МагъчIваялъе рес

Байрамазул, баркиязул ва хIакимзабазул хIакъалъулъ


Дагъистаналда халкъал цолъиялъул байрамалъул къо, 15Сен2015
Дагъистаналда халкъал цолъиялъул байрамалъул къо, 15Сен2015

Дагьал церегIан къояца социалиял сайтазда унеб букIана цо дагIба улкаялда тIоритIулел байрамазда хурхун. Россиялда цолъиялъул къолъун лъазабураб ункъабилеб ноябрь лъугьун буго улкаялда цолъиялъул гуреб миллатал ва динал рикьизарулеб къолъун. Гьел къоязда Россиялъул шагьаразда къватIир рахъула миллатчагIи улка чIегIераздаса цIунизеян цоял, мигрантаздаса цIунизеян цогидал, кIияздасагоян лъабилел. Щиб жо кколеб гьеб байрамкъо? Гьаб хъвай-хъвагIаялъул аслияб пикру букIине буго гьел "байрамал" щал ва лъица гьел тIоритIулел абурал суалазда тIад ургъи. Гьебги гьабизе ккола нилъеца цадахъ - бицунев дицаги, гIенеккарал (макъала цIалулел) нужецаги.

Чанги баркиял рагIана нилъеда. ЦIияб сонила, руччабазул къойила, ччугIихъанасул къойила, бергьенлъиялъул байрамила - баркулелго баркулел рукIуна цоцада, гьаб кеп-ихтилат хирияб истаканалда къвалги бан къоял тIамулеб гIурус пачалихъалда гIадамал. Гьел гIурус ва халкъазда гьоркьосел байрамазда тIаде кIиго кIудияб бусурбабазул байрамги буго нилъер – КIал биччан къо ва Къурбан къо абурал.

Цониги ватиларин абизе бегьула жакъасеб Дагъистаналда аслу-кьибилги бусурманав, бусурбабазул байрамал кIодо гьаруларев чи. Гьел киназго гьарула. Атеист ватаниги гьабила дуца гьеб, ягьудияв, яги мажусияв ватаниги гьабила, гьабичIого ресги гьечIо. Гьел байрамал гьарулел гIадамазда гьоркьорги руго батIи-батIиял къокъаби – Исламалъул байрамал тун хутIарал хIарамлъун рикIкIунел руго цоял. Руго Исламги гьабулел, хутIараздеги кIудияб дандечIей гьечIел, нухда гIодов ватарав чиясда хIеренго «с праздником» абулел гIадамалги.

Амма буго цо хасаб къапила лъабабилеб къокъаялде кколеб - ххвалие, гIадат гIадин Исламалъул байрамги гьабулел ва битIахъе зодиса вахIю рещтIараб гIадин, гIурус байрамкъояздеги руссарал. Гьеле гьеб лъабабилеб тайпа гIадамазул букIуна щиб ахIвал-хIал киб бугониги, жидее санагIалъи гьабизе лъалел чагIи. Гьез кIодо гьарула ччугIихъабазулги, бухьенчагIазулги, гамихъабазулги, къадахъабазулги, Святой Валентинилги, руччабазулги, ай календаралда хъванщинал къоял. Гьел къоязде къачIараб хасаб нахърател сайигъатазулги, абулел рагIабазулги, гьарулел баркиязулги букIуна гьезул. Гьел руго щибаб миллаталъул ва диналъул, амма гьел руго хасаб тухум-тайпаялъул гIадамал. Гьел руго хъулухъчагIи, гьезда жидер "мазгьабалъул" чагIи рихьарабго ратIа-рахъизеги лъала, хасал гIаламатал, ишараби рукIуна гьезул.

Гьезул хIалтIул столалда тIад бугеб календаралда букIуна щиб къоялъ кинав хIаким гьавун вугевали хъван. Гьединаб хасаб класс, къавм букIинги бичIчIун, жиндир заманалда ХIажи ГIабашиловас риччалаан календарал щибаб тIанчида инсанияталъул тарихалда лъалкI тарал чагIиги, гьезда цадахъ нилъер заманалъул бахIарзазул цIаралги тIад хъварал.

Гьеб батана кутакалда санагIатаб бизнес-проект - киналго хIакимзабаз, хIакимзабазул гIагарлъиялъ, хIакимзабилъун рахъине хьул лъураз, хIелхIелчагIаз ва гьезул чукъа-рахьаналъ росулаан гьел календарал кинаб къоялъ пуланав хIаким гьавун вугевали лъазе. Гьеб рецц- бакъги, гьавураб къо багьана-хIалае ккун кьолеб «гъоркьан - ратIа, тIасан - бохалъги» нухал рагьулаан бюджеталъул чIахIиял цагъразде.

Масала, радал хIалтIуде щварав хIакимас календарь бегарабго, гьениб хъван букIунаан: «В этот день родились Наполеон Бонапарт, Александр Пушкин, Камиль Давдиев и Эдуард Хидиров» яги кинавалиго министр ва щивалиго мэр. Иргадулав хIелхIелчиясе хIадурарабго багьана букIана хIажатав чиясухъе сайигъатгун ворта-хъетизе. Мунги Наполеонги гьавураб къо бугинха жакъа абун лълъар борхизе гьесул рахъалъ. Гьесул кIаркьаби багIарлъун рачIунаан, гIамал кIодолъун бачIунаан, бокьула гьесие гьабулеб рецц. Гьев рахIмуялъул бераз валагьула гьадав сайигъатгун жив Наполеонидаса къурав гьечIин абизе вачIарав чиясухъ. Гьесда лъала дос бицунеб жо гьереси букIин, амма гьеб гьереси букIуна цIакъ асул гIиналда рагIизе бокьулеб, бакъан берцинаб гьереси. Гьеб лъугьуна наркотик гIадин ва хIелхIелчиясул яшав лъикIлъула.

Гьелъул хIасилалда азарго досие сайгъатги босичIев, хIелизеги лъаларев, лъаниги гьеб гьабуларев чи хутIула бакъалда, "Наполеонил" амбициязул къурбаналлъун. Гьал дица хъварал рагIабазул магIна кколаро киналгIаги байрамалги, къо-моцIалги, нахъа таралъул хIасилги, цебе бугелъул хIисабги хIажат гьечIеб жо бугин абураб. Гьалъул магIна буго гIадамаца гIемерисеб мехалда ишалъул хIасилалдаса, магIнаялдаса, пайдаялдаса цIикIкIун кIвар кьолеб бугин ххвалие гьабулеб жоялъе, рихьдае, бер бухьиналъе гьарулел ишаздеян абураб. Гьеб гьабулел чагIиги рукIунин бюрократал, конъюктурщикал, жидеего санагIат балагьулел, чIванкъотIун цониги ишги лъаларел, гIураб лъайги гьечIел, халкъалъе пайдаги кьоларел гIадамалин абураб. Гьеле гьеб халкъалъ ва гьеб халкъалъе ургъун рахъарал жал руго байрамкъоял ва хасал къо-моцIал. Баркиязухъ ралагьун рукIуна кIудиял хIакимзаби, баркизе щоларого рукIуна кIудияллъун рахъизе бокьарал гьитIинал хIакимзаби. Гьезда цо-цо мехалда календаралъухъги ралагьун гьаб бакъгун къоги жидер изнуялдалъун бачIараб жоян ккола. Кин букIараб доб поэтасул гьезде хъвараб?

Роржунел хIанчIазде ццидакь руго,

Гьездаса цо кепкил пайда гьечIилан..." - гурищ?

ХIажат ругищ нилъее байрамал, гьез улкаги халкъги цолъизейищ гьабулеб бикьизейищ? Бугищ тIалъиялъулгун халкъалъул гIаммаб байрам? Дир пикруялда гьединаллъун хутIулел руго гIицIго диниял байрамкъоял, щайгурелъул диналъ миллаталъухъ, кьералъухъ, бакIалъухъ ралагьичIого ращад гьарун руго киналго бусурбаби, хутIарал халкъаздеги бихьизабун буго рахIмуялъул бербалагьи.

Хабар лъикIаб рагIайги!

------------------------------------------------------------------------------------------------------

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG