МагъчIваялъе рес

ХIалихьат бергьунеб рагъ ва цIияб заман


ХIХ абилеб гIасруялда гIурусазул дворяназдагун аристократиялда гьоркьоб бокьараб жагъалаб, чиясул къадруялда хъинтIараб рагIухъ дуэлалде ахIулаан. Гьеб къадру цIуниялъул къануналда рекъон, тохаб, ургъичIеб рагIул къурбаналлъун кколаан битIун завалалда ругел гIолохъаби. Гьениб хасаб лебаллъиялда ва бахIарчилъиялда бараб жоги дагьаб букIана. Икъбал битIун ккеялда, цебе кьвагизе щвеялда, гIемерисеб мехалда эхеде реххараб гIабасиялъ къотIулаан чиясул къисмат. Гьеб гIадаталъ битIахъе харицелалъ чIахI гIадин рецана чанги лебалал гIолохъаби ва цере тIурал гIадамал.

Нилъеда лъала, гIурус адабияталъул бищунго гвангъарал цIарал, "гIасрудал чирахъал, пикрудул нартал" - Александр Пушкин ва Михаил Лермонтовасул гIумруялъул кунал тIуна цIакъ гIолохъанго. Жеги бакъ къалъилелде свана гьезул гIумру, дуниялалъул адабияталъе хвел гьечIеб нахърателги тун. ГIага-шагарго гьебго ахIвал-хIал букIанин абизе бегьула дол гIасрабазда Кавказалдаги.

Щивав чияс тIоцебесеб иргаялда борчизе кколаан тIад лъикIаб, мухIканаб ярагъ. Гьеб букIана къадруялъулги, цо-цо мехалда инсан кинаб социалияб хIокIида вугевали бихьизабураб гIаламатги. Узденчияс ахирисеб гIарац кьунги босулаан лъикIаб, тIад гIарац бекьараб ханжар - рачел, таманча, ретIел-хьит ва лъикIаб чу.

Гьеб букIана чара гьечIеб шартI, хутIараб кинабго - хадуб. ГIусазул дуэль гIадаб хасал шартIал ругеб рагъ магIарулазул букIинчIо, амма рукIана кагътиде росичIел мугIрузул законал гIасрабаца гIасрабахъе, гIелаз гIелазухъе кьун цIунарал.

ХIатта тушманасдацин нахъасан балъго гулла речIчIизе бегьулароан, рагъ гьабизе кколаан бадиса бадибе, хасго кIудияб рогьолъун букIана тIад ярагъ гьечIев чиясда, яги гьоболасде квер борхи. Гьеб нилъеда якъинго бихьула аваразул халкъияб кIалзул гьунаралъулъ, кучIдузулъ, къисабалъ, харбалъгун кицабалъ, магIабазулъгун, халкъиял кучIдулъ. Тушманасда балъго речIчIизе бегьунгутIиялъул мисал. "ГIалил МухIамадил ва КаримилхIажил" кочIолъ эмен чIварав чиясдаса къисас босулев васас абулеб буго:

"ВачIаха ле, тушман, танчил рагъ базе

Цебе речIчIизеги мунгоги телин..." - абун.

Гьалдасаги нилъеда бихьулеб буго хIатта квер цебе ккарас босулеб къисасалъулъцин магIарулас къадруялъул гIорхъабаздаса къватIибе гали бегьулеб гьечIолъи. Гьединабго бахIарчилъиялъул ва къадру цIуниялъул мисал нилъее бачунеб буго машгьурав "Хочбарил", аваразул халкъияв бахIарчиясул кочIоца.

Гьениб аслияб рогьолъун рехсолеб буго гьоболасе рекIкI гьабизе бегьунгутIиялъул къанун хвезабиялъ. ГIадада гуро цIадаве унев Хочбарица халкъалдехун вуссун абулеб бугеб:

Хиянатаб тIалъи ва тIекъаб ханлъи,

Халкъалъе хутIила дир кици - бицен.

Эркенлъи бокьарал кьалул васаца

Кьела дир хабарал цереса цере..." - ян. Кьунагури гьеб бицен гIасрабаца нилъер умумуца цоцахъе. Хочбар вукIараб заманги лъалеб гьечIо, щив ханас гьесие хиянат гьабурабги баянлъичIо, кинав шагIирас гьаб хIикматаб асар хъварабалиги билана. Амма нус-нус сонаца магIарулаз мисаллъун рехсон лъималазда цIар лъолеб буго бахIарчиясул ва нагIана кьолеб буго хиянаталъе.

Цо-цояз Хочбар абурав чи вукIин лъида лъалебин щакдараби загьир гьаруниги, хIакъаб жо буго магIарулаца хIужаялда тIад бижараб гурони шигIру-кечI наслабахъе кьечIеблъи. Щай? Щай гурелъул гьечIев ханасдеги, гьечIев Хочбаридеги шагIирас кечI хъвалароан, хъваниги халкъалъ къабулги гьабулароан, гьав чияс сундул бицунеб бугин, гьав щайтIабаца ккун вугиланги абилаан.

Гьел ралъдахъ ралагьун кучIдулгун къисаби шагIирзабаца ургъун рахъулеб заман бачIана къоабилеб гIасруялда хIурият бергьун хадуб. Пачалихъалъул заказаз, книгоиздалъул гонорараз ва мухъ рикIкIун реххулел мугьаз. Гьеб батIияб заман ва батIияб тарих буго, гьелъул бицинаро. Дица гьадал гIурусазул дворяназулгун аристокртазулги, магIарулазул уздензабазул, чIункIбузул, бегзабазул ва нуцабазул тарих ва къадру цIуниялъул тема щай гьаниб бачараб?

Щай гурелъул, жакъасеб щайтIан дуниялъул ва инсанасул бералдаса ва гIиналдаса хехго информация цоцахъе щолеб заманалда хасго вахIшияб, хIалихьатаб ва рекIкIаб буго ярагъги, чияс чиясдаса босулеб къисасги. Гьанир гьечIо киналгIаги я законалъул, я шаргIалъул, я гIаданлъиялъул гIурхъаби.

Цо вахьнаяс бецIаб рокъов мониторалда нахъаги вахчун макьу ва хIалхьи билизабулеб буго нус-нус, аза-азар чиясул. Гьесул рагIабазухъ жаваб тIалаб гьабизе кIолеб гьечIо я гьесул чороклъиялъул къорикье ккараз, я жамгIияталъ, я пачалихъалъгун законалъ. ТIубанго къадруялда ва бихьинчилъиялда къоно чIвараб бачIанин гIасруян абизе бегьула. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG