанчIи гIадин цоцада релълъарал. Нилъ хутIун гьанир ахада магIаруллъи беццун кучIдул ахIулел. "Дир ракI мугIрузда буго, дунго ахада вуго" - ян абухъе. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG